Щивасул буго ракьалда бихьизабураб жиндир заман. Хирияв чи абадияб дунялалде къокъун хадуб дунялалда хутIарал гьесул гIагарал чагIазухъе рещтIуна пашманлъигун къварилъи ва рекIел унти. Ракьалда букIарабги абадиябги гIумруязул бухьенлъун лъугьуна инсанас тарал ишал, гьесда цадахъ араб заманалъул лъалкIалги гьез ракIалъе гьабулеб асарги.
Дие бокьун буго дирго гьудул ХIажимухIамад ХIажимухIамадовасул хIакъалъулъ бицине. 20 соналъ цеве хъачагъазул вахIщилъиялъул хIасилалда накълулъана гьев. Гьес бан букIана гIицIго 50 сон. БахIарчияв, яхI-намус бугев, тIабигIаталъго кьураб гIакълугун культура насибав, инсанасул адаб гьабизе лъалев, гьудуллъиялъе ритIухълъи цIунарав ва гьелъул къимат гьабизе бажарулев, жиндехун тIалабчилъи цIикIкIарав, жиндир пикру загьир гьабизе хIинкъуларев ва гьеб цIунизе таваккал гIолев, жинца тIасабищараб пишаялъе ритIухъав – гьев кунчIана гвангъараб цIвалъун ва абадиялъего лъалкIги тун, ватIалъана нилъедаса.
Ниж тIоцебесеб нухалда дандчIвана 1968 соналъул сентябралда — Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул химиялъул факультеталъул студенталлъун рахъараб мехалда. ХIажимухIамад вукIана логода ворхатав, хIалакъаб черхалъул, хъахIилал беразул гьимиялъ ракI тIаде цIалев, къамартIав гIолохъанчи. Хехго ккана нижер гьудуллъи: гIумруялде, гIадамазде ва гьудуллъиялде цокIалаб бербалагьи батана нижер.
Дун чанцIулго щвана гьесда цадахъ Агъваливеги ТIиндивеги – гьесул эбел-инсухъе. КъурамухIамад- дациги Маржанат-адаги рукIана цIакъ лъикIал, хIеренал ва гьобол хириял гIадамал. Дунги гьез къабул гьавуна васлъун. Сундулъго батIа гьавулароан ХIажимухIамадидаса дун гьез. Дир эмен МухIамадицаги эбел Таибатицаги гьединго къабул гьавулаан ХIажимухIамадги. Гьезиеги хиралъана дир гьудул.
Университетги лъугIизабун, Буйнакскиялда рукIарал рагъулал сборалги нахъа тун, нижее кьуна лейтенантасул цIар. 1973-1975 соназда кIиялго цадахъ ккана Киевалъул рагъулаб округалде — гIарадачагIазул батареялъул командирасул хъулухъазда. Армиялда рукIагоги, нижеца рехун течIо спорт. Ивано- Франковскиялда рукIарал къецазда ХIажимухIамад вахъана самбоялъул рахъалъ призерлъун, чанцIулго чIел босана гьес эркенаб гугариялдаги.
Армиялдаса тIадвуссун хадуб ХIажимухIамад хIалтIизе лъугьана Дагъистаналъул МВДялде, — дун — Россиялъул ГIелмабазул академиялъул Геологиялъул институталде. 1978-1981 соназда ниж нахъеги рукIана цадахъ. ХIажимухIамад цIалулев вукIана СССРалъул Жанисел ишазул академиялда (гьес тIокIлъиялда лъугIизабуна гьеб), дун — СССРалъул ГIелмабазул академиялъул Органикияб химиялъул институталда аспирантлъун.
МВДялда 25 соналъ хIалтIана ХI. ХIажимухIамадов — гьес рахана гIолохъанав оперативияв хIалтIухъанасдаса республикаялъулаб даражаялъул нухмалъулесде щвезегIан хъулухъалъул болъодул хIокIал. ВукIана МВДялъул ГIахьвахъ районалъул отделалъул, МахIачхъалаялъул Ленинский РОВДялъул, МахIачхъала шагьаралъул жанисел ишазул управлениялъул начальниклъун.
