ШагIиралъул кинаб асар босаниги, гьелъ дие кIудияб асар гьабула. Цин гьейгун елъанхъула дун, цинги гьелъул рекIелъанго гьулчун бачIунеб магIугун цолъула дир магIуги ва заманалдасан дунялги пикрабиги цIидасан къалъун рачIуна. Фазул асаразул героялгун гаргадула, гьезул къис- маталъулъ дирго къисматги балагьулей ятула. Зама-заманалдасан щола дун Фазухъеги, гьелъ- ул цIар лъураб паркалдеги. Гьале дой — чIаго йигеб мехалда дида тIубанго йичIчIун яхъинчIей шагIир. Гьанже гьелъул шигIрабазул гъасда къварилъахъдилей йигей. Гьаб макъалаялда бокьун буго цоги нухалда тIад юссине шагIиралъул магIуялъухъе, бигъа- раб гIомолъун жинцаго рикIкIунеб гьелъул къисматалъул хIокIазде яхине. Амма шагIиралъул гIумру букIинчIо бигъараб. Гьеб гвангъухъе буго жакъа. ГIумруялдаса ватIалъун хадубги дур хIакъалъулъ цогидаз бицунеб бугони — гьеле ракьалда тарал лъалкIазул кунчIи. Гьеб кунчIи дида батулеб буго Фазул щибаб асаралъулъ. Иргадулаб нухалдаги гьоболлъи балеб буго шагIиралъул адабияталъул ахикь. Гьаб нухалдаги дун гьение уней йиго магIугун цадахъ…
— Аллагьас мугьру чIван, гьунар кьуразул Гьалагаб букIуна гIумрудул къисмат, КъулчIизе ккола гьез ганчIил кьураби, Кьурабазда цадахъ зазил хъархъалги. Фазу ГIалиева — ГIазулаб декабралда хунздерил тIалъиялда бижараб хIикматаб тIогьое кьуна гьединабго хIикматаб цIар — Фазу. ГIазул хIулабаз беэдун, гьури-цIадалъ тIанхал лъухьун, хасалил халатал сардазул маргьабазухъ гIенеккун, тIегьан бачIараб тIегьалъ сверухълъиялъе кьезе байбихьана хинлъи. Ва гьеб тIогьол хинлъи батана даимаб. Гьелъул хIасратаб кочIол гьаракь батана хвел гьечIеблъун. Гьале жакъаги рагIулеб буго дида гьелъул гьаракь: — Азарго тIегь буго дир рекIел ахикь, Аза- азар тIугьдул букIдузулъ къараб. Гьезул щибалдаги, шапакъат гIадин, Щубил гарал руго даим гиргилел. ЩубгIан рацIцIадалги роцIаралги тIугьдул рижана шагIиралъул шигIрабазул ахикь. Цоги нухалда гьезул бакъназухъ гIенеккизе, дун щвана шагIиралъул памятникалъухъе. Гьале дой — дун даим жиндир шигIрабазухъ урхъун йикIуней тIадегIанай, чIухIарай мугIрул чIужугIадан.
Салам, хIурматияй Фазу Гьалеха жакъаги щвана духъе дун, тIугьдузул квацIиги босун. Дуде аскIое щвезегIан, ургъулей йикIана, пикрабазе эркенлъиги кьун. ГIемер жо букIана дуе бицине. Амма дуда берчIвайдал, пикрабиги магIуги жубараб гIомо гIунун хутIана. ЦIидасанги рагIулеб буго дур гьаракь: — Дица, дунялалъул тIогьийги яхун, ТIолго гIаламалде ахIулеб буго: Эркенлъи зоб бугин, рекъел бакъ бугин, Рукъ-рукъалъ къадруги къабул гьабеян… Фазу ХIамзатовна, гьалеха жакъаги дун духъе ячIана, эбелалъул хъахIаб шалги чIван. Дур поэма цIаларалдаса, дие гьеб цIакъгоги хиралъана: — Эбелалъул шалалъгIан, ГIемер гIодизайичIо… Дагъистаналъул ясал, Нужеде дир аманат – Улбуца нахъе тарал Шалазул къимат гьабе… Халатал синсаз магIуги бацIцIунаго, гIенеккун йиго дун улбузул сариназухъ. Жакъа гьел дуца ахIулел руго дие: — Даим гьелда букIуна Эбелалъул хасаб махI, Хахараб керемалъул Рахьдадаса гIадинаб. Щибаб шалалъул жиндирго къисматги жиндирго