Санал ран цIикIкIанагIан, цIакъго бокьулеб буго умумуз нилъее тараб кIалзулаб хазинаялъухъ гIенеккизе. Гьанже гурони, гьезул магIнаги тIубанго бичIчIулеб гьечIо. РагIараб гIакъилаб каламги къалмиде босизе бокьулеб буго. Руго нилъеда гьоркьорги гьединал гIадамал. Гьезул цоявлъунги ккола дир росуцояв, Россиялъул космонавтикаялъул академиялъул академик, дунялалдаго машгьурав гIалимчи Шамил ГIалиевги. Щвана гьесухъе цIалдохъаби рачунги, щола дунгоги.
МахIачхъала шагьар. Ленинил майдан.
Гьениб эхетараб чIухIараб мина.
Анлъабилеб тIала – гьале кабинет,
Къаси нахъалъагIан бакараб чирахъ.
Машгьурав гIалимчи хIалтIулев вуго,
ХIалкIолев БетIергьан, цIуне гьев нижей.
ГIелмуялъул ралъад гьелчолеб буго,
Гьелъул карачелал гучлъулел руго.
Гьасухъе гIадамал гIедегIун руго,
Жакъаги кабинет кьабгIун цIун буго.
Гьасул гIумруялъул дарсахъ гIенеккун,
ГIисинал-чIахIиял паналъун руго.
Пикрабалъ цIидасан ТIанусив вуго,
Инсул минаялъухъ хIасратлъун вуго,
Хуриса ГIалица гьаниб бицараб
Къисматалъул къиса къалъулеб буго.
Дурго гIадатлъиялъ тIадегIанлъарав,
ТIадегIанлъаниги, гIадатлъарав мун.
Мун – гIагараб росдал къиматаб жавгьар,
Мун – инсул цIаралъул хIикматаб цо чIва.
Зодоб цIваялдацин цIар лъурав Шамил,
ЦIвалъун хутIила мун росуцоязе.
Росдал адаб ккурав, гIадат цIунарав,
ТIанусиса Шамил – мун нижер чIухIи.
Цо нухалда росдал цIалдохъабиги рачун щвана гьесухъе. ЦIакъго лъикI къабул гьаруна гьес ниж. Гьабураб гIаданлъи рагIалде бахъинабизе гIадин, гьес ниж кваназе кафеялдеги рачана. Ниж гIорцIараб гIадаб мехалъ, гьимулаго, гьес нижеда гьикъана ТIануси росулъ рижулел хурдуздаги тIугьудуздаги цIарал магIарул мацIалда лъида лъалелилан. РагIа-ракьанде щун, жеги гьел цIарал лъазарун рахъинчIо дир. Амма кIудияв гIалимчиясул заман гIун буго гьединал гIиси- бикъинал жалазде кIвар буссинабизеги. Бокьула гьесул гIагараб росдахъ урхъараб хабаралъухъ гIенеккизеги. Гьанир гъоркьехун кьолел руго дица кицаби-абиязда релълъарал гIалимчиясул гIакълаби. Гьал къоязда гьес тIубала 77 сон. Бокьун буго, гьавураб къоги баркулаго, машгьурав гIалимчиясе гьаризе гIелмуялъул дагьалги чIахIиял рорхалъаби мутIигI гьаризе жан-жигар.
ГIумруялъул дарсал
1) Дие бокьун буго щивав чиясда бичIчIизе ва лъазе жиндие щай къваригIун бугеб жинцаго гьабулеб ишали. Бокьун буго нужедаги бичIчIизе, гьеб кинабго бичIчIун хадуб, рекIелъ рещтIунеб рохалил асар —дуцаго дуего кьолел суалал ва гьезие дудаго ратулел жавабал.
2) Дуда цо щиб бугониги лъалеб ва дуца гьелъул хIакъалъулъ цогидазеги бицунеб бугони, гьезда гьебги бичIчIулеб бугони, гьелъул магIна ккола гьеб дудаги бичIчIулеб бугин абураб.
3) ГIурус рагIабазул лъабго «в»—вера, воля, выбор. Гьел ккола нилъер рухIияб хIаракатчилъиялъул аслулъун.
4) Ракьалда гIемерал санал ранагIан, дие рокьулел руго лъималги херал чагIиги. Гьанже цIикIкIун хараби рокьула.
5) Инсан киданиги вукIунаро жиндиего бокьараб хIалалда талихIавлъунги жинцаго рикIкIунев гIадав талихIкъаравлъунги.
6) Кибго, кидаго, бокьараб заманалда кинабго гьабизе лъазе ва бажаризе ккола.
7) ГIелмуялъул тарихалда бищунго кIвар бугеблъун ккола пикраби церетIеялъул тарих. Пикрабазул гIелги заманги букIунаро.
8) Студентазда, аспирантазда, ай гIелмуялда тIадчIаразда киданиги ракIалде ккезе бегьуларо кигIан кIудияб машгьурлъиялъул гIалимчиги жидедаса тIадегIанав вугилан.
9) Щиб жо кколеб талихI? ТалихI ккола киналдего нилъ хIадурго рукIин.
10) ЦIалдохъабигун, студенталгун дандчIвазе унелъул, дун рахIатхун лъугьуна. Сундасан байбихьилебали лъаларого хутIула. РакIчIун нилъеда лъаларел суалазе кинал жавабалха ратилел. Хасго бичIчIулебги гьечIони, щиб нилъее къваригIун бугебали.
Амма цIакъго кIудияб асар гьабун букIана дие цо нухалда росуцоязде цеве вахъунелъул, гьес абурал рагIабаз:
— Дунялалъул чанги пачалихъалъул трибунабаздасан кIалъана дун. КIалъазе кIолеб букIана эркенго.
Чан нухалда росуцоязда цеве вахъунев вугониги, щибаб нухалда цо рахIатхун лъугьуна дун, черхалда гIетIги бала, жавабчилъиги цIикIкIуна. Щибаб рагIул жаваб.
Гьеб батизе буго гIалимчиясул гьитIинаб ватIаналде бугеб кIудияб рокьул къатIрабазул квацIи.