Багъатар: сипатал ва суратал  (студентасул хIакъалъулъ очерк)

 

Бищун гвангъараб чирахъ

 Гьорода хех бихьула.

Гьав ниж, гьудулзабазулъ

Бищунго цеве хвана.

                            Расул ХIАМЗАТОВ

 

       Абула, студентал ургъел гьечIеб, гIанчIаб, цокIалаб хасияталъул «къавм» бугилан. Амма щивав чиясул гIамалалъул, муруваталъул, букIинесеб махщел-пишаялъул — сундулго гIаламатал — «гIанчIлъиги цокIаллъиги хъвалхьун», цудунго загьирлъун ратула, аскIор ругез кIвар гьабичIониги.

    Багъатар нилъедаса ватIалъаралдаса 40-ялдаса цIикIкIун сон аниги, жакъа гIадин цебе чIола гьесул сипат, гIамал-хасият. Щуго соналъ цадахъ цIалулаго, ккарал гара-чIвариял, рукIарал лъугьа-бахъинал, гIолохъанлъуда, гIемерисез ургъичIого гьарулел рукIарал «гIалагъважаби». АхIичIониги бачIуна гьесул хIал «тIаде рехун».

«ГЬАСУЛ ЦО ЧИ ВАХЪУНА»

      Советазул заманалда адабият лъазабулелъул, гьелъул бицунаго, мугIалимзабаз, студентаз бихьизабизе кколаан щибаб литературияб асаралъулъ классияб магIна букIин. Гьеб гьечIого бегьулароан, гьеб загьир гьаби букIана тIадаб парз. РакIалда буго, ЦIадаса ХIамзатил кучIдузулъ «классовость» балагьулаго, кIиабилеб курсалда нижер аваразул отделениялъул студентазул цо къокъаялъул ккараб гьитIинабго бахIс. ДагIбаялъул хасиятго гьединаб бугелъул – цоязда батана гьеб «классовость», цогидал дугъдан чIун рукIана гьеб киса-кибего букIине кколеб жо гурилан. Жеги таманаб заман базе букIун батила нижеца гьеб «дагIба-рагIиялда», «инкарчагIазул» рахъалда вукIарав Багъатарица цинтIаго абичIебани:

      — ЦIадаса ХIамзатил кучIдул рокьуларев чи магIарулазул вати щакаб жо буго. Гьев машгьурав поэт вукIинги киназего баянаб буго. Амма ХIамзат, жиндирго гIакъилал асарал хъвалелъул, ургъулев вукIанадай гьеб «классовосталда» тIад, гьесда лъалебгIаги букIанадай гьеб щиб кколебали, — ян.

       ХIасил, киналго релъана, бахIсги къотIана. АскIов вукIарав нижер «къайицадахъав» Казимбегица Багъатарил цIаралда копоего абуна: — Гьасул цо чи вахъуна, — ян. — Вахъунаха, кIиго вахъунаревлъи хIакъаб буго, — ян Багъатарицаги вохун жаваб кьуна.

      Багъатар гьеб мехалда вукIана факультеталда жиндирго «бакI ккурав» чи. Лъалаан гьес кучIдул хъвалеллъи – гьел рахъулаан «ГIаркьел» абураб къадал газеталда, ахIулаан мандолина хъван кечI – гIахьаллъи гьабулаан факультеталъул художествияб хIаракатчилъиялъулъ, алхинчIого вукIунаан А. Ф. Назаревичасул фольклор ва литература лъазабулел студентазул институталъул тадбиразулъ. Хасго хагазарулаан гьес магIарулазул литератураялъул бицине щвани – гьесда бихьичIебги рагIичIебги жо батулароан аваразул адабияталда.

     Казимбег вукIана Генуса, цIодорав, гIакъилал махсараби гьарулев инсан. Гьев нижедаса щуго-анлъго соналъ кIудияв вукIана, киназго гьесул адабги гьабулаан. Казимбегил гьунар букIана берцинго, гъираялда гIенеккуледухъ, хабар бицине. Бажарулаан гьесда гIадамал данде ракIаризе, гьезие нухмалъизе. Гьанже хадуб, чIвай-хъвей цIикIкIараб, террористал гьалаглъарал соназ, гьев вищун вукIана Унсоколо районалъул бетIерлъун. Махщалида нухда бачунебги букIана гьес районалъул жамагIат, «чидае бокьи кьолареб» хасият букIиналъ, гьев заманго балелде террористаз чIвана.

