«Доза» сабаблъун лъукъулеб талихI

 

   Заманаялъ лугбузе лазат кьолеб, гIадалнах мигьлъулеб гьеб «доза» сабаблъун лъукъулеб- щинаб талихI, балебщинаб чIегIер. «Передоза- ялъ» хванин щурун бицуна, ботIрол бидурихь тIунин, рекIелъ гарацI ккун хванилан рагIун абула.

Рагъда чIварал бахIарзазе кинигин, чIегIераб мармаралъул чIухIарал заналги эхе- тула къаданир. Заназдаса балагьун — цояздаса цоял гьайбатал васал.

ГIемер ракIалде щола мунагьал чураяв Суракъат Асиятиловас гьеб киналъулго ракIунтун бицунеб букIараб куц.

    Цо къоялъ гьес ахIана жиндихъе ячIаян. ХъахIаб рокъов, хIалтIул кабинеталъув, жиндиего хасиятаб чIаголъи ссвараб кинигин ватана гьев. Сунцадай Суракъат гьадигIан сасун вугеван рахIатхвей бижана диргоги. «Унгоха, гьаб заманалъул согIлъи, дунял хъублъун бугеб куц. Дирго ракI чучиялъе ахIун йикIана жакъа мунги, сахал гIадамал дару-дарманлъун рукIунелъул.

Гьаб анкьида жаниб ункъо батIияб бакIалде зигараялъ щвана дун — ункъавго гIолохъанчи, ункъавгоги наркотикал сабаблъун хварал. ГIорхъолъа унел руго гIолохъаби. Кин гьаб балагь чIезабилеб?

    Эбел-эмен регIун гьечIо лъималазул тIалаб гьабизе. Цоцазул хIурмат, гьуинлъи жаниб гьечIеб хъизамалда жамгIияталъе пайдаяв чи гIезеги рес гьечIо. Цин къинабизе гIураб рухIияб къуват гьечIолъиялъ, гьитIинаб багьанаялъе гIологи чIвалел руго гIолохъаби цоцаца.

   Нилъер улкаялъул ва диналъул тушбабаз балъго тIибитIизабулеб загьруяб яргъил цояб буго наркотикал. Гьелъул бицине ккола казиятаздасанги, телевидениялдасанги, школаздаги, мажгитаздаги, годекIанибги…»

 

РасанкIаби гуро, заман кье лъимадуе

 

    Наркоманиялъул заралалъул гIемер бицуна, гьелда данде гьабулеб хIалтIиги гIезегIанго бугин абула. Кин батаниги, халкъалъул къадаралъул хIисаб гьабидал, наркотикал хIалтIизарулел нилъер республикаялда бищунго цIикIкIун ругин баян кьолеб буго ДРялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ.

Гьезулго баяназда рекъон, анкьазаргогIанасев чи рагIула республикаялъул наркодиспансералъул халгьабиялда гъоркь. Гьезул халгьабиялда гьечIел кигIанха ратилел.

  Лъималазе гIемерал расанкIаби, багьаяб ретIел-хьит босичIого, гьезие цIикIкIун заман кьеян абула гIакъилал гIадамаз. Гьанже гIаксалда кколеб гьечIищ?

 

Наркоманиялда данде рагъ

 

   ООНалъул генералияб асамблеялъ, 35 соналъ цебе, 26 июнь бихьизабун буго Халкъазда гьоркьосеб наркоманиялда данде къеркьолеб къолъун. Гьеб къоялда данде ккезабун ЧIарада районалъул ЦIуриб библиотекаялда тIобитIана талихIкъосараб, балагьаб ахIвал-хIалалде чи ккезавулеб наркоманиялъул бицунеб данделъи.

   Жибго тадбир берцинго гIуцIун гуребги, гьоркьоб лъураб масъала бичIчIулел, гьелъул бицине лъалел гIадамал ахIун рукIана библиотекаялъул хIалтIухъабаз гьенире. Наркоманиялъул заралалъул, гьеб тIибитIизабулез къорикье ккезарулеб къагIидаялъул гIолилазе бицана районалъул исламалъул церехъабаз, райадминистрациялъул экстремизмалъулгун терроризмалъул отделалъулгун спорталъул ва цогидалги жавабиял ида- рабазул махщелчагIаз. Гьенивго кIалъарав тохтур-наркологас баян кьуна гьаб ахираб лъабго соналда жаниб ЧIарада районалда наркотикал хIалтIизарулев цониги чи тIатинчIиланги.

   ХIухьбахъиялъул заман бугониги, хасаб программагун гьеб тадбиралда гIахьаллъана ЦIуриб школалъул цIалдохъабиги.

   Данделъараз гIолилазе бицана гIицIго наркоманиялъул гуребги, гьекъел-мехтелалъул ва хъалиян бухIиялъул заралалъулги.

 

ПатIимат ГЬИТIИНОВА