къисаги. ГIумруялъулгун къо-лъикI гьабулелъул, дуца Фазу, гIуж бан тана щибаб харида. ГIагараб тIалъиялъул харил щибаб сумалъги ракIалде щвезарула гьал къояз дур асарал: Огь! Жакъаги нижее къваригIун бугеб куцха гьеб – Сабру: — Аллагь, дур цIоб-гурхIел кIудияб буго, КIудияб сабурлъи лъималахъе кье, Сабру рекIелъ лъурал мекъи кколаро, Мекъаб нухалъ ине риччаге дуца… Дудаго хIанчIолезегицин гьимиялъул къатIраялъулъ бакI батарай, дур гIумру бигъараб гIомоялде сверизабизе хIаракат бахъанщиназда берцинго кIалъазегицин къуват батарай духъ урхъун унеб буго гIумру. ГIолел гьечIел куцха жакъа дур дарсал. Кинха йохиларей, йохарай шагIиралъул рекIел кIутIи рагIидалги: — Унтабаца кIвекIарай, Дарабаца къанцIурай, КъватIие яхъана дун – Дунялалъул берцинлъи! Буччараб гIурччинлъиги, БекI рагьулел тIугьдулги, Гьелгун махсара гьабун, Басандулеб гьуриги…
ХIурматияй Фазу! Жакъаги тIабигIаталъул чIвабзаз долго саринал рачунел руго. Ялагье гьание – дуего бачIун бугебщинаб тIегь бихьизе. Щибаб тIогьол тIамачалъги жакъа Фазуйилан щурулеб буго. Гьел кIалъалел руго дур кIалдисан: — Аллагь, малъе гIолезда ГIадаталги адабги, Умумуз нилъей тарал, Тарихазул назмаби. Херазул адаб кквезе, Адабият цIунизе, Унтаразда гурхIизе, Рукъулезухъ гIодизе… Дуе цIакъго бокьулаан Дагъистан. ХIалуцарал соназги, гIемерисел дагъистаниязул ватIаналде божилъи хварал лахIзатаз, мун Дагъистаналде талихIалъул кучIдул хъвалей йикIана. Дуца нижее тана кIудияб поэзия, гьелдаго цадахъ гIадамаздеги ватIаналдеги хIасратаб рокьиги: — Дуде гъураб ракI буго, Дуда чIвараб мугъ буго, Аллагь, цIуне Дагъистан, Аллагь, цIуне Россия… Гьел руго, хIурматияй Фазу ХIамзатовна, дурго шигIрабазул ахикь тIирщарал, тIегьарал, гIурал тIугьдул. Дур поэзиялъул иццалъ лъалъарал гьез жакъаги ракI бохизабулеб буго нижер. Ялагье цо лахIзаталъги гьал тIугьдузухъ. Гьезулъ буго дур суратги сипатги, дур гIамал-хасиятги. Херлъизе рес гьечIей дир Фазул гьаракь дандерижилъун боржун унеб буго даимлъиялде: — Дун ялагьун йиго херлъарай Фазухъ, Херлъиялъулъ бугеб борхалъиялъухъ, Беразулъ кенчIолеб рацIцIалъиялъухъ, РоцIен жеги свинчIеб сабурлъиялъухъ… Цогиги лахIзаталъ гIенекке, Фазу. Гьале Мусаги тIаде щвана, дуда байрам баркизе. РагIулищ досул гьаракь: — Жакъа мун гьаюраб къо буго, гьудул… Ва дуцаги цIидасан жаваб кьолеб буго досие: — Жакъаги мун дие хIажат вугев куц, ХIаладаса араб къечдай лъим гIадин, Мун гьечIеб дир гIумру мукъсанаб буго, Къвалакь тIилалги чIван, йилълъунеб гIадаб. Дур хабал рагIалда гIодойги йикIун, Араб гIумруялъухъ гIенеккун йиго. Гьелъулъ бугеб бакъан къваридаб буго, Къвал цIу-цIун цIатари рухIалилъ лъолеб… Эбелалъул хъахIаб шалалъ магIуги бацIцIунаго, цоги нухалда шагIиралда аскIой лъалхъана дун. Нахъеги шагIир дунгун кIалъалей йиго: — Эбел гьардолаан, гIодое йиччан, ГIадамал гIадинан кIалъай Фазуян, ГIодоб биччай лъачIеб гьаб гIумруялда Дир гIодой йиччаялъ квелъ балеб буго…
Къо-лъикI, хIурматияй шагIир. Жеги чанго нухалда щвела духъе. ЯчIина чанцIулго духъе, паркалде…
Шамай ХЪАЗАНБИЕВА