Заур ГIалисултанов : «Физикаялдехун бугеб рокьи киданиги ссвине бокьилароан дие»

 

 

 

    Физика-математика-химия гIадал гIелмабазул чагIазул рахъалъ дир букIараб пикру хисизабуна Заур ГIалисултановас. Дир хIисабалда, гIалимзаби рукIине ккола микроскопазда тIаде къулун, лабораторияздаса къватIире рахъунарел, квер квализе щоларел электроназулгун атомазул, квантазул ургъалида гIумру тIамулел, чIамучIал гIадамал.

 Амма гьелдаго цадахъ гIалимзаби чIамучIалин дица абиларо, Заурилгун гара-чIвари гьабун хадуб. ГIелмуго гIадин, гIумруги гIадамалги ричIчIулев гIолохъанчи ватана гьев.

  Гьесул гIелмияб борхалъиялъул бицунелъул, рехсезе бегьула графеналъул хIакъалъулъ. ГIадатго бицани, цIахIилаб тIоккиялдаса батIалъараб графиталъул цо гъаталда абулеб буго графенилан. Гьелдаса пайда босулеб буго смартфоналги цогидабги гьабулелъул. Докторлъиялъул диссертация гьелда тIасан хъван буго ГIалисултановас.

   Гьеб борхалъиялде Заур вахиналъе сабаблъун ккарав аслияв кIиго чиясул суратги бугоан гьесул кабинеталъул къадада чIван. Гьел ккола Руслан Мейлановги Анри Рухадзеги.

   Физикаялда тIасан бокьараб суалалъе жаваб щолаанин жиндие Мейлановасухъанилан бицана ГIалисултановас. Рухадзе вукIун вуго аспирантураялда гьесул гIелмияв нухмалъулевлъун.

  «Нилъелъ ругел гIемерисел гьунарал загьирлъичIого хутIула, амма учитель лъикIав ккани, гьес тIатинарула гьел. Гьединлъидал гIемерисеб жо учителасда бараб буго», — ян байбихьана Заурилгун дир гара-чIвари.

 

Нижер баян

 

  Заур ГIалисултанов гьавуна 1989 соналда Сулейман-СтIал районалъул Къасумкент росулъ. ЦIалана ДГУялъул физикаялъул факультеталда.

23 сон бараб мехалда гьев вахъана физикаялъул гIелмабазул кандидатлъун. 27 сон байдал Заурица цIунана гIелмабазул докторасул диссертацияги. Гьединав гIолохъанав гIалимчи Россиялда цо гурони гьечIо.

  Чанго соналъ цеве гьев вукIана гIелмуялъул рахъалъ ДРялъул нухмалъулев Владимир Васильевасул кумекчилъунги.

ГьабсагIаталда Заур ГIалисултановас дарсал кьола ДГУялда, гьединго хIалтIулев вуго РАНалъул ДФИЦалда цебе рагьараб физикаялъул институталда.

 

 

 

«Нартидеги, меседалдеги, газалдеги божун чIезе бегьуларо»

 

 

 — Заур, росдал школалда дуе физикаялъул дарсал кьолев вукIарав учитель гуревги, цойги щиб сабаблъараб дуца гьеб махщел тIаса бищиялъе?

 

— Киназго кьола дие гьеб суал. Амма физикаялдехун хурхен бугел чагIи гьечIо нижер хъизаналда, я тухумалда. Эменги черчениялъул учитель вуго. ЧIахIиял классазде вахиндал, дирго гъира бижана тIабигIаталъул хIакъалъулъ гIелму лъазабиялдехун, Бокьулаан зодовеги валагьун, унаго моцIроца толеб нух (мухъ) борцинеги.

Дие рокьуларо щибниги баянги кьечIого, гIицIго гьале гьаб жо ракIалда чIезабизе кколилан абулел гIелмаби. Масала, химия – гьенир ракIалда чIезаризе ккола правилаби, катализаторалъул букIунеб кьер, атомалъул энергетикиял даражаби, сунда жаниб чан электрод букIунебали. Гьелда дандеккун физикаялъ бичIчIизабула тIабигIаталда ккараб бокьараб лъугьа-бахъиналъе чIванкъотIараб гIилла кинаб бугебали. Гьединлъидал дида гьеб ракIалдаги чIола.

