Гьал къоязда ДРялъул нухмалъиялда тIобитIараб данделъиялда бицана республикаялда газ бачиналъул хIалтIи щиб даражаялде щун бу- гебали. Президент Владимир Путинидаса байбихьун гьеб суалалде кIвар кьолеб ва гьелда хурхун гIуцIараб хасаб программаги бугин абуна гьениб. Амма гьедин букIаниги, газ бачинчIого республикаялда хутIун буго 11 район. Меликовасул рагIабазда рекъон, планалда бихьизабухъе, исана лъагIалил...

