Гьале нахъе тана 2021 сон. Кинаблъун гьеб букIараб нилъер экономикаялъе? ГIаммаб куцалда босани, сверухъ бугеб ахIвал-хIалалда рекъон гIезегIан мадараб букIанин абизе бегьила. Кинаблъунха букIине бугеб 2022 соналда? Планазда ва шартIазда рекъон, жеги лъикIаб букIиналде хьул буго. Амма республикаялда гIумру гьабулеб халкъалъул къадаралъухъ балагьун, ай цо чиясда тIаде кколел социалиябгун экономикаялъул цебетIей бихьизабулел тарихазул рахъалъ Дагъистан гIемерго нахъе ккун буго Россиялъул цо-цо регионаздаса. ВРПялъул (лъагIалида жаниб къватIибе биччараб продукциялъул ва тIурарал хъулухъазул гIаммаб багьа) рахъалъ – 2,8 нухалъ, промышленнияб хIалтIул рахъалъ – 21,3 нухалъ, аслияб капиталалда (ракь, производствоялъул мина-къайи, техника-оборудование) лъурал инвестициязул рахъалъ – 1,5 нухалъ. Дотациял (федералияб бюджеталдаса кьолеб кумекалъулаб гIарац) щолел регионазда гьоркьоб Дагъистан буго тIоцебесеб бакIалда. 2021 соналда нилъее щвана 72,9 млрд гъурущ, Якутиялъе – 51,6 млрд гъурущ, Камчатка краялъе – 41 млрд гъурущ, Чачан республикаялъе — 33,5 млрд гъурущ. Жидеца федералияб бюджеталде гIарац кьолезул сияхI буго гьадинаб: Москва, Москва область, Санкт-Петербург, Ленинград область, Татарстан, Тюмень область ва Ханты-Мансийск автономияб округ. Гьелдаго цадахъ нилъер руго лъикIаб хIалалда церетIеялъе ресал кьолел, жеги тIуранго нилъеца хIалтIизаричIел сурсатал – туризмалда, росдал магIишаталда ва промышленносталда. Республикаялъул бетIер Сергей Меликовас батIи-батIиял данделъабазда чанго нухалъ абуна нилъеда цебечIараб ункъо аслияб масъала тIубачIони, социалиябгун экономикияб цебетIеялъул бициналъул магIнаго гьечIин абун.
Кинал масъалабиха гьел кколел?
- Шагьаралгун росаби лъедалъун хьезари ва гьеб бацIцIад гьабулел предприятиял хIалтIизе риччай. Гьеб хIалтIи гьабулеб буго ва гьелъие федералияб гIарац щвеялде хьулги буго.
- Квалквалал гьечIого гIадамазе ва хIалтIулел бакIазе тIабигIияб газ ва ток чIезаби. Газалъул ва токалъул гIемерал объектал руго юридикиял бетIергьаби гьечIого ялъуни ругел лъазаризе кIоларого. Гьединлъидал, кутакалда кIвар бугеб суаллъун лъугьун буго кинабго буголъи цо жавабияв операторасухъе буссинаби. Гьеб киналдаго сверухъ лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ суал «Дагъистан» РИАялъул директор МухIамад МухIамадовас борхана декабрь моцIалда Москваялда тIобитIараб Владимир Путинил пресс-конференциялдаги. Гьелдаса хадуб гьеб хIалтIулъ байбихьана багъа-бачариги.
- ЖКХялъул хIалтIулъ заманалъул тIалабазда рекъарал хиса-басиял гьари.
- Нухазул, хасго гIемераб транспорт хьвадулел шагьранухазул хIал хисизаби. Планалда буго МахIачхъала, Дербент ва Хасавюрт шагьаразда жанисан унел шагьранухал гьезда аскIосан риччазе. «Ростов-Баку» федералияб шагьранух къачIай. Гьениб букIине ккола 4 мухъ бугеб нух.
