КIиго чIужугIадан квешго цоцалъ рагъанила. Руччабазул рагъалдаса гIасияб жо щибха букIинеб, ботIродаса цоцазул бетIун рас тIагIанила, гьурмаздаса хъарсун хъалги лъугIанила кIиязулго.


Цо талихIалъ тIаде гIадамалги щун, ратIа гьарун рокъо-рокъоре щвезаюнила кIияйго. Гьединги хIебтIичIого, хадур тIохдеги рахун, цоцазде хьандезе, рогьрал разе лъугьанила гьел.
- Зодоб цIва рикIкIун цIцIеги кьеги, цIцIаназда рас рикIкIун балагьги рещтIаги дуда, - ян ахIанила цоялъ.
- Лъарахъ чваходал гьаракь къотIаниги, дур рокъоса магIил гьаракь къотIугеги, - ян хьанданила данде гьай цояйги.