Библиотекаялъул гъасда тIобитIараб сордо  

 

   27 маялда тIолабго улкаялда кIодо гьабула Библитекабазул къо. Гьелъул хIурматалда исана библиотекабазда, музеязда, тIахьазул тукабазда, культуриял центразда тIоритIана батIи-батIиял тадбирал.

Исана 11 нухалъ тIобитIулеб буго «Библионочь» абураб тадбир тIолабго Россиялда.

2022 сон РФялда халкъазул рухIияб бечелъиялъул ирсалъул сонлъун лъазабун букIиналда бан, исана акция тIобитIана “Халкъиял гIадатал” абураб цIаралда гъоркь.

 

    28 маялда “Библионочь — 2022″ тIобитIана Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялдаги. Гьеб сордоялъ гьенире ракIарун рукIана лъималги, гIолилалги, ригьалде рахаралги.

Тадбир байбихьана, библиотекаялъул гьитIинал цIалдолезе сайгъат гьабураб тIоцебесеб бутIаялдасан. Гьелда цIарги букIана “Библиосумерки». Гьенир лъималазе хIадурун рукIана гIемерал сайгъаталги.

   “Анищалде данде роржен» абураб, сакъатал лъималазул клубалъул нухмалъулей Элла ХIасановалъ гьитIичазда бихьизабуна “Кайтагалъул накъищал» абураб хIатIгун хIалтIиялъул, гьелъул батIи-батIиял тIагIалаби гьаризе ругьун гьариялъул мастер-класс. Культуриял программабазул отделалъ гьитIичазе хIадурун букIана “Хулжиниса мультфильмал» абураб сайгъат. Лъимал гъираялда ралагьана ЦIадаса ХIамзатил “ГъалбацIги гIанкIги», “Пилги цIунцIраги» ва Нурудин Юсуповасул “Гьавураб къо» абурал асаразул кьучIалда, советияб заманалдаго рахъун рукIарал мультфильмазухъ. Гьединго, гьитIинал гьалбадерица гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул гIадатазда ва маданияталда тIасан гIуцIараб викторинаялдаги.

СагIат анкьгоялда байбихьана тадбиралъул аслияб бутIаялде. “Библионочь-2022″ рагьана ДРялъул культураялъул министрасул заместитель Медина Жаватхановалъ. Гьелъ бицана гIун бачIунеб гIелалъе патриотикияб тарбия кьеялъулъ ва нилъер рухIияб ирс цIуниялъулъ библиотекабазул ва гьезул хIалтIул бугеб кIваралъул.

Тадбир нухда бачана библиотекаялъул культуриял программабазул отделалъул нухмалъулей Ольга ГIалиевалъ ва краеведалъулгун миллияб адабияталъул отделалъул нухмалъулей ПатIимат МуртузгIалиевалъ.

Тадбир рагьи берцин гьабуна “Лезгинка» кьурдул ансамблялъул школа-студиялъул кьурдухъабаз, ДГУялъул, МАДИялъул студентаз цIаларал ва ахIарал кучIдуз. Балагьаразе цIакъ асар гьабуна ДГУялъул халкъазда гьоркьосеб лъай кьеялъул факультеталда ва автодорожнияб колледжалда цIалулел ругел, къватIисел пачалихъаздаса рачIарал студентаз цIаларал ва ахIарал кучIдуз. Гьезул гIемерисез гьанире рачIун гIемераб мех бан гьечIониги, цIакъ жигар бахъулеб букIана берцин- го Расул ХIамзатовасулги Фазу ГIалиевалъулги асарал гIурус ва жидерго рахьдал мацIазда цIализе. Каспийскиялъул №15 школалъул учитель Серайнат ГIабдулаевалъ цIалараб Расулил “Как» абураб кечIалъ черхалда гъаргъар базабичIев чи къанагIатги хутIун ватиларо залалда. Ахир лъуна вацал Салман ва Белек ГIабасоваз ахIарал “По горным дорогам» ва “Далалай» кучIдуз.

Гьединго балагьаразда рихьизаруна машгьурай модельер Мунажат ХIасановалъул “ХIикматаб гъамас» абураб этноколлекциялдаса хIалтIаби.

