Щай лъималаз малъараб босулареб?

 

 

  «Вай, гьанжесеб гIелалъул тарбия гьечIолъи! Я чIахIиязул адаб, я гIисиназул хIурмат гуро. ХIалтIиги тушман буго гьезул. ГIарацги хирияб буго. ТIубараб къоялъ кодоса телефонги биччаларо. Къиямасеб къо гIагарлъулеб букIиналъул гIаламат батилаха гьеб», — ан абун гIарзахъдула чIахIияб ригьалъул гIадамал. Щайха гьанжесеб гIелалда тIасан гIарзал камуларел? Малъараб щай лъималаз босулареб?

 

   Лъималазе тарбия кьеялъул бицунеб мехалда чIахIияб ригьалъул гIадамаз абула жидер заманалда гIолилал батIиял рукIанин. Жидедаса кIудияв чи вугеб бакIалда лъималаз бетIер борхулароанин мисалги бачуна гьез. ЧIахIияз гIолохъанаб гIел каки инсаният бижаралдаса нахъего букIараб гIадат батилин ракIалде ккола, цере рукIарал цо-цо гIалимзабазул ва хъвадарухъабазул хъвай-хъвагIаял цIалидал. ЧIахIияб ригьалъул гIадамазда кIочон толеб буго лъимал Къуръан гIадал рацIцIадаллъун рижун рукIин. КIудиял гIунагIан сверухъ бугелда рекъон хисулеллъи.

   Жакъа нилъер рес гьечIо умумузул гIадатазда рекъон лъималазе тарбия кьезе. ЛъикIаб батаниги, квешаб букIаниги, дунялалъулго культураби гъорлъ жубараб тарбия щолеб буго лъималазе. Эбел-эмен магIишат гьабулел ругебгIан мехалда, лъималаз Интернеталъул «бахIарзаздаса» мисал босичIого толаро.

    Бакъбаккул улкабазул гIолилазул гIадаб хьвада-чIвади бугин гьанжесеб гIелалъулин абула цо-цояз. Гьекъолдулел, наркотикал хIалтIизарулел, саяхъго хьвадулел гIолилазул хIакъалъулъ нилъеца бицуна рикIкIадасеб, нилъеда хъвалареб балагьалъул кинниги. Нилъерго хъизамалдеги щвелин гьеб балагьалъул тIирабиян ракIалдего кколаро. Нагагь лъималаз мекъаб нух тIаса бищани, кинабгIаги сурукъаб, рекъечIеб иш гьабуни, гьеб бахчизеги гIедегIула. ГIемерисез жидерго лъималаз гьабураб гъалатI рукъалъул рагьумахIу тун къватIибе биччаларо. Катица жиндирго чороклъи ракьги тIаде хъван бахчулеб кинниги гьеб тIупизе гIедегIула. Гьелдалъун лъималаздаги ракIалде ккола квешлъи лъидасаго бахчун гьабизе бегьулеб жо бугин абун. Амма кигIан бахчаниги, цо къоялъ гьеб гъалатI къватIибе рехун бачIуна. Лъимал рукъалде руссиндал, киназдаго бихьула ва бичIчIула кинаб тарбия гьезие эбел-инсуца кьун бугебали. ТIад гъалайги биччан къачIакIатIан росасе кьурай гIамал мекъай ясалъе ва кеп кьабун ругьунав, хъизаналъ данде вачинеян ригьин гьабурав васасе тарбия кьезе лъугьуна гьезие лъимал гьарун хадуб. ГIемерисеб мехалда лъималазе тарбия кьезе кватIун ратула умумул.

  Гьанжесеб гIелалда кIоларо щибго мекъаб ва захIматаб жо хIехьезе. Гьоркьоб цо-кIиго нухалда дагIба ккарабго риххулел руго хъизаналги. Жиндир заманалда лъималазе тарбия кьезе лъачIел эбел-инсуца гьеб мехалда гIайиб чIвалеб буго «ккаралъуб къо хIехьезе бажаруларел» гьанжесел нусазда, дурцазда. Цогидазда гIайиб чIвай бищунго бигьаяб иш гьечIищха?

