Вакцина гьабурал цIикIкIана
20 апрелалда Сергей Меликовасул гIахьаллъигун тIобитIараб оперативияб штабалъул данделъиялда бицана вакцинация гьабиялъул хIакъалъулъ.
Сахлъи цIуниялъул министерствоялъул баяназда рекъон, вакцина гьабун буго 52 азарго чиясе.
Роспотребнадзоралъул нухмалъулев Николай Павловас абуна сордо-къоялда жаниб ковидалъ унтаразул къадар 0,13 проценталдаса цIикIкIинчIин. Цересел анкьазда рукIарал тарихазухъ балагьани, гьезул къадар дагьлъун буго.
Ашахан ЮСУПОВ