Новость на родном

Берцинаб херлъиялъул тахида

    МугIрул чIужугIадан, гIемерал соназ ГIодана поэтал нужехъ ралагьун.  Нужер къварилъиги нужер къисматги Къалмикье босана, угьдилаго, гьез.               Расул ХIамзатов    КIудияв шагIирасул гьал рагIаби гьанжеги ракIалде щвана, магIарулалги хирияй магIарулазеги йокьулей ПатIимат Рамазановалъул хIакъалъулъ хъвазе лъугьиндал.    МугIрул чIужугIадан! Унго-унголъунги хIисаб гьабураб мехалда, дур намусалъул тIадегIанлъи. СогIал кьурабазги пахруго чIухIарал рорхатал мугIрузги тарбия...

Новость на родном

«62 соналда жаниб цониги нухалъ ракIалде ккечIо хIалтIудаса нахъе ине»

Аваразул «Левитан»      ТIабигIияб гьунаралъухъ ва гIемерсонилаб ракIбацIцIадаб хIалтIухъ гIемерал шапакъатал кьун, кIодо гьаюна ПатIимат Рамазанова хIукуматалъ, мустахIикълъана баркалаялъул рагIабазе ва гIарцулал премиязе. Гьале гьездаса цо-цоял: СССРалъул Министрзабазул советалда цебе бугеб радиовещаниялъул ва телевидениялъул Пачалихъияб комитеталъул ХIурматалъул грамотаби (1957, 1966 сонал), ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул ХIурматалъулал грамотаби (1958, 1977 сонал), СССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул...

Новость на родном

Гьудулзабаца мун ахIулев вуго…

         Даку… Даку Асадулаев! Гьеб цIар лъица бугониги абулеб рагIани яги ракIалде щвани, чIахIияб гIелалда, хасго магIарулазда цебе тIамула хIалихьалъи мукъсанаб, гIаданлъи бечедаб, яхI-намус щулияб, халкъалъул тIалабги гIадамасул къиматги бугеб кIудияб Советияб улкаги ва гьеб заманалда загьирлъарав, жакъагицин жиндир даражаялде лъилниги гьунар бахинчIев, магIарулазул бергьарав кочIохъан, мунагьал чураяв Даку Асадулаевги.    ...

Новость на родном

ЗахIматалъ лъадарарав

  ГьабсагIаталда Дагъистаналда вуго КIудияб ВатIанияб рагъул 37 ветеран. Руго районал гьезул къадар цIакъго дагь бугел, руго цониги ветеран хутIичIелги. Гъуниб районалдайин абуни вуго 2 ветеран — Сугъралъ росулъа ХIажи ГIинчилов (98 сон) ва Бухтиб росулъа ТIагьир ТIагьиров (104 сон).              Гьал къоязда ниж щвана МахIачхъала шагьаралъул Хушет поселокалда гIумру...

Новость на родном

АхIмадил тIерхьунареб цIва

     Гьаб соналъул 4 январалда 60 сон тIубалаан РФялъул БахIарчи полковник АхIмад ТIинамухIамадович МухIамадов гьавуралдаса. Амма гьев нилъедаса ватIалъаниги, гьесул цIарги ишалги гIасрабаз мисаллъун хутIила халкъалъул рекIелъ.   Щивав чиясда гIумруялъул нухда дандчIвала батIи-батIиял гIадамал. Амма руго цо-цо гIадамал киданиги сунцаниги хъвагIан унарел лъалкIал гIумруялъулъ нахъе тарал ва гьелдалъун цогидаздаса тIубанго батIиял. ГIумруялъулъ нилъеда...

Новость на родном

Аллагьин ахIулеб дур рекIел кIутIи…

       ЦIияб соналъул байбихьи пашманаб хабаргун рещтIана магIарухъе. 4 январалда нилъедаса ватIалъана накъшубандияб ва шазалияб тIарикъаталъул устар Инхелоса Мансурил МухIамад-афанди (къ.с). ТIарикъаталъул агьлуялъ цIакъ адабалда, кIудияб рокьигун рехсола- ан гьесул цIар. Аза-азар мурид битIараб нухда тIовитIарав, баркаталъул рукъги ракIги цIурав, щулияб иманалъул, бергьун кIудияб гIелмуялъул вакил Мансурил МухIамад-афанди ахираталъул рокъове анилан рагIидал, гIемерав...

Новость на родном

ХIикматаб гьунарги хIалхьи гьечIеб хъулухъги насиблъун батана дуе

  20 декабралда Россиялда кIодо гьабула чекистазул къо. Улкаялъул ХIинкъи гьечIолъи цIуниялъул хъулухъалда батIи-батIиял соназда гIемерав чи хIалтIана нилъер республикаялдасаги. Гьезул чангоял церего къаникье ана, гIемерисел мустахIикъаб хIалхьиялда руго, цо-цоял жакъаги хIалтIулел руго. Жакъа чIаго гьечIел, амма гIемерал соназ КГБялъул гIуцIиялда хIалтIаразда гьоркьов бищун машгьуравлъун рикIкIине бегьула Хунзахъа разведчик-дипломат ГIабдулхаликъ ХIажиев. Исана гьев гьавуралдаса тIубала...

Новость на родном

Къапараб хасияталъул гьидалъей

    Араб гIасруялъул лъабкъоабилел соназда Советский (Шамил) районалъул росабалъ ХIамидова Мариянил цIар цIакъ машгьураб букIана. Щиб росулъе щваниги, КПССалъул райкомалъул кIиабилей секретарьлъун хIалтIулей йикIарай Мариянида жамагIатаз дандчIвай гьабулаан разиго. ХIамидовалъул гIадат букIинчIо, хIакимзабазда аскIое ун, халкъалъул хIал-хIукму цIехолеб. Гьей унаан годекIание, ай жамагIаталъухъе ва цIехолаан гIолел-гIоларел рахъал. Халкъалъе кьураб рагIиги заманалда тIубазабулаан. Гьелъин абулебги...

Новость на родном

ХIамзат ГъазимухIамадов: «Дица лъугIизабураб бищун кIудияб академия ккола инсухъа росарал дарсал»

         Дунялалда тIад цохIо Унсоколо гурони гьечIеб махщалие ГъазимухIамадица ХIамзат ругьун гьавуна васас ичIго сон баралдаса нахъе. Цинги 17 сон байдал гьес гьев тIамуна жиндиего экзамен кьезеги. Гьелъие гIоло ХIамзатица жинцаго гьабуна гIанса, хадуб гьелда тIад рекьана мельхиоралъул накъищал. Васасул махщалида ракI рекъараблъи инсуца загьир гьабуна каранда хасаб гIаламат баялдалъун. Гьеб букIана лълъарал...

Новость на родном

Хунзахъа Америкаялда вугев гIалимчи

      Дагъистаналдаса рахъана дунялалдаго цIар рагIарал гIезегIан бахIарзал, космонавтал, конструкторал, гIалимзаби, художникал, спортсменал, тохтурзаби… Гьез бихьулеб лъалкIги тана дунялалдаго гIумру ва гIелму-лъай цебетIезабиялъулъ. СССРалъул ва Россиялъул халкъияб магIишаталъул кинаб бутIа босун балагьаниги, нилъер халкъазул вакилзабаз бихьизабуна чIчIел босизе ругел ресалги гьел гIумруялде рахъинаризе бугеб гъираги.     Дагъистанги гьелъул культураги лъазабизе жидеца саламатаб бутIа лъуразда...