 

«ГIАРКЬЕЛ»

       ТIоцебесеб курсалдаго студентазул жалго данделъарал батIи-батIиял къокъаби рукIана. Цоял ракьцоял, цогидал спортсменал, хадусел — цIалуде кIвар кьолелги кьоларелги, литература бокьулел – кучIдул хъвалел, хIатта «гIала-гъважачагIигицин». Зама-заманалдасан гьел я общежитиялда, я тренировкабазда, кружоказда, концертазда, библиотекабазда, яги гьадинго къватIазда, парказда «жидерго ишазе» данделъулаан. Гьезул лъицаниги тIамичIел, рищичIел «церехъабиги» рукIана.

     Багъатарил къокъа букIана литературияб. Гьесда сверухъ рукIунаан Зикрулла, Шамхал, Беркиханов МухIамад, Хачалова ПатIимат ва цогидалги хъвадаризе байбихьулезул «агьлу», цо-цоял гьеб загьир гьабизе намуслъулел рукIаниги. Къадал газеталъул номер хIадурулаго, редактор гьечIониги, Багъатарил пикруялъухъ гIенеккулаан, кигIан ракIал бегIерал рукIаниги, магIарул «хъвадарухъаби» гьевгун къецалде гIемер лъугьунароан. РакIалда буго, нижер цояс «ГIаркьелалда» бахъизе кьолеб жиндирго кочIолъ рокьуца вухIулев гIолилас гьудулалъул жавабалъухъ балагьун чIарал къоял рикIкIунаго, «хIулун руго гьодал кверзул килщазул» абураб ЦIадаса ХIамзатил жугьа хIалтIизабун букIана.

     — Дуца ЦIадаса ХIамзатида рокьул чангит балеб бихьула, — ян Багъатарица цоясе махсара гьабидал, гьев гьудул дагьав «багIарлъана», кечI гьабулаго чвахун рачIарал рагIаби рукIанин, мукIурлъун баянги кьуна. ХIакъикъаталдаги гьесул кочIолъ ХIамзатил рагIаби цIакъ рекъон ккун рукIана. Хадубги нижеца гьеб аваразул классикасул жугьа копоего цоцада «хIенчезабулаан».

      Цоги нухалъ общежитиялда Беркихановас (гьев вукIана нижедаса курсалъ цеве, ригьалъги нижедаса анцIила щугогIан соналъ кIудияв вукIана) Багъатариеги диеги цIалана Расул ХIамзатовасул хIакъалъулъ хъвараб жиндирго курсалъулаб хIалтIи. Расулил творчествоялъул бицунеб МухIамадил гьеб хIалтIи жибгоги букIана батIи-батIиял образалги эпитеталги хIалтIизарун, шавкъалда гIуцIараб литературияб асар. КIикъоялда микьго тIамач бугеб тетрадь цIураб квералъ хъвараб гьеб цIалулаго, Беркиханов бащдаб сагIатгIанасеб заманалъ театралъул артистасда релълъун вукIана. Гьесие хIажат букIана, саназул батIалъиялъухъ балагьичIого, Багъатарил пикру — гьел гьудулзаби рукIана.

        — Кин лъугьун бугеб? — ан абураб къокъабго суалалъе Багъатарица бегьулеб куц бугилан кьураб гьединабго къокъаб жавабалъ МухIамад рази гьавуна. Хадуб Багъатарица нижее мандолина хъван цо кечIги ахIана, «Ма, босе гьаб квербацIцI, бацIцIе гьеб магIу» абураб жиндирго кечIги цIалана.

