Гьаб заманалда шагьаразда жамгIияб транспорталъул шоферлъун хIалтIизе расги бигьаяб иш гуро. Хасго автобусгун троллейбус бачине. Гьеб иш жеги захIмалъулеб батила руччабазе. Масала, тахшагьаралда жаниб хьвадулеб троллейбусалъул №6 маршруталъул шофер ккола БежтIа росулъа ГIумарова Ларисат. Гьелъулгун буго нижер жакъасеб гара-чIвари.
БАЯН
ТIоцебе троллейбус (токалдалъун хIалтIулеб транспорт) хIалтIизе биччана 1882 соналда, Берлиналда. Гьеб ургъарав чиги ккола немцазул инженер Сименс.
ХIалбихьи хIисабалда гьебго тайпаялъул транспорт пачаясул Россиялда хIалтIизе байбихьана 1902 соналда. ГьабсагIаталда нилъеда лъалеб хIисабалъул троллейбусалъул мухъ СССРалда тIоцебе хIалтIана Москваялда, 1933 соналда. Гьединаб мухъ Дагъистаналда (МахIачхъалаялда) хIалтIизе биччана 1973 соналда.
ГьабсагIаталда республикаялъул тахшагьаралда буго троллейбусалъул 5 маршрут ва 50 троллейбус.
ТIолабго дунялалда хIалтIулел троллейбусазул бищун халатаб маршрут ккола Симферополь-Ялта (86 км.) Гьелъ нухда бала 2,5 сагIат, белтил багьа — 180 гъурущ.
— Ларисат, гьеб хIалтIи тIаса бищиялъе гIилла щиб ккараб?
— Советияб заманалдаго троллейбусал рачунел рихьулаан руччаби. Гьеб хIалтIи, щаялиго, дидаги берцин бихьана. Ригьалде яхиндал, ана цIализе ва лъугьана гьаб хIалтIуде. ХIалтIана 11 соналъ, гьелда гьоркьоса 7 сон бана Москваялдаги.
— Киданиги рекIекълъанищ гьединаб махщел тIаса бищиялдаса?
— Щибаб хIалтIулъ букIунеб батила захIмалъи. Амма диего бокьун тIаса бищараб букIиналъ, дун киданиги рекIекълъичIо. Дида лъала дидаса гIадамазе пайда букIин. Гьелъги базабула хIалтIуде жеги цIикIкIараб гъира.
Пассажиразул жаваб кьезе кколеб хIалтIи бугелъул, тIадежоялъе 1000 вольталъул токги хIалтIизабулеб букIиналъ, захIмалъичIого букIунаро. ЦIакъ мухIканго цIунизе ккола низам. ЛъикIаб гьечIо нухазул ахIвал-хIал, хасго цIер къараб, гIазу бараб заманалда захIмалъула троллейбус бачине. Шагьаралда кутакалда гIемерлъун буго транспорт, гIолохъабаз цIунуларо правилаби. Амма гьелдаго цадахъ руго лъикIал рахъалги. Ниж 2 къоялъ хIалтIула, 2 къоялъ рукIуна хIухьбахъулел. ЛъикI хIалтIаразе щола премияги.
— Кинаб бугеб дур хIалтIул къо?
— ХIалтIул къо байбихьула радал сагIат 6-ялда, лъугIула къаси сагIат 8-ялда. Къаде кваназе бихьизабураб заман буго 40 минут. Пассажирасул белтил багьа буго 15 гъурущ, аппараталъ банкалъул картаялдаса бахъулеб бугони — 13 гъурущ. Нижее чIезабураб къойил план буго — хIалтIул къоязда 5200 гъурущ, гIодоркъоязда — 4200 гъурущ. Дун ккола кIиабилеб классалъул шоферги. План тIубазабуни, дие щола моцIрой 29 азаргогIанасеб гъурущ.
— Пассажиразда гьоркьор гIемер кколищ нужгун къацандулел, гIарац кьечIого лъутун унел чагIи?
— Аслияб куцалда нижер пассажирал руго цIикIкIараб ригьалъул гIадамал. Цере цIалдохъабигун студентал гIемер рукIунароан, гьанже гьелги гIезегIан рукIуна. ГIилла — билет учузаб букIин. Чорокаб мацI бицунелги дагIба гьабулелги цIакъго къанагIат гурони данд чIваларо. Цере рукIунаан гIарацги кьечIого лъутун унелги, гьанже гьединал къанагIат гурони рукIунаро. Хисун буго бербалагьи, нечолел руго гIарацги кьечIого къватIире ине.
— Анкьго соналъ хIалтIун йиго мун Москваялдаги…
— Улкаялъул тахшагьаралда гIемерго бигьаги лъикIги букIана хIалтIизе. Дора руго цIиял, лъикIал троллейбусал. Нухал руго къачIарал, транспорталъе ва пассажиразе чIезарун руго лъикIал шартIал. Мухьги буго гIемерго цIикIкIараб. Дун гIадинав шоферасе доба щола 70-75 азарго гъурущ.
— ТIубараб къоялъ рулалда нахъаги йикIун, къаси рокъое щведал хинкIал гьаризе жанго хутIулищ?
— Сундего ругьунлъула инсан. Дидаса гIемерго захIматаб хIалтIиги гьабулел, гIемерго дагьаб гIарацги щолел руччаби гIемер руго. Дирго эбелалъул, кIудияй эбелалъул, гьезул гIелалъул руччабаз баччараб захIматалда данде босизе ресго гьечIо дида бихьулеб гIакъуба. Гьединлъидал рокъое щведал чIужугIаданалда тIадаб гьабизе заман кидаго букIуна.
ГIабаш ГIАБАШИЛОВ