14 марталда ДРялъул хIукуматалъул премьер-министр ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас АЗСазул бетIергьабазда лъазабуна цIатариялъухъ босулеб багьа учуз гьабеян. Щайгурелъул тIолабго улкаялдаго гIодобе кколеб букIун гьелъул багьа.
Гьединаб лъазаби гьес гьабуна экономика цебетIеялъул рахъалъ ре спубликаялда гIуцIараб оперативияб штабалда. Цинги энергетикаялъулгун тарифазул министрасе тIадкъай кьуна республикаялда киса-кирго цIатариялъул багьаби кинал ругелали хал гьабеян.
Гьанже Россиялъе санкциял лъазарун хадуб, цогидаб къайиго гIадин, цIатариги къватIибе бичизе бажаруларо, гьединлъидал гьеб учузлъичIого рес гьечIо.
ЦIиял харбал хIадур гьаруна З. ХIажиевалъ.