Дагьай цее Болъихъе щварай дида бихьана КIудияб ВатIанияб рагъул ветеранал ва 1999 соналда ккараб рагъул гIахьалчагIи ракIалде щвезариялъе бараб памятник. Гьебги бан буго Белоруссиялда гIумру гьабун вугев, ГIахьвахъ районалъул КIаратIаса Асадулаев Хизрица. Гьесул хIалтIудаса йохарай дица ракьцоясулгун бухьенги гьабун гьитIинабго гара-чIвари гьабуна. — Хизри, бокьилаан Болъихъ районалда бараб памятникалъул хIакъалъулъ бицани. —...