«БАГIАРАБ БАЙРАХЪ»

       ЦIалулаго хIалтIизе бокьарал студентазе чанги ресал рукIана стипендиялде тIаде дагьа-макъал «мугьал» ралагьизе. ГIемерисел унаан къаси хъаравулзабилъун, фабрик-заводазде кIиабилеб сменаялде, «биржа трудаялде» вагонал цIезе-чIехьезе ва цогидал хIалтIабазде.

     Нижер мугIалим ГIабдурахIман ХIабибович «БагIараб Байрахъалъул» редакциялде «свежая головалъун» хIалтIизе индал, Багъатар гьесул кумекалдалъун лъугьана гьениве корректорлъун. Университеталда занятиял лъугIун хадур, типографиялда газета кьабулелъул гьабулеб хIалтIи букIана гьеб. ЦIакъ разиго вукIунаан Багъатар магIарулазул машгьурал хъвадарухъабазда цадахъ цо коллективалда хIалтIизе щвеялъ. Доб заманалда «БагIараб байрахъалъул» редактор вукIана МухIамад Шамхалов, гьесдаго цадахъ рукIана жидер асарал нижеца цIалулел М. ГIабдулхIалимов, ГI.-М. ГIалиев, ГI. Даганов, ХI. Залов, М. Мусаев, Н. НурмухIамадов, Т. Таймасханов, М.- С. Шахтаманов – цIарал ккун киналго рехсезе рес рекъеларо. Ниж рухIдаллъун рукIунаан гьезда цадахъ хIалтIулев Багъатарида.

      Газеталда рахъизе бегьиларин тарал батIи-батIиял хабарал рачIунаан Багъатарица нижее. ГIемер бицунаан редакциялъул хIалтIул, журналистал М. ГIабдулхIалимовасул, ГI.-М. ГIалиевасул, Н. НурмухIамадовасул ва Т. Таймасхановасул. Гьес аваразул группаялъе экскурсияцин гьабун букIана редакциялде.

      ГIабдурахIман ХIабибович Дагъистаналъул мацIазул, историялъул ва литератураялъул институталде индал, Багъатар тIамуна гьесул бакIалде «свежая головаясул» жавабияб хъулухъалде. ЦIали лъугIун хадубги «БагIараб байрахъалъ» тIалаб гьабун Багъатар тIубанго вачана редакциялде хIалтIизе.

     Нахъа лъана Багъатарица, студентлъун вукIаго, росулъ ругел эбелалъеги яцалъеги кумек гьабулеб букIараблъи. Эмен гьесул вукIинчIо.

ТIАДАГЬАБ ГIАМАЛ

     Университеталда цIалулел соназ филологиялъул факультеталда Багъатарги малъун, Къородаса нижеда цадахъ рукIана ункъоял: кIиго курсалъ цеве – ГIиса, цо курсалъ нахъа – Мусал МухIамад ва НурмухIамад. Ункъасго кучIдулги гьарулаан. Багъатарица гIемер бицунаан школалда магIарул мацIалъул дарсал кьолев ГIалухачев МухIамадил, лъималазе гьев вокьулеб куцалъул. МухIамад — ункъавго филологасул мугIалим — поэзиялдехун гьезул рокьи бижизабурав устар вукIун вуго.