ТIадежоялъе гьеб предмет кьолев учительги лъикIав ккана дие.

 

— Дипломги гIелмияб цIарги щварабго, гIелму цIехей чIезе толеб гIадатги гьечIищха цо-цоязул.

 

  — ГIелму лъазабулел чагIи рукIине ккола гьелъие мутIигIалги, гьеб гIелму жидер хIалтIилъунги рикIкIунарел гIадамал. Гьединал чагIаз хIисаб гьабуларо гIодоркъоязулги отпусказулги. Сордокъоялда жанир бокьараб гIужалда гIелму цIехолел рукIуна ниж. Гьелдасан кIудияб лазатги щола. Бихьуларищха нижее бугеб лъикI – рекIее кутакаб асар гьабулеб ишалъухъ жеги гIарацги кьолеб буго пачалихъалъ (велъулаго).

  Амма унго-унголъун хIисаб гьабуни, гIелмуялда бараб жо гIемер букIуна бокьараб пачалихъалъул. ТIабигIиял сурсатаздалъун кигIан бечедаб букIаниги, гьелъул ахир лъикIаб кколаро, гIелмуялдехун мугъ сверулеб бугони. ГьабсагIаталда нилъеда сверухъ лъугьа-бахъунебщинаб жо ккола гIелмиял цIехрехазул хIасил – гIадатияб ярагъги, биологияб ярагъги, информациялъул ярагъги. Гьеб кинабго камун хутIани, нартицаги, меседалъги, газалъги кумек гьабуларо улкаялъе.

 

«Аслияб жо — нилъго нилъецаго махсараде ккунгутIи»

 

— Щуго соналъ цебе кьураб цо интервьюялда дуца бицунеб бугоан гIелму тIалаб гьабиялъе бюджеталдасан биччалеб гIарцул мукъсанлъиялъул хIакъалъулъ. Гьелдаса нахъе иш кин хисараб?

 

  — Гьанжеялдаса 15 соналъ цебе букIараб ахIвал-хIалалда дандеккун, гIезегIан кIудиялги лъикIалги хиса-басиял ккана. Доб мехалда гIалимчиясул хIакъалъулъ гIадамазул пикру букIунаан гьабун квердаса жоги релълъунарев, тIахьазде тIаде къуларав, вакъуца холев вугев чиясул рахъалъ гIадаб. Гьанже гьеб пикру тIубан хисана. ГIезегIан ракIгъураб гIумруги цебетIураб рукIа-рахъинги букIуна гIалимзабазул. Хасго гIолохъаназухъа бажарулеб буго грантазулгун проектазул къецазда бергьине. Цоцазул хIалбихьи гIахьал гьабизе республика ва улка тун къватIиреги унаан гьал санкциялги цогидал гьукъа-къаялги гьаризегIан.

 

Гьелдаго цадахъ гIелму цебетIеялъе бечедал цо-цо улкабазда кьолебгIанасеб гIарацни нилъер гьаниб биччалеб гьечIоха жеги.

БукIаниги, доба къватIиб конкуренция кIудияб буго. Профессорлъун вахъине ккани, цо улкаялдаса цогидаб улкаялде хьвадун, хIалтIун, таманаб гIетI тIезе ккола гIалимчияс. Нилъер гьаниб гьеб рахъалъ буго эркенлъиги бигьалъиги. ХIатталдаса ун кIудияб гьечIониги, моцIимоцIие мухь щолеб хъулухъниги буго пачалихъалъ чIезабун. Амма хIалтIуе хIажатал шартIал чIезари дагьаб хашго буго. ГIалимчиясе къваригIараб цониги алат гьабун, бачIине лъагIелаз чIезе ккола цо-цо мехалъ.

Дагь-дагьккун жеги хисила гьеб. Такрарлъулев ватаниги абилин, ахираб заманалда гIемер руго школаздаса байбихьун тIуразарулел гIелмиял программаби. ГIалимзабазулги рес буго гIарац балагьизе даран-базаралде яги тIубан батIияб цогидаб ишалде руссинчIого, гIицIго гIелмуялда тIадги чIун лъикIал харжал щвезе.

