Новость на родном

«ЦIияб цIалул соналде – 12 цIияб школа

      ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулпатахI ГIамирхановас тIобитIараб данделъиялда бицана «Демография» ва «Лъай кьей» абурал миллиял проектазда рекъон, республикаялда ран ругел бакIазе лицензия кьеялъул хIакъалъулъ.      ГI. ГIамирхановас бицана, РФялъул хIукуматалъул бихьи- забиялда рекъон, 2021 соналъул тIоцебесеб сентябралде республикаялда хIалтIизе байбихьизе ккола рехсарал миллиял проектал гIумруялде рахъинарулаго бараб 12 объектин абун. Гьезда гьоркьоб буго:...

Новость на родном

Гъуниб — цIияб санаторий

      Араб анкьалда, ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликовасул тIадкъаялда рекъон, Гъуниб районалде сапар гьабуна ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместитель Мурад Казиевас.      Сергей Меликов 22 июлалда щун вукIана «Гъуниб» Республикаялъулаб лъималазул санаториялде. ДРялъул бетIерасул ишал тIуралес тIадкъан букIана санаториялда бугеб ахIвал-хIал камил гьабиялъе хIажатал тадбиразул хIакъалъулъ пикраби хIадуреян абун.     Санаторий хIалтIулеб буго 1980...

Новость на родном

Ракьал рехун тоге!  

       РФялъул мелиоративияб комплекс цебетIезабиялъул ва росдал магIишаталъе хIажатал ракьал хIалтIизариялъе пайдаял къагIидаби ратиялъул мурадалда къабул гьабураб пачалихъияб программаялда гIахьаллъулеб буго Дагъистанги. Гьелда бан гьаризе тIадал тадбиразул хIакъалъулъ бицана ДРялъул премьер-министр ГIабдулпатахI ГIамирхановас тIобитIараб данделъиялда.     Дагъистаналъе кIудияб кIвар бугеб проект букIиналъулги бицун, ГIабдулпатахI ГIамирхановас муниципалитетазул бутIрузда тIадкъана гьелда гIахьаллъизе жигаралда документал хIадуреян абун....

Новость на родном

70 проценталъ гьабуна вакцина

        ЦIикIкIунеб буго коронавирусалъ унтарал гIадамазул къадар. Гьелда бан цо чанго регионалъ, гьезда гьоркьоб Дагъистаналъги, хIукму гьабуна хIалтIухъабазул 60-ниги проценталъе чара гьечIого вакцина гьабизе. Гьал къоязда ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъул хIалтIухъабазги вакцина гьабуна. Коронавирусалде данде кIиябго вакцина гьабуразул къадар бахана 71 проценталде, кIиго чиясе тохтурзабаз ихтияр кьечIо гьелъие.      Вакцина гьабилалде тохтурзабаз...

Новость на родном

«Гьаб борхалъиялде дун халкъалъ вахинавуна»

  Сайгидпаша ГIумаханов гIадал чагIи загьирлъизе, хиса—басиязул заман тIаде щвезе кколеб батула. Щайгурелъул парахатаб, гIадатияб гIумрудулъ гIадамазулъ тIатинчIого хутIизе бегьула гьединал гIамалал. Гьединлъидал къеркьей гъорлъ гьечIеб гIумру гIумрулъун рикIкIунеб гьечIоан живго Сайгидпашацаги.     Гьесулгун гьабураб гьаб гара-чIвариялда цебе Сайгидпаша ГIумахановасул биография лъеялъулъ хIажалъи бихьулеб гьечIо. Щайгурелъул малъгIанасеб Хасавюрт гьес дунялалда рагIарараб «спорталъул Маккаялде» сверизабиги,...

Новость на родном

Иххица бащдаб росдада «михир бачана»

          29 июлалда кутакаб чвахунцIадги бан, кIудияб зарал ккана ЧIарада районалъул Арчиб администрациялде гъорлъе унеб Хилихъ росдае. Гьебги малъун, кинабниги анкьго росу буго арчисезул администрациял­де гъорлъе унеб. Гьезда гьоркьоб, 62 цIараки бугеб Хилихъ ккола бищун кIудияб. Араб хамиз къоялъ гьезул 34-ялъе кIудияб къварилъи ккана. Анлъго мина-рукъ тIубанго биххизабуна. АнцIгоялдасаги цIикIкIун минаялъул рукъзабахъе лъим...

Новость на родном

Росдал магIишаталъе техника босулеб буго

  Республикаялъул тIалъиялда ракIалда буго гьаб соналъул ахи­ралде хурухъабазегун ахихъаба­зе 800 миллион гъурщиде росдал магIишаталъул техника босизе.    600 миллион гъурщиде 402 техни­ка босун букIун буго араб соналдаги. Росагролизинг программаялда рекъон росдал магIишат цебетIея- лъе хIалтIи гьабулеб бугин бица­на информалатазе ДРялъул рос­дал магIишаталъул министразул тIоцевесев заместитель Шарип Ша­риповас. А. ЮСУПОВ

Новость на родном

ВатIан тун унезул сияхI

  Нилъер республикаялъ чIел бо­сун буго бищун гIемер гIадамал къватIире унеб регион хIисабалда. Северияб Кавказалъул федералияб округалъул республикабазда гьор­кьоб Дагъистан буго тIоцебесеб бакIалда. Улкаялъул регионазда гьоркьобин абуни — лъабабилеб бакIалда. Гьеб ккола «Росстаталъ» хIадур гьабураб рейтинг. Нилъедаса цере руго Саратов ва Омск областал. 2021 соналъул щуго моцIида жа­нив 17455 чи ун вуго нилъер ре­спубликаялдаса къватIиве,...

Новость на родном

Шагьранухде нахъойги кьуру биххана

  3 августалда Гъуниб районалда «Гъуниб-Гъумеки» абулеб шагьра­нухде кьуруги ччукIун, 70 метра- лъул манзилалда нух бацана. Маши­надуй нухги гьечIого хутIун букIана ЧIохъ, Сугъралъ росаби. Гьел ккола Гъуниб районалъул бищун гIемер туристал рачIунел росаби. Шагьра­нух бацIцIад гьабизе гьенибе экска­ваторги автопогрузчикги щун буго. ХIалтIухъабазда ракIалда буго 5 августалъул рогьалида машинаби хьвадулеб хIалалда нух бацIцIад гьа­бизе. Нухде кьуру...

Новость на родном

10000 гъурщица ургъел тIаса босараб куц

  1 сентябралде лъимал школал­де хIадуризе биччараб 10000 гъу­рущ кьезе байбихьана улкаялда. Гьеб гIарац щвезе буго школалде унеб лъимер рикIкIун щибаб хъи­замалъе. Байбихьуда бицен букIана гьеб гIарац августалъул бащалъи ун хадуб кьезе бугин, амма РФялъул президент Владимир Путиница лъа­забуна гьеб тадбир гIедегIизабеян. ГIарац щвезе бигьалъула Госус­луги сайталда (www.gosuslugi.ru) хъвай-хъвагIай бугев чиясе. Гьанжеялдего гьеб гIарац щва­рал...