    Багъатарилъ букIана хасаб гугьар. Гьесул кучIдул рукIана пасихIал, ургъизе тIамулел, пикрабалъе ахIулел, бечедаб, гьава гIадин тIадагьаб, чвахулеб мацIалъ хъварал. Живго Багъатарги вукIана чIагояв, тIадагьав, кидаго гьимулеб, разияб гьумералъул инсан. Хьвадицин букIана гьесул тIадагьаб, бигьаго, гIатIидго галабиги тIамун унеб. ГIолилазул гIадат букIуна хIалал рихьизе бусби гIадин цоцалъ «тенколеб», реццардулеб – гьеб гIамал гьесулъ букIинчIо. КIалъалелъулги дида рагIичIо Багъатарица гьаракь борхизабулеб, къваригIел гьечIел, чорокал рагIаби абулеб. Каламги букIана гьесул тIадагьаб, мухIканаб, кигIан кIудияб кIвар бугеб жоялъул бицунеб бугониги, махсарахIалаб, кополаб. Гьесда гIемер лъалаан кулласезул, магIладерил, хIотIочIдерил релъизарулел лъугьа-бахъинал — гьезул гIолохъабазда гьел рицунелъул квешги букIунароан. Амма тIасан балагьухъе гьедин кканиги, жанисеб – рухIияб гъварилъи, рекIел хIалуцин, хIалхьи лъаларел пикрабазул гъугъай — Багъатарил беразда бахчун бажарулароан. Багъатарица бицун букIана Гагарин космосалде воржиндал хъвараб жиндирго кечIалъул. Ниж школалда цIалулеб мехалъ цIадохъабазул художествиял коллективазул хораз гIемер ахIулаан гьеб, радиоялдасанги кьолаан гьоркьо-гьоркьоб. Дица газетазул архивазда цIехана гьеб, батизе кIвечIо – ракIалда буго цо куплет. Гьебги гIола анцIго сон бараб лъимералъ хъвараб жибго лъимер гIадаб бацIцIадаб, роцIараб, тIадагьаб кечIалъ бижизабулеб асаралъул къимат лъазе:

 

«Рогьалил гьуригун гьайбатаб гама

 Гьаваялде ана апрель моцIалда.

ЦIараб болжалалда дунялги сверун,

Гагарин ракьалда гIодов рештIана».

 

«СОЮЗ»

        Багъатар, саназ гуревги, гIолев вукIана кIудияв, квер кьолев яги нахъасан «цулев» чи гьечIониги, унев вукIана цевехун, лебалго вахунев вукIана икъбалалъул болъодухъан. Университеталда – нахъа толел рукIана курсал, редакциялда – тIамулев вукIана цIикIкIарал хъулухъазде, гIумруялъулъ – дандчIвалев вукIана цIиял машгьурал гIадамалгун. Хъвадарухъабазул союзалдаги ратана гьесда цIиял гьудулзаби, гьенивеги гьев гIемер щолаан. Гьесдасан нижеда лъалаан Союзалда (Багъатарица гьедин абулаан Хъвадарухъабазул союзалда) кколел лъугьа-бахъинал: Расулил гIужилал абиял, ГIумархIажил махсараби, ГIадаллол «гьунарал», Сулимановасул харбал. ГIемер бицунаан гьес ГIабасил МахIамадил, Сулимановасул, Гъазиевасул, гьезулгун гьудуллъиги букIана гьесул.

       Гъазиев МухIамад, магIарулазул лъималазул поэт, литинституталъул студент-заочник, чанги вачIунаан Багъатарихъе общежитиялде, шагьаралдаги гьел гIемер цадахъ рихьулаан. Гъазиевасухъ кидаго цадахъ букIунаан доб мехалъ модаялда букIараб кIудияб портфель. Живго черхалъ гьитIинав гьесул кIудияб портфель хIалае ккун, Багъатарица махсара гьабулаан гьениб «творчествоялъе хIажатабщинаб жо» гуребги Гъазиевасе кьижизе бакIцин бугилан.

      ЭменгIан кIудияв вукIаниги, батIияб гьуинлъи букIана Багъатарил ГIабасил МахIамадилгун. Кидаго, хIалтIуца яги цогидал суалал тIуралаго, магIишаталъул пишабазде регIуларев ГIабасиласул рокъов Багъатар вукIана божарав чилъун. ХIажалъи ккедал, гьесул хъизаналъ «ахIи балаан» Багъатариде, гьес цо-цо нижги рачунаан хIалае. РакIалда буго цоги рокъоре рахъунелъул ГIабасиласул къайи-цIа къачIазе, бакIаризе, гьеб машинаялда сокIкIине ниж ун рукIана кумекалъе. ТIубараб къоялъ хIалтIулаго, живго поэтасда бер чIвачIониги (нижер кIудияб хьул букIана гьелде), бихьана машгьурав хъвадарухъанасул, тIахьазул издательствоялъул редакторасул, «магIишат»: гIемерал, тIахьал, журналал, газетал, кагътал. ЦIакъго хIажатаб гурони букIинчIо тIагIел-гIучI, рокъор къваригIунел алатал, ретIел-хьит.