Гьелдаго цадахъ цIибил лъикI бижулеб, гьелъие данде кколеб ракь хIалтIизабизе ккола гIицIго гьеб мурадалъе, гьениб хьихьизе бегьуларо гIи-боцIи ва разе бегьуларо коммерциялъулал объектал.
ХIисабал ва хIасилал
2021 соналъул хIасилазул бицани, нилъер ВРП бащалъула 806,8 млрд гъурщида (2020 соналде дандеккун 3 проценталъ цIикIкIун). Исана гьеб бахине ккола 869,6 млрд гъурщиде. ВРПялъул 20,3 процент ккола бича-хисиялъ, 16,7 процент – росдал магIишаталъ, 15,5 процент – ралел бакIаз. 2024 соналде щвезегIан гьеб хIал хисизе буго гьадинаб куцалда — промышленносталъ кквезе ккола 7,4 процент (гьабсагIаталда 6,6), ралел бакIазул магIишаталъул — 16,1 проценталде щвезегIан.
Республикаялъул рес буго чанго кIудияб проектги хIалтIизабун, къокъабго заманалда жаниб инвестициязул (гьеб кколаро къарз хIисабалда кьолеб гIарац, гьеб буго хайир щвей мурадалда, божилъиялдалъун пачалихъалъ ялъуни бизнесчагIаз ракIчIараб ишалда лъолеб сурсат) 416 млрд гъурущ щвезе ва гьелъул хIасилалда 55 азарго чиясе хIалтIи чIезабизе. 2021 соналда Дагъистаналда хIалтIизабуна инвестициязул 316,3 млрд гъурущ (цебесеб соналъ букIаралдаса 5,2 проценталъ цIикIкIун). Исана гьеб къадар цIикIкIине ккола жеги 5,3 проценталъ.
2021 соналда байбихьана 2030 соналде щвезегIан социалиябгун экономикияб рахъалъ Дагъистан цебетIеялъул Стратегиялда тIад хIалтIи гьабизе. Гьелда рекъон, 10 соналда жаниб нилъер ВРП цIикIкIине ккола 1,6 нухалъ, промышленнияб производство — 2,5 нухалъ, росдал магIишаталъул производство — 1,3 нухалъ, аслияб капиталалде рачIунел инвестициял — 1,7 нухалъ. Гьеб болжалалда аслияблъун буго росдал магIишаталъул комплекс, промышленность ва хасго гьелъул мебель, хьитал ва цIер гьабулел бутIаби, гьорол ва бакъул энергетика цебетIей, бакъул къуваталдалъун хIалтIулел электростанциял рай. Гьебго заманалда кIвар кьезе буго гIадамал лъедалъун, токалдалъун, газалдалъун ва хинлъиялдалъун хьезариялъе, бацIцIадаб лъим чIезабулел предприятиял раялъе ва рищни-къул бакIариялъе, гьеб къачIаялъе.
Гъоркьисаги дагьал рукIинчIо байбихьарал ялъуни хIадурарал ва гIемерго пайдаял федералиял инвестициял щварал проектал. Мисалалъе, Гъизляр районалда багIараб ччугIа (осетр) гIезабизе ва хадубккун икра бахъиялъе гIуцIараб проекталъе щвана федералияб гIарцул 410 млн гъурущ. Дербент шагьаралъул «Южный» микрорайон комплекснияб къагIидаялда цебетIеялъе «Новая земля» фондалъ гIуцIараб проект- программаялъул багьа ккола 15,7 млрд гъурущ. «Хазар» ОООялъ базе буго сокал ва нектарал къватIире риччалеб завод (2,43 млрд гъурущ), «Нива» компаниялъ базе буго пиринчI къачIалеб центр (660 млн гъурущ).
Республикаялъул «инвестпортфелалда» гьабсагIаталда буго 101 млрд. гъурщил багьаяб 61 проект. Гьел тIуран хадуб хIалтIизе бакIал щвезе ккола 11,5 азарго чиясе. Гьездаса 27 проект тIубазе ккола 2021-2022 соназда ва 29-яб байбихьизе буго исана. Мисалалъе, «Хевел» компаниялъ исана байбихьизе буго бакъул къуваталдалъун хIалтIулеб электростанция базе (8,4 млрд гъурущ). «Каспийский завод стекловолокна» ОООялъги исана байбихьизе ккола цIер биунеб цIияб тайпаялъул цех базе, хадубккун гьелъул гьабизе буго цIорол кIкIор (2,85 млрд гъурущ).