 

Интернеталъ куцарал

 

   Гьанжесеб заманалъул лъимал батIиял, тарбия босизе захIматал ругин абула гIемерисез. Гьеб пикру мекъаб бугин абизе кIоларо. Эбелинсуца нилъ куцахъе гьанжесел лъимал куцан бажаруларо. Нилъер заманалда букIинчIо Интернет. Дунялалъулго батIи-батIиял культурабиги лъалароан. Жакъа лъималазул рес буго Интернеталдасан бокьараб информация балагьизе. Интернеталъ лъимал данде гьарулел руго батIибатIиял субкультурабазде. Цо-цоязе бокьулеб гьечIо чIахIияб ригьалъул гIадамал ругьунлъараб гIадатияб къагIидаялъ гIумру гьабизе. Гьеб нилъеда бихьулеб буго жакъа школазда цIалулел багIарккараб, хъахIилаб ва цогидалги гIадатиял гурел кьераз рас белъарал лъималазулъ, гьезул ретIа-къаялъулъ. Телефоналде къулун бугеб лъимералда гIемерисеб мехалъ бихьулеб гьечIо сверухъ кколеб бугеб хIакъикъат. Пуланав блогерасул, футболистасул, актерасул гIумрудул хIакъалъулъ цIикIкIун лъалеб батула гьанжесел лъималазда. Нилъерго бахIарчиял умумузул ва рухIиял церехъабазул хIакъалъулъ нилъецаги бицунеб гьечIони, гьезги щибха гьабилеб.

   25 сон базегIан инсанасул пикру, гIакълу тIубанго камиллъуларин абула. Гьеб заманалда жаниб хIатI кинигин бокьахъе гьетIизабизе, бокьараб форма лъугьинабизе рес буго инсанасул гIакълуялъул ва хасияталъул. Бищунго нилъеца кIвар кьезе, лъикIалде куцазе кколеб заманалда лъимадул ботIролъ босулеб буго хIажат гьечIеб информация, чияр культура. Телефон кодоб кквезе ругьунлъаралдаса нахъе, гIодиларедухъ, квалквал гьабиларедухъ, нилъго рокьиледухъ лъимадухъе кьола Интернет хIалтIулеб телефон.

 

ВШЭялъул НИУялъул статистикиял цIех-рехазул институталъул баяназда рекъон, улкаялъул 3-6 сон барал лъималазул 68 проценталъ пайда босулеб буго Интернеталдаса. 14-16 сон баразул — 80 проценталъ. Сундухъ ралагьулел лъимал? Интернеталъуб щиб гьез цIехолеб?

    «Касперскиясул лаборатория» абураб халкъазда гьоркьосеб компаниялъ 2021 соналда гьабураб цIехрехалъул баяназда рекъон, лъималаз Интернеталда бищунго гIемер хIалтIизарулел руго социалиял гьинал (59,6 процент), хадуб интернет-тукаби (9,1 процент). Лъималаз цIехолеб информациялда гьоркьоб 8,9 проценталъул бакI кколеб буго «18+» тайпаялъул видеоялъ. Гьез цIехолеб информациялъулъ гьитIинабго бакI кколеб буго хIаяз, цоцазде хъвадарулел гIаммал чатаз, наркотиказ, яргъица ва гь. ц. Гьел баянал щун руго Интернеталъул заралалдаса лъимал цIунизе «Касперскиясул лабораториялъ» гIуцIараб «Родительский контроль» абураб программаялъул кумекалдалъун. Гьеб программаялъ лъималаздаса кинабго квешабщинаб, ай гьукъанщинаб информация ва сайтал «рахчула».

