ГIазулаб декабралда кунчIараб цIва Жакъаги рагIулеб бугин ккола гьелъул чIагояб гьаракь Дица берал къанщидал,Къаникь лъелалде цебе,КъватIибе ракIги бахъун,КъотIун жанир раккани,Гьениб ДагъистаналъулСипат-сурат батила,Сунданиги хъвагIазе.Нахъе бахъизе кIвечIеб. Гьадин хъвана халкъияй шагIиралъ. Гьеб букIана гьелъул кучIдузул аслияб ахIилъунги. РакIалдещолеб буго, школалда цIалулелъул, «ВатIан, мун бокьизе тIоцебе дида» абураб гьелъул кечI хоралда ахIулеб букIараб заман. Нижер гIелалъе гьеб...

