КвартIил кIутIи рагIула, рекIел кIутIи кинигин…

 

     17 июналда ПатIимат ХIамзатовалъул цIаралда бугеб республикаялъул музеялда рагьана Россиялъул халкъияв художник, машгьурав цIулал устар ХIамзат ГъазимухIамадовасул хIалтIабазул цебелъей.

     ХIамзат ккола Унсоколо росулъа цIар рагIарал художниказулги цIулал устарзабазулги наслу-тухумалъул чи. Гьев вуго гIицIго ансадерие хасиятал накъищал рикIиялъул махщелчи. ГIолохъанго тIатана гьесулъ махщел, сон барабгIан камиллъа­на жиндиего хасиятаб устарлъия­лъул хатIги, художникасул мацIги. ХIамзатица, жиндирго хIалтIабазулъ цIиги гьарун, халкъалъе рагьана некIсиял ансадерил накъищал.

Цебесеб къагIидаги цIунун, гьес ургъана жиндирго накъищалги. Ан- садерил накъищал тIад рикIарал хIалтIаби руго дунялалда кирниги такрарлъи гьечIел, лъиданиги релълъинчIел. ХIамзатица кIудияб квербакъи гьабуна жидерго мухъа­лъул накъищазул къагIидаби цере­ тIезариялъе.

    ХIамзат ГъазимухIамадов вуго азаргоялдасаги цIикIкIун хIалтIия­ лъул автор. Гьесул кверзул устарлъиялъул тIагIелал руго нилъер улкаял- да гурелги, къватIисел пачалихъазул музеяздаги.

    Гьеб цебелъеялъухъ ралагьизе къокъаби ккунниги, жалго цохIониги гIемер гIадамал ругоан рачIунел. Гьенире рачIун руго Дагъистаналде хIухьбахъизе щварал туристалгицин. Гьезиеги ХIамзатил устарлъиялъ кIудияб асар гьабунин бицана нижее музеялъул хIалтIухъабаз.

     ХIакъикъаталда, дунгоги хIикматал гьавуна гьел хIалтIабаз. Гьезулъ бихьулеб бугоан авторасул кверазул квалиялдасаги ракIалъ гьабураб хIалтIи цIикIкIун букIин. МагIарулазул батIи-батIиял цIулал тIагIелазда рухI бижизабун бугоан гьезда тIад рикIарал батIи-батIиял накъищаз. Гьеб киналъго паналъи- завурав дида ракIалде рачIана гьал рагIаби:

КвартIил кIутIи рагIула, рекIел кIутIи кинигин,

Рогьел мугIрузул тIогьиб тIибитIулеб гIужалда…

   ХIамзат ГъазимухIамадовас 70 сон тIубаялда хурхун гIуцIараб гьесул хIалтIабазул цебелъей букIине буго 18 июлалде щвезегIан.

 МухIамад МАНАПОВ