Гьаниб бищун аслияб жо буго нилъго нилъецаго махсараде ккунгутIи. ГIелмуялда хадур гIунтIула гIицIго гьелъие мутIигIал гIадамал. Гурони, кида-къадги гьез жидецаго тезе ккола гьеб.

 

— РитIухълъи кидаго букIунадай гьел гранталгун проектазул къецазулъ?

 

   — Дун гIахьаллъула федералияб даражаялда тIоритIулел къецазда. Гьединлъидал гьеб рахъалъ кинабгIаги тIекълъи дандчIвачIо дида доба. Нилъер гьанибги гьанже гIезегIан халкколеб батила комиссиязул, экспертазул хIалтIуда хадуб Амма 10-15 соналъ цебегони рагIулаан бицунеб физиказул хIалтIаби хал гьабизе филологазухъе кьун ругиланги.

 

  — ГIелмиял цIех-рехазул хIасилал ругин, амма гьел гIумруялде рахъунел гьечIилан бицун букIана цо информагентствоялъе нужер директор Ахъай Муртазаевас (РАНалъул ДФИЦалъул директор – авт.). Дурги бугищ гьединабго пикру?

 

  — Буго. Цогидал бакIазда фундаменталияб гIелмуялдаса гIемер пайда босула улка цIуниялъул министерствабаз, чIахIиял технологиязул ва цогидал компанияз. Нилъер гьанир абуни гьеб министерствоялъул жиндирго институтал руго къваригIараб къайи хIадурулел. Гьединлъидал щоларо гьезухъа заказалги. ЧIахIиял технологиязул компаниялги цIакъ дагь руго нилъер.

   Дида ккола нартги газги гIемерлъиялъулъ бугин нилъер гIунгутIи. ГIицIго нартги газги бичун щвараб гIарцуде ракIги гъун чи чIани, цогидаб рахъ цебетIечIого хутIиларищха гьесул. Гьединлъидал цинтIаго щолеб хайирги букIаго, чанго соналдасан тIадбуссун жиндие пайда кьолеб ишалъе (масала, гIелмуялъе) гIарац биччачIого чIола гьев.

Гьединлъидал хутIулеб буго фундаменталияб гIелмуги, жиндир цIех-рехазул хIасилаздаса пайдаги босичIого, заказалги щвечIого.

 

 

ЦебетIолеб дунялги, нахъе цун тараб физикаги

 

 

   — Дуца дарсал кьолел студентазул бицани, гIемер ругищ физфакалде цIализе лъугьунел гIолилал? Гьанже модаялда экономисталгун юристал ругелъул.

 

— Цогидал факультетазда дандеккун, кIудияб гьечIо гьезул къадар. Дун кутакалда гIажаиблъизавулевги вуго гьеб хIужаялъ. Къойилго гьаб дунял цебетIун унеб бугеб куцги бихьулаго, школа лъугIун унел гIолилаз физика-математика тIаса бищунгутIиялъе гIилла лъазе бокьун гьабсагIаталда хъвалеб цо гIелмияб макъалаги буго дир. Кирехун ралагьаниги, нилъеда рихьула кванталъулал технологиялги, искусственнияб интеллектги, гIадамал хисулел роботалги. ГIадатиял роботални нусго соналъ церегоги раккун рукIана. Гьанжесезда абула «умные роботы» ян. ГIадамаздасаги «гIакъиллъун» руго гьел. Дагьабниги лъугьа-бахъунеб жоялъе къимат кьезе лъалев чиясда бичIчIизе ккола 10- 20 соналдасан гьабсагIаталда ругел киналниги махщелчагIазул 80 процент роботаз хисизе рукIин.

 

  Гьединлъидал гьеб киналъулго хIисаб гьабидал, физика нахъе цун хутIулеб букIиналда гIажаиблъизе бачIунеб буго. Нилъер республикаялъул школлъималаз къанагIат гурони физика тIаса бищунгутIиялъе гIилла щиб?

 

— ГIарацги цIаралги спортсменазе щолеллъи бихьулеб батилаха гьездаги.

