Бана гьудуллъиялъул кьо

ЧIагояб гьаракьги балагьарал пана гьарулел бакъналги

 

12 ноябралда «ResPublik» медиа-централда тIобитIана гуржиязул ко­чIо­хъан Дато Кенчиашивилил ва «Мегобреби» къокъаялъул концерт.
Концерталъул гIуцIарухъанлъунги хIаракатчилъунги вукIана Дагъистаналъул машгьурав кочIохъан АхIмад Закариев.
Датолги гьеб къокъаялъулги кон­цер­талъухъ гIашикълъараз цIун бу­кIана гьеб сордоялъ зал.
Концерт байбихьана Дагъистаналъул халкъалдехун бугеб рокьи­ги хIурматги загьир гьабураб кочIо­далъун. «Дагъистан лъугьун буго дие кIиабилеб ватIанлъун, гьаниб гIумру гьабулеб буго дир лъикIал гьудулзабаз. Дида лъала дагъистаниязе дир махщел бокьулеблъи ва гьеб рокьи гьезул гьурмада бихьула. Баркала нужее!»- ян абуна Датоца.
Концерталъул заманалда балагьаразул рес букIана кочIохъанасе суалал кьезеги гьевгун цадахъ суратал рахъизеги.
МоцIалъ цебе ДРялъул культурая­лъул министралъул ишал тIураза­рулей Зарема Бутаевалъ тIобитIана дандчIвай Т. Мурадовалъул цIаралда бугеб пачалихъияб филармониялъул эстрадаялъул кочIохъабигун. Гара-чIва­риялъулъ гIахьаллъана Да­гъис­таналъул мустахIикъал ва хал­къиял артисталги. Бицунеб букIана музыкалиял программабазул даража борхизабизе ккеялъул, репертуар цIигьабиялъул, цIиял, гьунар бугел цолъаби цIуниялъул ва це­ретIезариялъул хIакъалъулъ.
Гара-чIвариялъул байбихьуда Зарема Бутаевалъ баян гьаруна асли­ял масъалаби: «Ахирал соназда лъу­гIулел руго Дагъистаналъул фоль­клоралъул хаслъаби, кечI-ба­къа­налдехун гьечIо цебе гIадаб берба­лагьи. АхIулел руго цого кучIдул, ра­гIаби руго лъилали лъаларел ва магI­на-гIин гьечIел».
Гуржияз цIунулеб ва цебетIе­за­булеб буго жидерго миллияб кочIол хаслъи. Гьединлъидал гьеб концертги букIана, гьанжего гьанже кечI-бакъаналде машгъуллъарал Дагъис­таналъул гIо­ло­хъанал артистазе мисаллъун.
Гьеб сордоялъ лъазабуна ЦIияб соналдасан МахIачхъалаялда байбихьизе бугин, Дато Кенчиашвили авторлъун кколеб, «Кавказалъул гьаракь» абураб музыкалияб проект. Гьелъул гIуцIарухъабилъун ккола «Кавказалъул рукъ» маданияб центр. Проекталда гIахьаллъизе бегьула СКФОялъул киналго регионаздаса кечI-бакъан бокьулел, 16-35 сонал рарал гьунар бугел гIолилал. Гьеб ккола Дагъистаналъулги Гуржиялъулги цадахъаб проект, гьелъ квербакъила мадугьалзабазул гьоркьорлъаби дагьалги щулалъиялъе.
Мадина ХIажимаева