ГIолохъанал педагогазе малъа-хъваял
Школазда гIезегIан руго дарсил план хъвазеги, дарс гIуцIизеги лъаларел учительзаби. Гьединал педагогазе хасиятал гъалатIазулги гьел ритIизарулел къагIидабазулги хIакъалъулъ гьадинал баянал кьолел руго хIалбихьи бугел учительзабаз.
ГъалатI 1. Пуланаб суалги кьун, учителас абула: «Лъие бокьилеб жаваб кьезе?» — ян.
Суалалъе жаваб кьезе цIалдохъанасе гьединаб рес кьолев учитель мурадалде щоларо. Жаваб кьезе лъиениги бокьун гьечIин чIезеги бегьула гьел. Абизе ккола: суалалда тIад цин ургъе ва хадуб жаваб кьеян. Гьебмехалда жаваб кьезе гъира бугел цIалдохъаби цIикIкIине ресги букIуна, жавабалги мухIканал кьола.
ГъалатI 2. ИКТ хIалтIизабулинги абун, дарс буссинабизе бегьуларо мультимедиялъулаб шоуялде.
Компьютерги цогидал техникиял алаталги кидаго хIалтIизаризе ккола кумекалъул алатал хIисабалда. Берцинаб тIабигIаталъул слайдазухъ яги пуланаб видеороликалъухъ балагьизе цIалдохъаби тIамулеб мехалда кIочене бегьуларо дарсил аслияб мурадги темаги. Дарсида букIине ккола цIалдохъабазулгун чIагояб гара-чIвари, гьел тIамизе ккола бихьи-рагIаралъул хIакъалъулъ жидерго пикраби рицине.
ГъалатI 3. ЧIамучIаб дарс.
ЦокIалаб чвахигун ва цо мурад тIубазабулаго гIуцIараб дарс чIамучIаб букIуна. Гьединаб дарсихъ гIинтIамуларо цIалдохъабаз. Дарсил темаги кIочон тун, гьел машгъуллъизе бегьула батIиял жалазде, масала, телефоназде руссуна. Гьедин ккечIого букIине, учителас чанго бутIаялде бикьизе бегьула дарсил мурад. Дарсги гIуцIила гIисинал масъалаби тIуразариялъул къагIидаялда.
Жигаралда цIалдохъаби хIалтIизарулеб дарсги чIамучIлъизе бегьула – гьелъ лъимал сваказарула. Гьединлъидал дарсида хис-хисун хIалтIизаризе ккола батIи-батIиял къагIидаби.
ГъалатI 4. ХIадурараб дарсил план-конспекталдаса кьурунгутIи.
Цебеккунго хIадурараб конспекталда рекъон дарс бачиналъул кIудияб кумек букIуна учителасе. Амма цо-цо мехалда конспекталда хиса-басиял гьаричIого тIубаларо. Гьелъие рукIине бегьула гьадинал гIиллаби:
• цебесеб дарсида контролияб хIалтIиги хъван дур дарсиде рачIарал цIалдохъаби свакан рукIиналда бан, гьезул къуват гIоларо, иргадулаб дарсидаги жигаралда хIалтIизе. Гьелъ квалквал гьабула дур дарсил мурадал тIуразе;
• ИКТ хIалтIизабизе ракIалда бугеб мехалда, школалда ток гьечIого хутIизе бегьула;
• ток батаниги, проектор, компьютер ва цогидаб техникияб алат хIалтIичIого рукIине бегьула.
Гьединаб хIал бугониги, цогидал къагIидабиги хIалтIизарун, дарс кьезе хIадуравлъун вукIине ккола учитель.
ГъалатI 5. Къокъабазде класс бикьун бугони…
Классалда жигарчилъи цIикIкIинабулеб къагIида буго къокъабиккун цIалдохъаби хIалтIизари. МухIканго хIадуризе ккола щибаб къокъаялъе кьолеб тIадкъай. Щивав цIалдохъанасда цебелъезе ккола чIванкъотIараб масъала. ЦIалдохъабазда бичIчIизабизе ккола, щивасул хIаракаталъе хасаб къимат лъезе бугеблъиги. Гурони, цевехъанлъун вукIине бажарулев цIалдохъанас кинабго хIалтIиги тIубан, хутIарал гьесухъ ралагьун чIола.
ГъалатI 6. ЦIияб дарс хутIана цIалдохъабазда бичIчIичIого …
Дарс кьолаго, учителас халкквезе ккола, цIалдохъабазда гьеб бичIчIулеб бугищали. Гьелде кIваркьечIого тани, учителас бицарабщинаб жо ракIалда чIезабуларо цIалдохъабазги. Гьезда чарагьечIого гьикъизе ккола, дарсида бицен гьабурал терминазулги цIиял рагIабазулги магIна бичIчIулищали.
ГъалатI 7. ГIемерисеб мехалда халатал текстал рекIехъе лъазаризе тIами.
Дарс кьеялъул гьединаб къагIидаялъул пайда букIунаро. ЦIалдохъаби ругьунлъула, щибго бичIчIичIониги, рекIехъе лъазарурал тексталги рицун, къиматал росизе.
ГъалатI 8. ЧIванкъотIараб мурадги масъалаги церелъечIого дарс ин.
Дарсил темаги бицинчIого, гьеб лъазабиялъе квербакъарал масъалабиги мурадалги мухIкан гьаричIого кьураб дарс цIалдохъабазул рекIелъ цIунун хутIуларо. Гьединаб дарсги ккола гIададисеб хIалтIилъун.
ГъалатI 9. ЦIалдохъабазде кIваркьунгутIи.
Дарс-лекция къанагIат гурони тIобитIизе бегьуларо школалда. ЦIалдохъабазулгун гара-чIвари гьечIеб дарсил мурад тIубаларо. Учителасул бадиреги ралагьун, жидерго пикрабазда рукIуна гIемерисел цIалдохъаби.
ГъалатI 10. Кагътида тIад хъварабги цIалулаго, дарс кьей.
Учителас дарс кьезе ккола цебеккунго хIадурараб план-конспекталда рекъон. Гьеб конспектги букIине ккола учителасул ботIролъ. Гьоркьоса къотIичIого конспекталъухъ балагьулаго, яги тетрадалда тIаса бер нахъе босичIого, кьолеб дарс чIамучIлъула цIалдохъабазе. Гьезда бичIчIула, бицине кколеб яги дарсида тIобитIизе кколеб тIадкъай учителасда жиндагоги лъалеб гьечIеблъи. ХIатта гьеб планшеталдаса яги компьютералъул кумекалдалъун интерактивияб хъорщодаса цIалулеб бугониги. Гьединав учителасде божилъи тIагIуна цIалдохъабазул.