Умумузул нухккун вачIарав Кив хIалтIаниги, жиндирго сахаватал лъалкIал тана гьенир Шамилица ТIоцебесеб октябралда МагIарул театралда тIобитIана Шамил МухIидиновасул адабияталъул сордо. Щивха кколев Шамил МухIидинов? Хунздерил тIалъиялде рахунелъул, тIоцебе батулеб БакьайчIи росулъа жамгIияв хIаракатчи, учитель, журналист, гIалим, шагIир. РагIул устарзабаздалъун бечедаб Хунзахъ районалъул шагIирзабазул кьерда мустахIикъаб бакI ккола гьесги. Кив хIалтIаниги, жиндирго сахаватал лъалкIал тана...