Гъоркьиса къабул гьабураб МахIачхъала лъедалъун хьезабиялда хурхараб хIалтIул проекталъе щвана федералияб гIарцул кредит (10,5 млрд. гъурущ). Хадубккун гьединабго хIалтIи гьабизе буго Избербаш, ДагъОгни ва Дербент шагьараздаги.
Республикаялда хIлтIулеб буго «Социально-экономическое развитие горных территорий» абураб пачалихъияб программаги. Гьелда рекъон, пачалихъияб кумек щвезе рес буго ралъдал гьумералдаса 500 метралъ борхалъуда магIишатияб хIалтIи гьабулел ва юридикияб хъвай-хъвагIай бугел магIишатазе (ИП, ЛПХ ва гь. ц). Гьеб программаялда гьоркьоре уна 33 районалда бугеб азарго росу-ракь. Гьеб гIарац щола субсидия хIисабалда, кванил нигIматал гIезаризе, гьитIинал теплицаби, гIезабураб продукция цIунизе складал разе къваригIунеб оборудованиялъул 50 процент бецIун (3 млн гъурщидаса тIаде инчIого). ЛПХязе бецIула гIисинаб ва гьитIинаб техника босизе хIажатаб гIарцул 50 процент (50 азаргоялдаса тIаде инчIеб). 10-50 сотыхалъул гIатIилъиялда интенсивияб тайпаялъул ах чIолев чиясеги тIад буссун щвезе рес буго гьеб хIалтIи гьабулаго тIад араб гIарцул 95 процент (400 азаргоялдаса тIаде инчIеб).
Росдал магIишат
Ахирал соназда ДРялъул росдал магIишаталъ рихьизарулел руго хIакъикъаталдаги лъикIал хIасилал. Нилъер нигIматал ва продукция лъана къватIисел пачалихъаздацин – пиринчI, цIибил (гьелъул техникиял сортал щвана Краснодар краялде ва Крымалде гIунтIун), гIиял гьан ва чIагояб гIи (Грузия, Азербайжан, Иран), люцернадул хер, урба, теплицабазда лъолеб пленка ва жалго теплицаби.
Рохьихъанлъи
Цебехун киданиги гьабичIеб, амма гIезегIан кIвар бугеб хIалтIи 2021 соналда гьабуна «Рослесинфорг» идараялъ («Рослесхоз» гIуцIиялъул хасаб хъулухъ), ай тIобитIана киналго рохьазул мухIканаб инвентаризация. Гьезул баяназда рекъон, нилъер рохьазул гIаммаб гIатIилъи ккола 662 азарго гектар (тIолабго Россиялда 809 млн гектар). Гьез ккун буго республикаялъул ракьалъул 7,2 процент. Дагъистаналда буго 252 млн гъветI, цIулал нахърател бащалъула 57 млн куб. метралда. АзаргогIанасеб гектаралда щибаб соналъ гьарула рохь цIи гьабиялъул хIалтIаби.
Ралел бакIал
«Жилье» абураб миллияб (федералияб) проекталда рекъон, 2019-2024 соназда жаниб республикаялда базе ккола 11 млн. кв. метр мина-карталъул. Гъоркьиса бана 950 азарго кв. метр (цебесеб соналъ бан букIана 830 азарго). Гъоркьиса базе байбихьана 130 социалияб объект.
«Чистая вода» федералияб проекталда рекъон, 2022-2024 соназда мугIрузул районазда базе ккола лъел 16 объект (гIаммаб багьа 4,4 млрд гъурущ). Гьезул шугояб бан лъугIана 2021 соналда.
ГIабаш ГIАБАШИЛОВ