ГIадамазе цIикIкIун лъикIлъи гьабулезда цIикIкIун гурхIула Аллагьги ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатаз республикаялъул бетIерлъун вищана Владимир Васильев РФялъул президентасул Северияб Кавказалъул округалда вугев вакил Александр Матовниковасул рагIабазда рекъон, Халкъияб Собраниялъул депутатаз Владимир Васильев бетIерлъун тасдикъ гьави ккола цIакъ ургъун тIамураб гали. «Улкаялъул президентас божилъиги гьабун, республикаялде витIарав Владимир Васильев бетIерлъун тасдикъ гьавиялдалъун бихьулеб буго республикаялъул...
Терроризмалде данде цадахъаб къеркьей
Акция байбихьана терроралъул хIасилалда гIумруялдаса ратIалъарал ракIалдещвезариялдасан Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев, республикаялъул хIукуматалъул председатель Артем Здунов, Дагъистаналъул Халкъияб Cобраниялъул председатель Хизри ШихсагIидов, муфти АхIмад Апанди гIахьаллъана терроризмалде данде къеркьеялъул къоялде МахIачхъалаялда тIобитIараб республикаялъулаб акциялда. Тахшаралъул аслияб майданалде данделъун рукIана гIолилал, студентал, жамгIиял хIаракатчагIи, журналистал, партиязул регионалиял отделениязул вакилзаби ва цогидалги дагъистаниял. Акция...
Политика ва психология: пачалихъалъе хIинкъи буго
Владимир Путиница Сибиралъул федералияб округалде гьабураб сапаралъул «лъалкIда» хадуб Дица кидаго хIаракат бахъула улкаялъулги дунялалъулги политикиял балъголъабазда хадувгъезе. Амма жакъагицин гIемерал руго жаваб батуларел суалал. Гьел суалазе жаваб батизе кумек гьабула «мухъазда гьоркьосеб» магIна цIализе бажарани.Сибиралъул федералияб округалде (СФО) Путиница гьабураб сапаралъул хIакъалъулъги цIализе ккола прессаялда рахъарал макъалабазул «мухъазда гьоркьосан». Кемеровоялдаги, Омскалдаги, Новосибирскалдаги ва...
Конкурс — «Дир Дагъистан»
ТIасавищана 54 чи 27 август «Дир Дагъистан» абураб конкурсалъул гIахьалчагIазда гьоркьоб тIобитIана жеги цоги тестирование. Бищун цIикIкIун баллал щварал ахIун рукIана финалияб тестированиялде (ретест). Ретест, тIоцебесеб тестирование гIадин гуреб, тIобитIана гIуцIари-экспертазул халкквеялда гъоркь. Гьениб гуккизе ялъуни цогидал кумекалъулал ресал ралагьизе рес букIинчIо. ХIасилияб тестированиялда киназухъаго бажарараб цебеселда гIадал тIадегIанал хIасилал – ретесталъул хIасилалда 55 чи...
Школа базе ипотека
Каспийск шагьаралда бана 500 цIалдохъанасе бакI бугеб школа РФялъул бакIал раялъул ва ЖКХялъул министр Владимир Якушев, Дагъистаналъул премьер-министр Артем Здунов, ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместителасул ишал тIуралев ХIажимухIамад ХIусейнов, республикаялъул бакIал раялъул министр Малик Баглиев щвана Каспийск шагьаралда бараб 500 цIалдохъанасе бакI бугеб №11 школалде. Школа бана «Ипотека и арендное жилье» проекталда рекъон. Школа баялъе...
РакIалдещвеялъул къо
Балъгояв тушманасул квердаса МухIамадсалихI Гусаев хваралдаса сверана 15 сон 27 августалда тIобитIана Дагъистаналъул миллияб политикаялъул, информациялъул ва къватIисел бухьеназул министрлъун хIалтIулев вукIарав МухIамадсалихI Гусаев ракIалдещвезавиялъул митинг. Гьелда гIахьаллъана республикаялъул ва ведомствабазул, жамгIиял ва гIелмиял гIуцIабазул вакилзаби, ДРялъул Миннацалъул хIалтIухъаби. Митинг рагьана ДРялъул миллиял ишазул рахъалъ министрасул ишал тIуралей Татьяна Гамалейица. Гьелъ бицана МухIамадсалихI Гусаевасул...
Пенсиялъул реформаялъул рахъкквезе ахIана
РФялъул президент Владимир Путиница халкъалде хитIаб гьабуна Улкаялъул президентас халкъалде хитIаб байбихьана Россиялъул пенсионерал цIикIкIунел рукIиналъулги, гьеб рахъалъ хиса-басиял гьаризе цебего заман щвеялъулги, реформа гьабичIого тани, ккезе бегьулеб хIалкъаялъулги ва цогидалги масъалабазул бициналдаса. Реформа чарагьечIеб иш букIиналъе далилалги рачана гьес. Гьелдаса хадуб Владимир Путиница загьир гьаруна пенсиялъул реформаялъул хIакъалъулъ гьадинал пикраби.1. Законалъул проекталда абулеб...
ЦIалул тIахьазе биччараб гIарацгицин бикъулеб батани…
Владимир Васильевас какана школал цIалул тIахьаздалъун хьезариялъулъ бугеб ахIвал-хIал. Гьелъул хIакъалъулъ бицана лъайкьеялъул министр Уммупазиль ГIумаровалъ.— Республикаялъул цо-цо школазда руго къваригIунарел тIахьал. Масала, Агул районалъул росабазул школазда руго гъваридго паранг ва ингилис мацIал малъиялъул тIахьал. Болъихъ районалда кколелдаса цIикIкIун ратана тIахьал. РакIалда буго школазул библиотекабазда ругел тIахьазул хIисаб-суал гьабизе. Гьенир гIодор лъун ратулел руго къваригIаралги...
Каспиялъул флотилия
Дагъистаналде вачIана Россиялъул оборонаялъул министр Сергей Шойгу МахIачхъалаялъул аэропорталда министрасда дандчIвай гьабуна ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевасги ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здуновасги. Гьел щвана Югалъул рагъулаб округалда, ай МахIачхъалаялдаги Каспийскалдаги Каспиялъул флотилиялъе ралел ругел объектазде. ГьабсагIаталда ралел руго гуми рещтIунел бакIал, флотилиялъул аскариязе хIажатаб инфраструктура: казармаби, маданияталъулгун рекIелгъеялъул центр, офицеразе мина. ХIалтIизе байбихьун...
Каспий – ракълил ралъад
Гьал къоязда Россиялъул, Казахстаналъул, Ираналъул, Азербайжаналъул ва Туркменистаналъул президентаз гъолбасал гьаруна Каспиялъул правовияб статусалъул хIакъалъулъ конвенциялда Каспиялъул правовияб статусалъул хIакъалъулъ конвенциялъул документ хIадур гьабиялда сверухъ рехсарал бутIрузда гьоркьор чанго соналъ гара-чIвариял гьарулел рукIана. Ахирги гьел цо пикруялде рачIана.Каспий ралъад ккола нилъер бечелъи, берцинлъи, инсанасул сахлъицIуниялъе чIахIиял ресал рагьулеб гъамас. Югалдаса Севералдехун гьелъул халалъи буго...