 

Тарбия – бищун кIудияб сайгъат

 

  Жиндирго рокъоб бугелъул хIакъикъат лъазабичIого, чияр лъимер какизе щивго гIедегIула. Нилъер щивасул рокъоб дандчIвала гьеб хIакъикъат. Гьелда тIасан имамзабазги гьоркьоса къотIичIого вагIзаби гьарула. Бечедаб магIишаталдасаги лъикIаб ратIлидасаги эбел-инсул тIалаб къиматаб букIунин лъималазеян абула гьез.

МухIамад аварагас (с.гI.в.) абун буго, эбел-инсуца лъималазе кьолеб бищун кIудияб сайгъат кколин битIараб тарбия. Къиямасеб къоялъ Аллагьасда цебе бищунго кIудияб мунагьлъун кколин хъизамалъул лъай гьечIолъи, исламалда рекъон гьезие лъай кьечIолъиян буго хIадисалда. Исламиял гIалимзабаз хъвалеб буго, лъимада Аллагь ва Авараг рехсезе малъулел, Къуръаналдаса цо-цо аяталги цIализарулел эбел-инсуда ТIадегIанас Къиямасеб къоялъ кIал гьикъизе гьечIин. Лъимал кIудиял гIураб мехалъ гьезда малъараб кIочонаро ва гьез гьарурал лъикIал ишазухъги эбел-инсуеги букIуна кири.

 

Диналда рекъараб лъикIаб тарбия кьезе ккани, кин гьелде лъималазул рокьи бижизабилеб?

 

  ГьитIинаб къоялдасанго лъималазда исламалъул хIакъалъулъ бицина. Аби буго, лъималазе тарбия кьелалде цебе цин дуего тарбия кьеян. КигIан нилъ гьезда малъараниги, гьез нилъер гIамал-хасият такрар гьабулин абула. Хъизанго рокъоб бугебгIан мехалда цадахъ жамагIат гьабун как базе, лъималгун цадахъ исламалъул хIакъалъулъ, лъикIаб хьвада-чIвадиялъул бицунел мультфильмазухъ ралагьизе лъикIаб букIина. Масала, «Нусса» абураб Индонезиялда бахъараб мультфильм цIакъ бокьула гьитIинал лъималазе. Гьелъул аслиял бахIарзал — вац Нуссаца жиндирго яц Рарада кIудиязул адаб гьабизе малъулеб буго, какил ва кIал кквеялъул хиралъиялъул ва исламалъул берцинлъиялъул бицунеб буго. Гьединго Дагъистаналъул «БахIарчияв вас» абураб мультфильмалъ инсанасул сурукъаб, квешаб хасият какула, къватIиб чIвазабула.

Рокъоб парахалъи ва аваданлъи цIуне. Расги барахщичIого лъималазе рокьи кьейин малъула психологазги. ТалихIал ва жалго рокьулеблъи лъалел лъимал киданиги такъсирчагIилъун лъугьунарин абула гьез.

  Лъималазухъ гIенеккизе ругьунлъе. Жидерго лъималазе лъикIаб тарбия щвезе киналго эбел-инсуе бокьула. ГIемерисел гьезда малъарулелги рукIуна гьоркьоса къотIичIого. Лъималазул рекIелъ щиб бугебали, гьезул пикрабазухъ гIенеккизе киналго умумузда гуро лъалеб. Эбел-инсуда жидерго пикруги къварилъиги бицине бажаричIел лъималаз, жалго ричIчIулел цогидал гIадамазе бикьула ургъел.

Лъималазе лъикIал гьудулзаби ралагьила. Абугьурайратица бицараб аварагасул хIадисалда буго: «Жиндирго гьудулас гьабулеб диналде вуссуна инсан. Нужер щивас кIвар кьун хал гьабе лъилгун гьудуллъи гьабулеб бугебали».

   Нилъерго лъималазе кидаго дугIа гьабила. Эбел-инсул дугIа цIакъ къуватаблъун рикIкIуна. Гьединлъидал, лъималазе тарбия кьолелъул гьезда битIараб нух бихьизабеян Аллагьасда гьарун, дугIа гьабизе ккела.

 

П. СУЛТIАНМУХIАМАДОВА