Намуслъарай Савдат-адаца абуна гьалеха ГIабасил МахIамадил магIишатилан.

      ГIабасиласул «Камалил Башир», «ХъахIаб росулъа МахIмуд» Авар театралда лъезе хIадурулелъул нижеда лъалаан кире щун ругел, щиб гьабулеб бугеб гьеб ишалда сверухъали. Сценарий къачIалагоги, къваригIараб хъвалеб-толелъулъги Багъатарица поэтасул тIадкъаял тIуразарулаан ва цоги хIажатаб кумекги гьабулаан. Гьел пьесабазул премьеразде Багъатарица нижер группаялъе пригласительныялги ралагьун рукIана.

 

ПОЭТ ВА ПРОЗАИК

        Багъатар вукIинчIо кIичIардулев, чIалгIаде свердолев, гIадада заман чIвалев чи. Доб мехалъ студентал хIалица рачунаан рикIкIеналъе, залал цIезариялъе пайда гьечIел, «гьодорал» совещаниязде, собраниязде. РачIинчIезе гIадлу букIана кьварараб: выговор, стипендия къотIизаби. Багъатарица гьел тадбиразул гIахьалчагIи (гьезда гьоркьов живгоги) «гьалмагъзаби-зазил хIухьдул» абун ралъаргъунаан.

       Жиндирго рекIее гIоларел, гIадамазда берцин рихьизе жал Багъатарица киданиги гьарулароан. Гьес цо-цо мугIалимзабаз бицаралдаса батIиял пикраби загьир гьарулаан, амма лъицаниги гьеб чIахIиязул адаб тейлъун рикIкIунароан. Сундулъго гьесул букIана гIадлу, дуруслъи, тартиб. Гьесда чIванкъотIун лъалаан жиндие къваригIараб жо, бажарулаан цере лъурал мурадал тIуразаризе.

       Цо нухалъ, ЦIадаса ХIамзатил хIакъалъулъ хабар ккарабго, Багъатарица абуна:

     — 1951 соналда магIарулазе цо поэт камуна, амма цIияв тIадеги гьавуна,- ян. Щивдай гьеван нижер цояс кьураб суалалъе гьадин жавабги кьуна ХIажиев Багъатар поэт кколаревищин абун. Доб мехалъ цо-цоязда ккана гьеб гIамалкIодолъи бугин, хадуб бичIчIана гьелъул унго-унгояб магIна.

      КигIан кIудияб гIишкъу поэзиялде букIаниги, гьайбатал, пасихIал, рекIелъе рортулел кучIдул хъвазе гьунар бугониги, хIатта басмаялда бахъизе планалда бугеб гIолохъанал поэтазул мажмугIалъул авторазулъ цIар хъван букIаниги, Багъатар ракIалдаго гьечIого прозаялда жувана. Байбихьана кIвахI тун хъвадаризе: общежитиялда, читальный залазда, лекциязда. Аудиториялда нахъисел кьераздаги вукIун (ниж гIемериселъ цадахъ кIусулаан), Багъатарица цо лекциялъул (студентазул пикруялда батIаго хIажалъулареб) болжалалда 10-15 тIамачцин хъвалаан. Лекторасда кколеб букIун батила ниж мисалиял студенталилан, кIвахIаллъичIого мухIканго лекциял хъвалел.

      ХатIги букIана Багъатарил берцинаб, бичIчIулеб, чIахIиял хIарпазул. Гьесул чIегIераб щакъи тIолеб тIеренал халатал килщаз «чангит бараб» чIегIераб ручка, газета кьабулеб кагътил тIанчазда хъвадарулелъул, гIедераб тимар гьабун цIвакизабураб юргъачуялда релълъунаан.

