Халкъияв артист ракIалдещвезавиялъул сордо Абадиялъ БаширлъунХалкъалъул рекIелъ вугев,Гелбахъазул ракIазулъДаим СалихI вуго мун(зонода гьабураб хъвай-хъвагIай)СалихI Имангъолов. Гьев магIарулазе даималъего хутIана Камалил Баширил роль хIалев берцинав артистлъун. Советияб заманалда МагIарул театралда магIарулазе бищунго вокьулев артистазул цояв вукIана гьев. МахIмуд ГIабдулхаликъовасдаги ХIосен Казиевасдаги цадахъ рехсолааан гьесул цIар. Школалда цIалулел дир гIелалъул лъималазгицин гьикъулаан, МагIарул театр районалде бачIун...

