Вузалъе биччараб 90 млн гъурущ бикъиялда щаклъи

 

 

МахIачхъалаялъул Советский районалъул судалъ 4 марталде щвезегIан туснахъ гьавуна ДГТУялъул ректор НурмухIамад Суракъатов.

      Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб управлениялъ гIунтIизабулеб гIайибалда рекъон, 2015-2018 соназда студентазе стипендиялъеги вузалъул хIалтIухъабазеги бихьизабураб гIарац гьесги ДГТУялъул цогидал хъулухъчагIазги жидеего толеб букIун буго (студентазул гъулбасалги жидецаго гьарун). Гьедин федералияб бюджеталдасан биччараб гIарцуда гьоркьоса 90 млн гъурущ тIокI гьабун бугин рикIкIунеб буго цIех-рехчагIаз.

        Гьелде щвелалде ЦIех-рехалъул комитеталъ судалде битIун буго ДГТУя­лъул вукIарав кIиго бухгалтерасда хурхараб материалги.

   «Суракъатовасде гIунтIизабулеб буго гьев жеги ректорлъун ккелалдего вузалда гьабураб цIогьалъул гIайиб. Гьев гьеб хъулухъалда тасдикъ гьавуна гIицIго 2020 соналъул марталда», — ян бицана газеталъе цIар рехсезе рази­лъичIев чияс.