Гъизилюрталда гьоболлъухъ – миллияб газета

 

    Исанаги «ХIакъикъаталъул» редакциялъ байбихьана цIалдолезулгун дандчIваял тIоритIизе. Тасдикъ гьабураб планалда рекъон, араб анкьалда сапар бухьана Гъизилюрт шагьаралде. Гьенир редакциялъул хIалтIухъаби дандчIвана Гъизилюрт районалдаги шагьаралдаги гIумру гьабулел «ХIакъикъаталъул» гьудулзабигун. ДандчIвай тIобитIана шагьаралъул администрациялъул минаялда бугеб данделъабазул залалда.

ДандчIваялда гIахьаллъана Гъизилюрт районалъул бетIерасул заместитель Ибрагьим МутIалибов, шагьаралъул бетIерасул тIоцевесев заместитель Малик ПатахIов, Гъизилюрт районалъул администрациялъул культураялъулгун туризмалъул отделалъул начальник ХIажилав ХIажилаев, Гъизилюрт шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул начальник МухIамад-Мирза Мирзаев ва цогидалги.

 

   Данделъи нухда бачарав Малик ПатахIовас къокъго бицана «ХIакъикъаталъул» редакциялъ Гъизилюрталъул ракьалде сапар гьабиялъе бугеб гIиллаялъулги хIакъалъулъ. «Щивав магIаруласул рокъоб урхъараб гьоболлъун буго «ХIакъикъат». Гьелда батула халкъалъул тарихги, маданиятги, къокъго абуни, миллаталъул рухIияб бечелъи. Районалъулги шагьаралъулги лъикIаб бухьен буго газеталъул редакциялъулгун ва ракIалде ккола гьеб гьудуллъи жеги камиллъилин», — ан абуна гьес.

   Данделъиялъул гIахьалчагIазде саламалъулаб хитIаб гьабуна «ХIакъикъаталъул» бетIерав редактор ГIумахан ГIумахановас. Гьес загьир гьабуна цIалдолелгун дандчIваялдаса кIудияб рохел ва рехсана сапаралде рахъарал газеталъул хIалтIухъабазул хIакъалъулъ цо-цо баянал.

   «Щибаб халкъалъул мацI буго кIудияб хазина. Жакъа нилъ ругьунлъун руго рокъор лъималаздаги лъималазул лъималаздаги гIурус мацIалда кIалъазе. Щаклъи гьечIо – гIурус мацIалъ нилъее нуцIа рагьана кIудияб дунялалде, маданияталде, лъай кьеялде, цивилизациялде. Дир эбел-инсуда лъалаан лъарагI мацIги – гьезда гьоркьор гIумру гьабулел рукIун. Жакъасел гIелазда лъаларо я рахьдал мацI, я мадугьалихъ бугеб цогидаб миллаталъул мацI. Киназго хIаракат бахъулеб, миллияб мацIги ракьанде рехун, ингилисазул, китаязул ва цогидазул мацIал лъазаризе. ТIоцебесеб иргаялда, хъизамалда хIаракат бахъизе ккола рахьдал мацIги, миллияб гIадат-гIамалги, махIгун яхIги цIунизе. Хадуб гьелде кIвар кьезе ккола лъималазул ахакь, школазда. Жакъа киналго къеркьолел руго «Россиялъул гIаммаб гражданинлъи» абураб бичIчIи тIибитIизабизе. Амма магIарулав, даргияв, тумав, лъарагIав ва гь.ц. миллаталъул вакиллъун кколеблъи кIочарав чиясухъа кинго бажаризе гьечIо «Россиялъул гIаммав гражданинлъун» живго лъугьинавизе. МагIаруллъиги кIочон тун, тIолабго Россия ватIанлъун гьабизе рес букIунаро», — ян бицана «ХIакъикъаталъул» бетIерав редакторасул заместитель Зикрула Ильясовас.

   Данделъиялда кIалъазе рахъарал «ХIакъикъаталъул» цIалдолез лъикIаб къимат кьуна газеталъе. ГIемерал соназ гIолеб гIелалъе тарбиягун лъай кьураб МухIамад Бутаевас, масала, абуна, щивасул рокъоб букIине мустахIикъаб магIарул газета жинца кидаго цIалулин ва пайдаял макъалаби гIемер ратулин гьелдайилан абун.

    Данделъиялъул гIахьалчагIаз кIудияб рохелгун къабул гьабуна ЦIобокь-Миякьоб росулъа гьитIинав хъвадарухъан ГIали ГIумаровасул кIалъай. Гьес бицана «ХIакъикъаталъулги» жиндиргоги цебегосеб гьудуллъиялъул хIакъалъулъ ва рикIкIана жиндирго кечI. «ХIакъикъаталъеги» сайгъат гьарун руго гьес гьадинал мухъал:

   Дир хирияб «ХIакъикъат»,

 МагIарулазе къимат.

 ЛъикIаб-квешаб борцунеб,

 Къадру тIокIаб казият.

 Щибаб гьумер цIалула,

 Гьелъул магIна босула.

Цинги мухIканго гьабун,

 ЦIунизе нахъе лъола.

 МагIарулазул гIумру,

Дургун гIахьал букIуна.

 Киб, кида, ва щиб ккараб,

 Дуца баян гьабула.

 Дир хирияб «ХIакъикъат»,

 МагIарулазул къуват.

ТIолабго авар миллат,

Дуда сверухъ буссуна.

 Мун гIакъилаб гьоболги,

 Гьунар тIокIаб гьудулги.

ГьечIо дудаса цIакъаб,

Нижее казиятги.

    «ХIакъикъаталъулгун» дандчIваялда Гъизилюрталъул администрациялъ кIодо гьабуна Хъизамалъул къоги. Данделъиялде ахIун рукIана 58 соналъ цадахъ гIумру гьабурал рос-лъади – Ойболатовазул хъизам. ДРялъул ЗахIматалъулгун социалияб цебетIеялъул министр ГIабдурахIман МахIмудовасул рахъалдаса Малик ПатахIовас гьезие кьуна «Ро- кьиялъухъ ва ритIухълъиялъухъ» абураб медаль.

   Сулейман ва Бурлият Ойболатовазул мисалияб хъизамалъул хIакъалъулъ нижеца гIатIидго хъвазе буго газеталда. Редакциялъин абуни иргадулаб сапар гьабизе буго Гумбет районалде.

 Кавсарат СУЛЕЙМАНОВА