КIиго соналъ цебе Астраханалдаса Каспийскиялде гочараб Каспиялъул флотилиялъул хIал-хIукму цIехезе 8 июналда Дагъистаналде вачIун вукIана Россиялъул оборонаялъул министр Сергей Шойгу. Гьев щвана цадахъго 50 гама чIезе бажарулеб база балеб бакIалде. Хадуб министрас хал гьабуна рагъулал хъулухъчагIазе флотилиялда чIезарурал шартIазухъ. Гьедин, масала, гьезул хъизамазе ран руго 528 квартира жаниб бугеб кIудияб комплекс, ясли-ах,...