Тадбир рагьиялъул хIурматалда тIобитIулеб гьеб бутIа лъугIигун, гIахьаллъарал рикьа-риххана тIасиял тIалабазда гIуцIун рукIарал батIи-батIиял майданазде. Гьенир гIуцIун рукIана Дагъистаналъул щибаб миллаталъул бокIнал, батIи-батIиял махщелчагIазул хIалтIабазул ва гьединго тIахьазул церелъеял. Миллияб ретIел-хьит ретIарал васалгун ясал рихьидалги, ахIулел миллиял кучIдул цолъараб панаяб сариналъул сасалъухъ гIенеккидалги, цоцахъа цоцахъе бегьун тIилгун, тириго кьурдулел гIолилалгун чIахIиязухъ балагьидалги кколеб букIана гьеб сордоялъ миллияб библиотекаялда гьитIинаб Дагъистан рагьун цебе лъун бугилан. Гьеб киналъго хIайран гьавурав дида ракIалде рачIана кIудияй шагIиралъул гьал рагIабиги:

Цоцахъа цоцахъе бегьун унеб цIа,

Цоцаца цоцахъе бекун кьолеб чед,

 Кьурдизе унелъул гьанир бертабалъ

Иргадал цоцахъе бегьун унеб тIил

ТIаде рачIаразда цо-цо махщелчагIаз рихьизарулел рукIана тIагIалаби гьарулеб, тIансаби-салмагал рессулеб къагIидаялъул мастер-классал. Масала, щагIил цIа-рагI, расанкIаби гьарулеб бакIалда бугоан кIудияб руккел. Аслияб къагIидаялъ, гьелъухъ балагьунги жидецаго гьабизе хIалбихьулелги ругоан гIисинаб гIел.

Хасго гьениб лъугьа-бахъунебщиналъул кIудияб гъира букIана улкаялъул батIи-батIиял шагьараздаса рачIарал гьалбадерие, туристазе ва къватIисел пачалихъаздаса студентазе. МАДИялда цIалулев вугев Сириялдаса МухIамад СалихIица бицана:

— Дун гьаниве цIализе вачIаралдаса гIемераб мех гьечIо. Дида цIакъ берцин рихьула Дагъистаналъул гIадаталги, рукIа-рахъинги, тIабигIатги. Амма къасисеб тадбиралдайин абуни дие Дагъистанги гьелъул гIадамалги гIатIидго ва гъваридго рагьанин абизе бегьула. Гьанир ругел гIажаибал махщелчагIазул хIалтIабазги, гIадамазда ретIун бугеб миллияб ретIелхьиталъги, квен-тIехалъги, ихтилат-кепалъги кIудияб асар гьабуна. Хасго рекIелъе рортана гьобол хириял, адаб-хIурмат бугел Дагъистаналъул гIадамал, — ан.

КъанагIатал тIахьазул отделалъ гIуцIун букIана ХХ гIасруялъул байбихьудаго миллиял мацIазда Дагъистаналда къватIире риччарал, гIажамалда ва латиналда хъварал тIахьазул выставка. Гьенибго букIана квералъ хъвараб Къуръанги.

Культуриял программабазул отделалъ гIахьалчагIи ахIун рукIана Р. ХIамзатовасул “МагIарулай» ва А. Абу-Бакарил “Адам ва ХIава», “Чегери» асаразул кьучIалда рахъарал фильмазухъ ралагьизе.

Киназулго ракI тIаде цIалеб бокIонлъун гьениб букIана “Литературияб годекIан». Гьениб руккелги гьабун, иргадал жидеего рокьулел шагIирзабазул асарал цIалулел рукIана гIисиналги чIахIиялги.

Библиотекаялъул конференц-залалда тIобитIана цIияб къагIидаялда къватIибе биччазе бугеб “Дагъистан» журналалъул презентацияги.

Миллияб ретIел тIад ретIарал бихьинчиясулгун чIужугIаданалъул сураталъул тантамарескабазда (сурат бахъизе букIине, къватIибе гьумер баккизабизе каратI бахъараб стенд) цере чIун суратал рахъичIевги къанагIатги чи хутIун ватиларо гьеб сордоялъ.

Тадбиралъе ахир лъуна Рашид Багъатаевас ва Хиринду СултIановалъ ахIарал кучIдуз.

     12-ялдехун лъугIана гьеб тадбир. Киналго гьениса къватIире рачIунел рукIана рохалилаб асаргун. Гьеб лъугьана цIакъ интересаб, гIахьаллъанщиназе пайдаб дандеруссинлъун. Хасго гIун бачIунеб гIелалда нилъер маданияталда хур- хун гIемераб цIияб жо лъана.

 МухIамад Манапов