Новость на родном

Берцинаб херлъиялъул тахида

    МугIрул чIужугIадан, гIемерал соназ ГIодана поэтал нужехъ ралагьун.  Нужер къварилъиги нужер къисматги Къалмикье босана, угьдилаго, гьез.               Расул ХIамзатов    КIудияв шагIирасул гьал рагIаби гьанжеги ракIалде щвана, магIарулалги хирияй магIарулазеги йокьулей ПатIимат Рамазановалъул хIакъалъулъ хъвазе лъугьиндал.    МугIрул чIужугIадан! Унго-унголъунги хIисаб гьабураб мехалда, дур намусалъул тIадегIанлъи. СогIал кьурабазги пахруго чIухIарал рорхатал мугIрузги тарбия...

Новость на родном

«62 соналда жаниб цониги нухалъ ракIалде ккечIо хIалтIудаса нахъе ине»

Аваразул «Левитан»      ТIабигIияб гьунаралъухъ ва гIемерсонилаб ракIбацIцIадаб хIалтIухъ гIемерал шапакъатал кьун, кIодо гьаюна ПатIимат Рамазанова хIукуматалъ, мустахIикълъана баркалаялъул рагIабазе ва гIарцулал премиязе. Гьале гьездаса цо-цоял: СССРалъул Министрзабазул советалда цебе бугеб радиовещаниялъул ва телевидениялъул Пачалихъияб комитеталъул ХIурматалъул грамотаби (1957, 1966 сонал), ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул ХIурматалъулал грамотаби (1958, 1977 сонал), СССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул...

Новость на родном

Лъималазул тохтурасе 10 суал

      ГIолохъанал улбуз цIакъго тIадчIей гьабула лъималазул сахлъи цIуниялда. ЧIахIияз яги тохтурзабаз малъаралъухъги киназго гIинтIамуларо. Гьез социалиял гьиназдаса тIаса рищула бищунго цIакъал «тохтурзаби», цIикIкIун божула сон-церекъад улбуллъун рахъарал блогеразда, пайда босула Интернеталда кьурал «гIакълабаздаса». Ахир-къадги гIадатияб поликлиникаялъул тохтурасухъе ккараб мехалда суалазул цIадги базабула педиатразде. Улбуз бищунго гIемер цIехолеб 10 суалалъе МахIачхъалаялъул лъималазул №5...

Новость на родном

Школа бухIана – школа бана

     11 февралалъул сардилъ ЦIунтIа районалъул ХIибиялъ росулъ бухIана школа. ДРялъул бетIер Сергей Меликовасул тIадкъаялда рекъон, гье- нибе ун букIана ХIукуматалъул комиссия. Гьелъие бетIерлъи гьабуна ДРялъул хIукуматалъул вице-премьер Мурад Казиевас. Комиссиялъул вакилзаби щвана ХIибиялъ, Мекали, Мокъокъ, Хъебалъ ва цогидалги росабалъе. Гьез хал гьабуна гьенир ругел школазухъ ва цIалдохъабазе гьенир гIуцIун ругел шартIазухъ.    Абизе...

Новость на родном

ХIасилал гьаруна, масъалабазул бицана

    РАНалъул Дагъистаналда бугеб федералияб цIех-рехазул централда (ДФИЦ) гьаруна 2021 соналъул хIалтIул хIасилал.    Гьениб 2021 соналда гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ бицана ДФИЦалъул директор Ахъай Муртазаевас.    ДФИЦалда вуго 422 гIелмияв хIалтIухъан: РАНалъул член – ункъо, гIелмабазул доктор – 70 ва гIелмабазул кандидат – 193. ГьабсагIаталда цIех-рех гьабулеб буго 39 темаялъул ва ДФИЦалъул хIалтIухъабазе щун...

Новость на родном

Гъуниб, дур берцинлъи! Бицун пайда щиб…

       Нахъеги магIарухъе — машгьураб борхатаб Гъунире. ЦIидасанги магIарухъе, щивав магIаруласе рекIел тахлъун бугеб. Гьаб ракьалъ Дагъистаналъе ва дунялалъе кьунщинаб машгьурлъи. Халилбегил суратаздаги МухIамад ХIажиевасул гьунаралдаги цебе бетIер къулана ду- нялалъ. АхIулгохIалъул цIияб къиса гьаниб хъвана имам Шамилица. Миллаталъул тарихалда жидерго тарих бугеб борхатаб Гъуниб. Къабул гьаре дур тарихалдаги, къисаялдаги, къисматалдаги цере бутIрул...

Новость на родном

Бузнаса нухалъул хасаб балагьи

          ГIадада гуро абулеб нух бугеб бакIалда гIумруги букIунин абун. Хасго гьеб лъикI бичIчIула магIарухъ гIумру гьабун ругезда. Умумузул заманалда магIарухъ ругел росабазул гIатIиракьалъулгун букIараб загIипабго бухьеналъе рукIана гьаказул нухал. ЦIияб заманаялъ цере лъуна цIиял масъалаби ва гьел тIураялъе ратана щибаб заманалда рекъарал ресал. Бухьеналги гIемерлъараб, кIуди-кIудиял хIалтIабиги гьаризе байбихьараб заманалда...

Новость на родном

«Рагъуй къали бухулел…»

      Араб анкьидаса байбихьун, Украинаялда лъугьунеб-толелда хадуб халги кквечIев, гьелъулги бицунарев чи ватиларо. Киназего бокьун буго рагъ лъугIизе, ургъелал кIочараб, берцинаб яшавалде нилъги нахъруссине. Амма… Амма дунялалъул геополитикияб горсверуда лъугьу- нелъухъ балагьани, парахалъиялъул биценго гьечIо гьениб. ГIемерисел пачалихъал Россиялде дандечIун ругеб гIадаб сурат буго. Санкциязул цIад базабулеб буго нилъеде.    Спорталъул рахъалъ дунялалда...

Новость на родном

СагIудияз нилъер урба беццана

    Украинаялда Россиялъ рагъулал тадбирал тIоритIиялда дандечIун, бакътIерхьул улкабаз санкциязул цIад базабулеб буго нилъер пачалихъалде.     Масала, BoeIng самолетал хIадурулеб фирмаялъ лъазабуна са- молетал гьарулелъул хIажалъулеб батIи-батIияб къайи-цIа жидеца Россиялде битIизе гьечIилан. Автомобилал гьарулеб Ford ком- паниялъ лъазабуна Россиялда жи- дерго хIаракатчилъи чIезе танилан. Россиялда хIалтIулел рукIарал къватIисел пачалихъаздаса спортивиял тайпабазул цо-цо тренераз,...

Новость на родном

ТIоцересел гьалбал къабул гьаруна

     Рагъулал тунка-г1усиязда бан Украинаялдаса лъутизе ккарал гIадамазул тIоцебесеб къокъа къабул гьабизе байбихьана республикаялда. 1 марталда Каспийскиялъул мэр Борис Гонцовас къабул гьаюна Луганск республикаялдаса кIиго лъимадул эбел Екатерина Симельникова.     Шагьаралъул нухмалъулес рагIи кьуна гIагараб заманалда гьелъие шагьаралъул школазул цоялда хIалтIи кьезеги кIиябго лъимер ясли-ахалда парахат гьабизеги квербакъизе.   Гьелде тIадеги гьел лъималазе...