 

  — Дица доб макъалаялда бичIчIизабулеб буго кватIичIого гьеб кинабго лъугIулеблъиги церетIурал пачалихъазда хадур гъезе нилъер цодагьабго рес бугеблъиги. Бер къапилалде хисулеб дунялалда гIумру гьабун руго нилъ жакъа. Гьединлъидал гьабсагIаталда кквезе щвараб жо борчIизе биччан тани, хадур нилъ тIубанго рачIалда хутIизе руго.

Бокьараб пачалихъалъул хазиналъун ккола информация. Босе, масала, банкалъул карточка, яги балъгояб рагъул хIакъалъулъ баянал данде гьарураб база. Щибго тIаса камичIого, бугеб куцалда гьеб информация цIунизе кIвей ккола бокьараб пачалихъалъ цебе лъолеб аслияб масъала.

   Гьединлъидал нилъер школлъималаз гьединал шартIазда физикагун математика тIаса бищичIого чараго гьечIо. Амма иш тIубанго квеш бугиланги абиларо дица. ДГУялъул физфакалде лъугьинчIониги, школаздасанго Россиялъул регионаздеги унел руго гьел цIализе.

   ЕГЭялъги баллазул системаялъги хвезабуна цIалул иш. ЦIалдохъан куцалев вуго лъай щвезе гуреб, гIицIго баллал щвезе мурадалда. Гьединлъидал экзамен кьун дагьабго заманалдасан гьесда кинабго кIочонги тола. Щайин абуни, мурадалда бараб букIуна гIемерисеб жо. Жакъасел студентазул мурад буго ЕГЭялда хIажатал баллал росизе. Гьелъие къваригIараб гурони лъайги тIалаб гьабулеб гьечIо.

  БукIине кколеб куцалда реклама гьабунгутIиялъул магIнаги батила гьелъулъ. ЦIализе гIолилал ахIиялъул къагIидаги хисизабизе ккола. Цо росулъ гIолилалги данде гьарун, жидехъе цIализе рачIани, нужее лъикIал къиматал лъелинги абун гуро гьел вузалде цIазе кколел. Гьеб буго «кIийилал» щолел цIалдохъабазе данде кколеб къагIида. Отличниказе абуни гьеб къваригIунаро. Гьезие къваригIун букIуна жал профессионалаллъун рахъине. Гьезда абизе ккола нижеда лъаларин ахиралде щвезегIан нижер факультеталда цIализе нужеда кIвелебищали, амма кIванани, дунялалъул бокьараб улкаялда хIалтIизе бажаризе бугин нужехъа.

Дида ккола нилъер Дагъистаналъул халкъалъул ресал гIезегIан кIудиял ругилан. Амма ине кколеб рахъ бихьизабизе кколаха гьезда.

 

— Хасаб махщел, иш ирсалъе щолеб къагIида букIунелъул («на генном уровне»), спортсменалги рагъухъабиги гIемерал нилъеда гьоркьор рахъинадай кIиабилелги Эйнштейнал, Теслаги, Ньютонги?

 

   — БитIараб буго. ГIадада гуро Нобелил премия щварал гIалимзабазул 80 процент жугьутIазул миллаталъул бугеб. Унго-унгоги гIакъилаб, цебетIураб пикруялъул миллат буго гьезул. Амма гьезда хадур гъечIониги, нилъер гьанирги рукIана кидаго лъай кьеялъул централ. Россиялъул Югалда цохIо нилъер гьаниб гурони гьечIо РАНалъул филиал. КъватIиса улкабазде щвезегIан цIар рагIарал гIалимзабиги руго гьанир. Масала, физиказул бицунеб бугони, рехсезе бегьилаан нижер институталда цIар лъурав академик ХIабибула ГIамирханов, Ибрагьимхан Камилов, Ахъай Муртазаев, МуртазагIали Рабаданов. ГьабсагIаталда халкъазда гьоркьосеб даражаялдагицин машгьураб буго АхIмад ГIалиевасул эксперименталияб къокъа, гьединго Агъалар Агъаларовасул цIар.

ДГУялдаги буго плазмаялъул физикаялъул къуватаб школа.

 

Гара-чIвари гьабуна Зульфия ХIАЖИЕВАЛЪ.