ГIемер лъил ругел?
Россиялъул регионазда гьоркьоб гьекъолдиялъул рахъалъ
цебесеб бакI ккуна Магадан областалъ
«Трезвая Россия» абураб федералияб проекталъул экспертаз гIуцIана Россиялъул гьекъолдулелги гьекъолдуларелги регионазул рейтинг. Гьеб хIадурулаго, хIисабалде босана гьекъолдиялъул кьучIалда хваралги, «алкоголизм» ва «алкоголияб психоз» абурал диагнозалгун медицинаялъул идарабазул сияхIалде росаралги, мехтун рукIаго, такъсирал гьаруралги, низам хвезабуралги гIадамазул къадарги, тукабаздаса гIаракъиги, коньякги, чогърол батIи-батIиял тайпабиги, пивоги, спирт гъорлъ бугел цогидалги гьекъолел жалги ричиялъул хIужабиги.
Экспертазул цIех-рехазда рекъон, 2017 соналда мехтизарулел жалалгун «гьудуллъи гьечIел» регионаллъун ккола Чачан Республикаги, Ингушетияги, Дагъистанги. Гьезда хадур руго Гъарачай-Чергесияги, Белгород ва Ростов областалги, Ставрополь крайги, Астрахань областьги.
Мехтизарулел жалазде «цIикIкIараб рокьи» бугел регионаллъун ккола: Магадан областьги, Ненец автономияб округги, Бурятияги. Гьекъолдухъаби гIемераб 10 регионалда гъорлъе ккана Чукоткаги, Пермь крайги, Нижегород областьги.
Июнь моцIалда Роспотребнадзоралъги хIадурун букIана гьединабго рейтинг. Гьез хIисабалде босун букIана улкаялда спирт гъорлъ бугел жал ричиялъул баянал. Ведомствоялъул баяназда рекъон, бищун дагьаб къадаралда мехтизарулел жал росун руго Северияб Кавказалъул республикабазда: Ингушетиялдаги Чачаналдаги – рухI рикIкIун, цо литр, Кабардино-Балкариялда – 0,5 л, Северияб Осетиялда – 0,6 л. Церехъабазул кьерда руго Магадан область (бацIцIадаб спирталъул 14,1 л цо рухIалъе). Гьелда хадур руго Москваги Сахалин областьги.
Россиялъул югалъе пайда букIина
Гьуърузул унтабаздаса сахгьариялъул центр рагьизе буго
2018 соналъул ахиралде Каспийскалда, РАНалъул «ГIелму» пансионаталъул кьучIалда рагьизе буго гьуърузул унтабазул реабилитациялъул центр. Гьеб балаго, дандчIвалел масъалабазул хIакъалъулъ бицана хасаб данделъиялда. Дагъистаналде вачIун вукIана РФялъул ГIелмиял идарабазул федералияб агентствоялъул (ФАНО) нухмалъулесул заместитель Александр Степанов. ЦIибалеб централде рачIине руго СКФОялдасаги ЮФОялдасаги гIадамал.
Александр Степановги, ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместителасул ишал тIуралев Анатолий Карибовги, ДРялъул сахлъицIуниялъул министрасул ишал тIуралев Танка Ибрагьимовги щвана пансионаталде, ва гьез халгьабуна гьелъул рукъзабазулги сверухълъиялъулги.
Пансионаталда лъезе буго унтарал сахлъизаризе рес кьолел аппараталги гIуцIизе руго гIемер заманалъ пациентал рукIине санагIатал шартIалги. Гьел суалал дандразе гIагараб заманалда республикаялде рачIине руго ФАНОялъул хIалтIухъаби.
Танка Ибрагьимовас баркала кьуна ФАНОялъул вакилзабазе кIудияб кIваралъул гьеб объект базе Дагъистан тIасабищаралъухъ. Регионалъе пайдаяблъун рикIкIунеб буго гьеб проект. Пансионаталда рагьулеб централда сахгьаризе руго туберкулез хутIизегIан, гьуърузул киналго унтабаздаса. Туберкулезалъ унтаразе рагьизе руго Туберкулезалъул диспансералда хасал кабинетал. Гьениб лъезе буго гьанжезаманалъул медицинаялъул алаталги.