Гьал къоязда ДРялъул хIукуматалда тIобитIана республикаялда туризм цебетIезабиялъе, аслияб куцалда, муниципалитетаз гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ бицараб данделъи. Гъоркьиса нилъехъе цо миллион турист вачIун вукIун ватани, туроператоразухъги экспертазухъги ругел баяназда рекъон, исана вачIине вуго кIиго миллион чи.букIине кколеб куцалда къабул гьабизе гIурал ресал республикаялда ратиялда щаклъи загьир гьабуна Сергей Меликовас, интернеталда гIадамаз гьарулел хъвай-хъвагIаялги ракIалде щвезарун. Масала, тIубанго щвалде щун гьечIо нухазул, кафеязул, гьалбал къабул гьарулел рукъзабазул, тIабигIаталъухъ балагьизе туристал чIолел майданазул, площадкабазул, сверухълъи бацIцIад гьабиялъул ва цогидалъул иш. «Туризмалъул сезон байбихьизе кIиго анкьгIан мех хутIун буго. Амма киналго муниципалитетаз гуро гьелъие лъикIаб хIадурлъи гьабулеб бугеб», — ин абуна С. Меликовас. КIиго миллион турист республикаялде вачIине вукIин цебеккунго кин лъалебали жинда бичIчIуларин, амма магIарухъ гостиницаби гIураб къадаралда ралел гьечIолъи бихьулеб бугин бицана «ХIакъикъаталъе» гид-экскурсовод Яна Мартиросовалъ. «ЛъикIаб отелалъухъ бокьанагIан гIарац кьезе хIадур рукIуна туристал. Амма магIарухъ гьединаб бакI гьезда бихьизабизе бажаруларо. Щайин абуни жидерго бугеб ресалда рекъон, жидедаго лъикIилан кковухъе мина-картги хиса-сверизабун, квешги-лъикIги ралел руго гIадамаз магIарухъ гьалбадерил рукъзал. Амма унго-унгоял отелазда релълъараб жо гьечIо гьезул цонигиязул. Гьедин гьабичIого батIияб рес гIадамазулги гьечIо – рукIине кколел шартIазда рекъон, хас гьабун отель бай нужеца гьалъухъилан, лъицаниги кьолеб гIарацги гьечIелъул гьезие. Гьанже кватIичIого рии байбихьула, гьеб мехалъ баккула цоги масъала – ралъдал рагIалда чIезе рукъзал щунгутIи. МагIарухъ цо-кIиго къо гурони баларо туристаз. Кутакал шартIал гьечIониги, мугIрул гьаваялъ, беричаб тIабигIаталъ, умумузул квен-тIехалъ кIоченарула гьезда цо-цо гIунгутIаби. Ралъдал рагIалда абуни гIадамазе гIемер мехалъ бокьула хIухьбахъизе. Дагьабниги бегьулеб хIалалда шартIал чIезарураб цохIо «Джами» абураб пляж буго нилъер, тIокIаб гьечIо», — ян бицана Я. Мартиросовалъ. Отелазулго гIадал гIунгутIаби руго хIажатханабазулги, нухаздагун туризмалъул объектазда хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъулги рахъалъ. Гьел лъугIизаризе ккелин абураб магIнаялъул данделъи букIана муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулезулгун, туризмалъул гIоркь кодоб бугезулгун Сергей Меликовасги тIобитIулеб. Пачалихъалъ дагьа-макъаб гIарац гуро гьел хIажалъабазе биччалеб бугеб. Масала, агротуризм цебетIеялъе биччалеб 10 миллион гъурущги, туристазе шартIал чIезариялъегун халкъиял махщелал церетIезариялъе муниципалиял гIуцIабазе биччалеб 138,5 миллион гъурущги малъичIого, «Развитие туристско-рекреационного комплекса и народных художественных промыслов в Республике Дагестан» абураб пачалихъияб программаялда рекъон, ичIго батIияб проект гIумруялде бахъинабиялъе кьолеб буго 2,5 миллиард гъурущ.