     Багъатар цинтIаго прозаялдехун «вуссиналъе» букIана гIилла. Гьесухъе щун букIана цIализе нилъер Расулида цадахъ 1963 соналда Ленинил премия кьурав дунялалдаго цIар рагIарав гъиргъизазул хъвадарухъан Чингиз Айтматовасул «Повести степей и гор» абураб тIехь. Къокъалго къисабаздаса данде гьабураб гьеб гьитIинаб мажмугIалъ асир гьавун вукIана Багъатар. ХIухьелккун, хIасратго бицунаан гьес бергьараб махщалида гIолохъанав Айтматовас, зоотехниклъун хIалтIулаго, хъварал асаразул. КIвахI, свак лъалароан гьесда, гIенеккулев, бицунеб жо бичIчIулев чи дандчIвани. Гьанже хадуб, Айтматовасулги Багъатарилги къисабазул цохIо цIарал дандеккураб мехалъ бичIчIана машгьурав гъиргъизас хъвадаризе байбихьулев магIарулав «кодов восараб» къуват, гьезул релълъен.

Чингиз Айтматов:

«Тополек мой в красной косынке»

«Пегий пес, бегущий краем моря»

«Исповедь на исходе века»

«И дольше века длится день»

Багъатар Х1ажиев:

«Севералда буго дир милъиршо»

«Ц1адакьа бахчулеб дир чанил бурут1»

«Дихъ балагьун ч1а, муг1рул»

        Хъвалеб жо Багъатарица цогидазда бихьизабулароан, цIализеги кьолароан, жеги лъугIун гьечIин, «къачIазе» кколин абулаан. Божарав гьудулас гьарани, инкарги гьабулароан. «КъачIадизеги» Багъатар рахIму гьечIев вукIана, кколаан цоцо «хIадураб продукция» цIоб тун тIасан хIуччалги цIцIан хвезабураб мехги.

АХИРАЛДА

       Ахирисеб нухалъ Багъатаргун дандчIвана 1976 соналда риидал. РакIалде щвезаруна гьудул-гьалмагълъи, бицана хIалтIул, творчествоялъул, гIолохъанал хъвадарухъабазул совещаниялъул, гьабураб хъизаналъул, ясалъул. Заман гIураб букIинчIого, гIедегIалихъе къотIи гьабун букIана цоцазухъе щвезе, редакциялде ваккизе. Гьалде-долде руссун, нижер къотIи тIубачIо, БетIергьанасул хIукму батIияб батана.

     Инсанасда гIузру ккечIого сахлъиялъул къимат лъаларо; мискинлъичIого, магIишаталъулъ тIагIам батуларо; тIекъаб бихьичIого битIараб «гъорлъе унаро»; ялгъузлъичIого гьудул-гьалмагълъи, гIага-божарал камичIого, гьев гьезухъ урхъуларо – киналъего батула багьана, балъгоябги гуреб, амма жиндир заманалда кIвар гьабичIеб.

     Щиб жо гIумруялъул 26 сон? Гьанжего гьанже «берал рагьулеб», кIудияб, гIатIидаб дунялалде нуцIа къирулеб къокъабго болжал. Киве щварав, щиб бихьараб, сунде регIарав, гьудулзаби щал, тушбаби киса, квешалда рекъанищ, къасдаз гукканищ, къваридазе кумек гьабунищ, гьунар гIунищ гIунгутIабигун къеркьезе, къо хIехьанищ БетIергьанасул нухда? «ТIугьдузул квацIи», «Чанил бурутI», «Севералда бугеб дир милъиршо», «Балагьун чIарал мугIрул», «ГIодулей гьудул» — панаял кучIдул, комсомолалъул премия, ячарай лъади, гьаюрай яс …– гIемерабищ, дагьабищ, щиб хутIараб жеги?

     Шавкъ, паналъи, хIасрат рекIелъе ракьулъан рижун рачIунаро – зодосан рещтIуна. Гьарила нилъецаги цере квералги ккун Багъатарил рухIалъе рахIат.

     Багъатарил гьунар, гьев вахине вукIараб борхалъи, щвезе букIараб махщел якъинго гIицIав Аллагьасда гурони лъазе рес гьечIо. Амма, хIакъаб жо, гьезул къадар, роцен, даража дунялалда хутIаразул щивасул жиндирго букIина.

 

МухIамадрасул МУХIАМАДОВ, Багъатарил курсцояв