14 марталда Россиялда Инстаграм къаялъ рахIатхун лъугьана блогерал, бизнесменал, шоу-бизнесалъул гIадамал. Социалиял гьинал къай гуреб тIокIаб кIудияб гIузру дунялалда гьечIеб кинниги гьеб гьукъиялдаса рорчIизе ресал ратана гIемерисезда. VPN абураб программаялъул кумекалдалъун, Россия гуреб цогидаб батIияб улкаялда гIумру гьабулеб бугин хъвани хIалтIулеб буго Инстаграм. Нилъер ракьцоязеги гьеб социалияб гьин букIана магIишат гьабизе, чед балагьизе рес...

