Исана соналда тIоцебесеб росдал магIишаталъул нигIматазул республикаялъулаб ярмарка тIобитIана 9 апрелалда МахIачхъалаялда. Гьелда гIахьаллъана республикаялъул гIемерал районаздаса 180-200- гIанасев вакил (павильон-будка). Ахирал соназда гьел таманал тIоритIиялъул хIасилалда щвараб хIалбихьиялъги батила, ярмарка гIуцIун букIана гIезегIан лъикIаб даражаялда. ГIахьалчагIазе чIезарун рукIана хIалтIи берцинаб хIалалда иналъе рекъарал шартIал, бихьана цебехун...