Гьеб букIана захIматаб заман: рижун рачIана миллиял хIаракатал, пачалихъиял идарабаздаги парламенталдаги рукIана такъсирчилъигун бухьен бугел хIакимзаби (гьез сан гьабулароан законазул) ва къадру хун букIана ракIбацIцIалъиялъулги ритIухълъиялъулги. Гьединаб хIалалдаги ХIажимухIамадихъа бажарана хIалтIухъабаздаги халкъалдаги гьоркьоб жиндирго къадру цIунизе. Гьесул адаб гьабулаан ишцоязги, миллиял хIаракатчагIазги, хIата такъсирчагIазул вакилзабазги — ритIухълъиялъухъ, камилаб махщелчилъиялъухъ, гIаданлъиялъухъ ва жавабчилъиялъухъ.
ХIалтIулебгIан заманалъ ХIажимухIамад мустахIикълъана РФялъул ва ДРялъул МВДялъулги ДРялъул хIукуматалъулги гIемерал шапакъатазе. ДРялъул Пачалихъияб Советалъул хIукмуялда рекъон, гьесие кьуна «ДРялъул мустахIикъав юрист» абураб цIарги. 1996 соналъул сентябралда террористазухъа гъоркьлъалие ккурав 18 чи ворчIизавиялъухъ гьесие кьуна Россиялъул Бихьинчилъиялъул орденги.
1998 соналъул маялда питначагIаз гьужум гьабуна республикаялъул ХIукуматалъул минаялде. ХIинкъи букIана гьенисан байбихьараб кьал тIолабго республикаялда тIибитIиялъул. Бидулал лъугьа-бахъиназда цере сангарлъун эхетаразда гьоркьов вукIана ХIажимухIамад ХIажимухIамадовги. Тунка-гIусиялде дандечIезе квербакъана гьесул къадруялъги ритIухълъиялъги.
Гьев вукIана районалъулгун республикаялъул патриотги интернационалистги. Дагъистан «миллиял минабахъ» рещтIинабизе хIаракат гьабулел цо-цо жамгIиял церехъабазул заманалда гьес жигар бахъана батIи-батIиял миллатазул гьудуллъи-вацлъи цIуниялъе. Динияб байрахъалда гъоркь вагьабизмгун экстремизм тIибитIизабулеб заманалдаги гьел хIаракатазде данде къеркьана гьев.
РФялъул МВДялъул полковникасул погоназде хIур ккезе течIо ХIажимухIамадица. Районалъул жамагIаталъ гьев вищана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъун. Гьес кидаго цIунулаан ракьцоязул интересал.
1999 соналъул апрелалда МахIачхъалаялда рагьана РФялъул МВДялъул Милициялъул хасаб гьоркьохъеб школа. Гьелъул начальниклъун тIамуна ХIажимухIамад ХIажимухIамадов. 15 моцIалъ хIалтIана гьев цIияб хъулухъалда ва гьесухъа бажарана курсантазул цIалиялъеги, спорталъеги, гьединго гIумруялъеги санагIатал шартIал гIуцIун. ТIоцебесеб иргаялда, гьес нахъе бахъизабуна школа сверун ккун букIараб зазиххараб маххул чали. «Маххул куналъ сверун къараб школалда цIалулев гIолиласул мустахIикъав милиционер кин куцалев? Кин гьеб бичIчIизе кколеб гьесул эбел-инсудаги халкъалдаги?» — ян абуна гьес.
Гьесул рукIана гIемер планал. Масала, щуго соналда жаниб Милициялъул школалъул МВДялъул Академия гьабизе. Гьес гьел планал гIумруялдеги рахъинарилаан — гьединаб хасияталъул чи вукIана гьев. ВукIинчIо гьев жиндиего хIалхьи- рахIат балагьулев, хъулухъазда хадув лъугьарав чи. Гьес тIалаб гьабулаан цадахъ хIалтIулел ишцоязул, хIалтIулаан, законалде мугъги чIван, ватIаналъул букIинеселде божилъигун, ракълилаб Дагъистаналъул цебетIеялъеги дагъистаниязул талихIаб гIумруялъеги гIоло. Амма вахIшиял гIащтIичагIазул квералъ циндаго вахъана гьев нилъехъа…
Дир гьудул ХIажимухIамад ракIалде щвезавулаго, гьесул лъади Сабигатидаги яс Мадинадаги, гьелъул ункъабго лъимералдаги абизе бокьун буго: Аллагьас рехун тогеги нуж, — ан абун.