Пандемия байбихьаралдаса нахъе коронавирусалъул ва гьел- де данде вакцина гьабиялъул хIакъалъулъ социалиял гьиназдасан тIиритIизарулел руго гIадамазул рекIелъе хIинкъи рехизабулел, до- раса-гьаниса рагIарал харбал. Байбихьуда кьучI гьечIел гьединал харбал сабаблъун Дагъистаналда коронавирусалъ унтаразул къадар, цогидал регионазде дандеккун, цIикIкIунги букIана. Амма къой- илго ковидалъ унтулел ва холел гIадамал рихьидал, гьел харбалги лъугIана. Гьанжейин абуни, гьединаз хIаракат бахъулеб...

