ТIабигIиял бечелъабазда сверухъ гара-чIвари

4 августалда «Дагестанская правда» газеталъул редакциялда тIобитIана пайда бугел тIабигIиял магIданазул, гьел рахъулел ракьазда хурхун загьирлъулел гIунгутIабазул бицараб пресс-конференция.

Гьелда гIахьаллъана ракьулгун мал-мулкалъул министр АгъарахIим КъагьирхIажиев, росдал магIишаталъул министр Абзагьир ХIусенов, тIабигIиял сурсатазулгун экологиялъул министрасул заместитель Заур Римиханов, гьединго архитектураялъулгун ралел бакIазул комитеталъул нухмалъулев Незир ХIусенов.

 

 

А. КъагьирхIажиевасул рагIабазда рекъон, пресс-конференция тIобитIиялъе аслияб гIилла ккун буго ракьазулгун мал-мулкалъул суал, ай, цо категориялдаса цогидалде ра­кьал руссинарулелъул дандчIвалел захIмалъаби.

 

«Гьезул хиса-басиял гьарула­го аслияб гIунгутIилъун хутIулеб буго гIураб къадаралда документал хIадурунгутIи.

 

 

КIиабилеб гIилла, гьел доку­ментал жанире кьеялъул тартиб цIунунгутIи. Цо категориялдаса цогидалде ракьал руссинарулелъ­ул, документал, тIоцебесеб ирга­ялда, кьезе ккола республикаялъул хIукуматалде, гьениса рачIуна гьел нижехъе. Ниж (Мал-мулкалъул министерство - авт.) гьенир кко­ла операторал гIадал чагIи, ай гьел документазул букIинесеб къисмат тIубалел чагIилъун. Амма цони­ги нижехъе бачIараб гIарза, кIвар кьечIого нижеца толаро», - ян баян гьабуна министрас.

 

 

 

Салул гохIаз хьихьун чанги магIишат буго

Мал-мулкалъул нухмалъулес кьураб баянги ритIухъ гьабулаго, росдал магIишаталъул министр А. ХIусеновги лъугьана щай гьел до­кументал тасдикъ гьарулаго захIмалъаби цIикIкIунел ругелали дагьабги лъикI бичIчIизабизе. ГIемериселщинал ракьал муниципали­теталъул къайимлъиялда рукIиналъ лъугIулел рагIуларо гIунгутIаби.

 

Республикаялда ругел тIабигIиял магIданазул бицунаго гьез аслияб пикру буссинабулеб бугоан салутIе. Гьелда бан журналистаз гьикъана къанунги хвезабун, сали бахъулеб чан карьерин республикаялда буге­бан.

 

 

Официалияб куцалда тасдикъ гьа­рурал гьединал сали бахъулел бакIал гьечIин абуна тIабигIиял сурсатазул рахъалъ министрасул заместителас, ругила балъго-гIатIго, цIогьохъего сали бикъулел чагIи.

 

«Аслияб къагIидаялъ, сардилъ рахъун КамАЗалги рачун, сали бо­сун ун батула гьез. Гьединазда тIад низам цIунулел идарабаз хIалтIиги гьабулеб буго», - ян бицана З. Рими­хановас.

 

Хадув гьев лъугьана цересел сона­зде дандеккун, 2019 соналда гьеди­нал сали бахъулел бакIаз пачалихъ­алъе кьураб магъалодул бицине. Миллионал магъалаби рачIанин па­чалихъалъул казнаялдеян веццарди­зе гьев лъугьиндал, гьел тарихазул цо кIудияб санго гьабичIеб гIадин, «Илчи» газеталъул журналист лъу­гьана, балъго-гIатIго сали бахъу­лел чагIи щайин нужеца къватIир чIвазаруларел, кколарел абун.

 

 

ГьабсагIат гурищ бицараб къа­нунги хвезабун хIалтIулел гьединал карьерал республикаялда гьечIилан, тIабигIиял сурсатазул нухмалъуле­сул заместителасул баян ракIалде щвезабуна мал-мулкалъул министр А. КъагьирхIажиевас.

 

Амма гьес абураб рагIи гIадахъ босулеб гьечIоан «Илчи» газеталъ­ул вакилас: Сулахъалъул рахъалдаса сали бикъулел цIогьал рукIунила эр­кенго КамАЗазда гьеб баччулел, гье­зие гIадлу гьабулел чагIи гьечIила.

 

Ахирги гьев гIодове вуссу­нев гьечIолъи бихьидал, гьеди­нал цIогьал кквезе тIадаб хъулухъ тIубалел чагIи щалилан, тIадго вус­сун гьикъана сабру лъугIарав мал- мулкалъул нухмалъулесги. Дуе жал низам цIунулел чагIи гурин, цIогьабазе гIадлу гьездаса тIалаб гьабейилан хабар лъугIизабуна ми­нистрасги.

 

 

 

 

Документазул хачIги магIданазда хадур лъугьарал бизнесчагIиги

Архитектураялъулгун ралел бакIазул комитеталъул нухмалъулев Н. ХIусеновас цIакъ шавкъалда бицана сали бахъулеб карьералдаса пай­да босизе бокьарал бизнесчагIазда дандчIвалел квал-квалазул. Миса­лалъе, ижараялъе, ялъуни жиндирго къайимлъиялъе гьединаб карьер бо­сизелъун документал хIадуризе лъу­гьани, гьес (бизнесчияс) бала лъаб­го моцIидаса бахъараб лъагIалиде щвезегIан мех.

«Аниса гъове витIун, гъоваса дове витIун, гьобо сверухъе горсверутIа вукIуна гьев векерулев. ГIилла добго доб, гьел ракьал му­ниципалитеталъул къайимлъиялда рукIин. Гьеб суал роцIцIинабизелъун цадахъ рекъон хIалтIизе бай­бихьун буго жакъа гьанир гIодор чIун ругел ункъабго идараялъ­ул вакилзабаз», - ин бицана Н. ХIусеновас.

 

 

 

 

Рекьулел ракьазда квер

хъвазе гьечIо

ТIабигIиял магIданал жаниса рахъулел ракьазул мухIканаб къадар жидехъ гьечIин бицана тIабигIиял сурсатазул министрасул замести­тель Заур Римихановас.

Амма республикаялда тIад бан ралел бакIазул бизнес цебетIолеб букIаниги, сали бахъулел карьера­зул мукъсанлъи гьечIин, жеги квер хъвачIел салул нахърателалги руги­лан тIадежубана гьес.

Ракьазулгун мал-мулкалъул министр АгъарахIим КъагьирхIажиевасул рагIабазда рекъон, росдал магIишаталъе пайдаяб бачIин кьолел ракьазда квер хъвазе гьечIо гьезул категориялъул хиса-басиял гьару­лаго. Мисалалъе, лъикIал цIолбол ахал, лъарагIлъиялда ролъул хур­зал ва гьел гурелги нигIматал ре­кьизе бегьулел бакIал, тIабигIиял магIданазе гIоло хвезаризе бегьула­рин абуна гьес.

Къокъ гьабун бицани, гьеди­наб букIана ункъо министерствоялъул вакилзабаз ахIараб пресс- конференциялъул хIасил. Нужеца суалал кьейин, гьанир жакъа рорху­лел хIужаби цIакъ кIвар бугел жал кколилан бичIчIизабулебги бугоан гьез информалатазул вакилзабазда. Амма журналистазул киналго суа­лазе гуро гьезухъа чIванкъотIараб жаваб щвараб.