Запись

Тахшагьаралъул аслияб майдан цIигьабизе буго

Владимир Васильевас тIобитIараб данделъиялда бицана Дагъистаналда шагьарал раялъулги архитектураялъулги хIакъалъулъ Лъабабилеб авгутсалда тIобитIана ДРялъул бетIерасда цебе бугеб ДРялъул шагьарал рай ва архитектура цебетIезабиялъул советалъу­л данделъи. Гьенир церелъурал масъалабазда гьоркьоб букIана Ма­хIач­хъалаялъул аслияб майдан цIи­гьабиялъул суалги. Гьениб бицана тахшагьаралъул тарихияб сипат цIуниялъулги, рекламабазул хIа­ракат низамалде ккезабиялъулги, аслияб майданалдасан транспорт хьвадиялъе рес кьеялъулги хIакъалъулъ.Регионалъул нухмалъулес абуна, гIемерал...

Запись

ДРялъул хIукуматалда

Тархазулал  технологиязул министерство Артём Здуновас хIалтIухъабазул лъай-хъвай гьабуна цIияв министрасулгун Араб анкьалъул ахиралда ДРялъу­л бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас гъолбасана Сергей Снегирев министрлъун тIамиялъул хIакъалъулъ указалда гъоркь. Анлъабилеб августалда ДРялъул премьер-министр Артем Здунов вачIун вукIана Информатизациялъулги, бухьеналъулги массовиял коммуникациязулги министерствоялде. Гьес хIалтIухъабазул лъай-хъвай гьабуна цIияв министр – Сергей Снегиревасулгун.Цевеккун министрлъун вукIарав Рашид Акавовасул хIалтIуе лъикIаб къимат...

Запись

ХХI гIасруялъул машгьурал политикал

Турциялъул президент Ражаб ТIайгиб Эрдогъан   Гьесие кIудияб асар гьабуна «политикияб ислам» гIуцIарав Нажмудин Эрбаканица Исана 9 июлалда букIана 24 июналда цIидасан вищарав Турциялъул президент Ражаб ТIайгиб Эрдогъанил инагурация. Гьелдалъун гьеб пачали-хъалъ гали тIамуна жиндирго цIияб дунялалде. Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Россиялъул Федерациялъул вакилзабазги. Конституция-лъулал реформабазул хIасилазда рекъон, гьанжеялдаса хадуб Турция букIине буго, парламенталъулаб системаги...

Запись

200 хIакимчи жавабчилъиялде цIана

10 июлалда Владимир Путин дандчIвана Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевгун   В. Васильевас улкаялъул президентасе бицана, марталда букIараб дандчIваялдаса хадуб гьес жиндие кьун рукIарал тIадкъаял кин тIуразарулел ругелали. В. Путин: ВорчIами, Владимир ГIабдугIалиевич, хIалтIи-иш кин бугеб нужер?В. Васильев: Расги бигьаго гьечIо, битIун бицани. ХIаракат бахъулеб бугоха дуца нижеда церелъурал масъалаби тIуразе.Болъихъаги ЦIумадасаги гIадамалгун дандчIвараб мехалда,...

Запись

Суалал ва масъалаби

Налъи цIикIкIана   РФялъул Пачалихъияб советалъул данделъиялда бицанаСеверияб Кавказалъул федералияб округ цебетIезабиялъул хIакъалъулъ Москва областалда тIобитIараб Пачалихъияб советалъул данделъи нухда бачана РФялъул хIукуматалъул председатель Дмитрий Медведевас. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевги.   Медведевас бицана, аслиял масъа­лабилъун кколин СКФОялъул цIатариялъулгун энергетикаялъул комплексалда бугеб хIалги, пачалихъиял программабаздаги аслиял проектаздаги рекъон хIалтIиялъул хIасил гьабиги. Гьел...

Запись

Стратегияб сессия

В. Васильев: «Диего бокьун вачIинчIо…»   ДРялъул нухмалъулесул ишал тIуралес лъазабуна жив республикаялде хIалтIи гьабизе вачIун вугин «Дагъистан Республикаялъул социалиябгун экономикияб цебетIеялъул стратегия хIадурулаго, транспорталъул логистияб комплекс цебетIезаби» абураб темаялда стратегияб сессия тIобитIана Дагъистаналъул пачалихъияб техникияб университеталда. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевги, ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здуновги, ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги администрациялъул нухмалъулев...

Запись

Республикаялъул гьалбал

Дараби ва багьаби   ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев дандчIвана сахлъицIуниялъул рахъалъ надзоралъул федералияб хъулухъалъул вакил Михаил Мурашкогун М. Мурашкоца бицана жив щванин республикаялъул медициная-лъул чанго идараялде. «Нижеца хасаб кIвар кьола регионалде. Гьанир тIоритIула батIи-батIиял тадбирал. Дагьа-макъабго хиса-баси гьабун бажарана, амма масъалаби жеги гIемер руго. Аслияб мурад буго улкаялъул президентасул указ пайдаялъе хIалтIизабулеб бугищали...

Запись

Сессия

38 гъуршицаги бер бахъиларо   Лъималазе кьолеб гIарцул къадар цIикIкIинабуна Халкъияб Собраниялъул анлъабилеб ахIиялъул къоло ункъабилеб сессиялъул байбихьуда, гIадатлъун билълъухъе, фракциязул депутатаз гьарулел рукIарал кIалъаял гьаб нухалда гьаричIо. Гьединлъидал сессияги байбихьана гьоркьор лъезе росарал суалаздасан. Масала, тIоцебесеб суал букIана «Дагъистан Республикаялда патриотизм куцаялъул суалазул правовиял кьучIазул хIакъалъулъ» абураб. Аслияб куцалда гьениб пикру буссинабулеб буго дагъистаниязулъ...

Запись

Республикаялъул хIукуматалда

Нухалги къачIазе руго, гIадлуги букIине буго   Республикаялъул хIукуматалдаВладимир Васильев гIенеккана улкаялъул президентасде хитIаб гьабурал дагъистаниязухъ 27 июналда ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас къабул гьаруна дагъистаниял.Гъизилюрт шагьаралда диализалъул центр рагьеян гьарулеб букIана Гъизилюрт районалдаса Шагьрурамазан ХIасановас. Гьелда бан ДРялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъ кьураб баяналда рекъон, Гъизилюрт шагьаралдаги Гъизилюрт районалдаги вуго ургьисалаби унтарав 34 чи. Гьединлъидал...

Запись

«Бермудазулаб гуреб» лъаббокIон

Кибе араб лъабго млн евро (20 млн гъуруш)?   ТIагIана миллионал Москваялъу­л тамашаяб «лъаббокIоналда»: Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул Москваялда бугеб бетIераб цIех-рехалъул управлениялъул ЦIияб Арбаталда бугеб минаялдаги къуваталъулал идарабазул пуланаб институталдаги – Москваялъул казначействоялдаги Сбербанкалъул «Вол­гоградский» абураб кассаялъул­гун инкассациялъул централдаги (КИЦ) (гьениб гьабулеб букIана ге­нетикияб экспертиза) гьоркьоб. Сбербанк му­кIурлъулеб гьечIо гьеб ишалъулъ жидеца «гъалатI» биччаялъе: абулеб...