Новость на родном

Россиялъе ГIагараб Бакъбаккуда гъураб гудур ва Иерусалималъул къисмат

КIудияб рагъ ккечIого рорчIизе рес бугебищха? Щакаб жо   ги, Иерусалималдаги, Сириялдаги кколел ругел лъугьа-бахъиназ тIолабго дунялго буго хIалуцинабун. СШАялъ Иерусалималда посольство рагьулеб 14 маялда, гьеб ишалдаса разилъи гьечIолъи загьир гьабун, ИзрагIилалъул гIорхъода 100 азаргогIанасев палестинаялъулас тIобитIана жидедаса лъиениги зарал гьечIеб митинг. Амма израгIилалъулазе гьеб иш рекIее гIечIо ва гьез иргадулаб нухалдаги бихьизабуна жидерго къуват....

Новость на родном

Баху-Меседу Расуловалъул шигIрияб нухлул 50 сон тIубаялде

МагIарул шагIиралъе — Шекспирил премия   ГIагарал мугIрузда юхьун ятана,Бихьанщиналда тIад гьезул шал чIвана.КIудияб гьаб дунял гьитIинлъун ккана,ГьитIинаб доб росдал дуниял цIуна.(«Макьилъ йоржунаан дун») ГьитIинабго кочIол гьаб ахирисеб куплеталъ бицунеб буго халкъияй шагIиралъул шигIрабазул тIадегIанлъиялъулги борхалъиялъулги хIакъалъулъ. Гьей даим ритIухъайлъун хутIун йиго рекIел ахIилъун лъугьарал ва хутIарал жиндирго шигIрабазул аслияб темаялъе — гьитIинаб ватIаналде бугеб...

Новость на родном

Бузнаса нух – умумузул гуч

Халкъияблъун лъугьараб нухалъе цIакъ хIажат буго халкъалъул квербакъи   1985 соналда Г. ХIайбулаевасул нухмалъиялда гъоркь гIуцIараб «ГIумруялъул нух» абураб гIуцIиялъ байбихьана МахIачхъала – Болъихъ нухлул Генуб – ЧIиркъатIа бутIа къачIазе. МагIарул анлъго районалда гIумру гьабун ругел гIадамазул рохалие гIорхъи букIинчIо, 2006 соналъул 6 сентябралда гьеб нух къачIан бахъиндал, 100 километралдасаги цIикIкIун манзилалъ къокълъана нух. Гьединго...

Новость на родном

Барка Шагьру Рамазан

ХIурматиял бусурбаби. «ХIакъикъат» газеталъул коллективалъ ракI-ракIалъ баркула нужеда тIаде щвараб хирияб рамазан моцI. Хирияв аварагасул хIадисалда буго рамазан моцIалъ алжаналъул нуцIби рагьун рукIунин абун. Гьединлъидал щивав чияс хIаракат бахъизе ккела алжаналде рачунел гIамалал гьаризе, гIибадат цIикIкIинабизе. Гьаб хирияб моцIалъ нилъеда тIадаб буго цохIо кIал кквезе гуребги, гьелдаго цадахъ хIажат гьечIебщиналдаса, чияе зарал-зиян гьабиялдаса рикIкIад чIезеги....

Новость на родном

ГIунгутIабазе мукIурлъи — церехун иналъе кьучI

Гъизляр районалда ругел гъунисезул данделъи   «ТIаде гIолеб гIелалъе патриотикиябгун рухIияб тарбия кьей». Гьединаб темаялда тIасан 13 маялда Гъизляр шагьаралда бугеб КЭМЗалъул залалда тIобитIана гьеб районалда гIумру гьабун ругел гъунисез данделъи. РакIалде ккун букIана гIезегIан районцоял ругел шагьаргун районалдаса гIемерал гIадамалги гIахьаллъун, ругел масъалабиги дандран, политикаялъулгун рищиязулги бицинчIого инин тадбирилан. Амма хIакъикъат дагьаб батIияб ккана....

Новость на родном

Рагъулал хъулухъчагIазе бигьалъаби

Анкьил хIасилал   ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев дандчIвана Россиялъул оборонаялъул министрасул заместитель Тимур Ивановгун Данделъиялда гIахьаллъана Россия­лъул Оборонаялъул министерствоялъул департаменталъул директор Михаил Сапунов, Югалъулаб рагъул округалъул аскаразул бетIерасул заместитель МухIамад Хандаев, Каспийскалъул флотилиялъул бетIерасул заместитель Александр Прохоров, ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здунов, экономикаялъул министр ГIусман Хасбулатов, вице-премьерасул ишал тIуралев Рамазан Жафаров, сахлъицIуниялъул министр...

Новость на родном

Масъалаби тIураялде хьул буго

128 млн гъуруш — газ бачиналъе   Дагъистаналъул районазде газ бачиналъул суал гьоркьоб лъун букIана Дагъистаналъул хIукуматалъул председатель Артем Здуновас тIобитIараб данделъиялда. «Газпромалъул» программаялде босун букIараб 125 объекталда гьоркьоса газ бачун бахъун буго 85-ялде. Республикаялъул инвестициялъулаб программаялда рекъон, республикаялъул 11 районалда ва кIиго шагьаралда бугеб 17 объекталде газ бачине буго 128 млн гъурушги харж гьабун....

Новость на родном

Умумузул ирсалъе ритIухъаллъун хутIила

Сугъулдерицаги кIодо гьабуна КIудияб ВатIанияб рагъ лъугIаралдаса 73 сон тIубай   9 маялъул сагIат ичIго тIубараб заман. Жидерго умумузул — ра­гъул гIахьалчагIазул сураталги ко­дор ккун, росдал майданалде ракIарана жамагIаталъул вакилзаби. Гьениса ана рагъдаса руссинчIезе бараб памятникалда аскIоре. БахIарзалги ракIалдещвезарун, дугIа-ал­хIам­­­ги гьабун, сапар бухьана НакI­кIа­зухъе.Рагъ лъугIаралдаса 73 сон тIу­баялъул хIурматалда гьенибги митинг тIобитIана ва кIалъазе рахъараз...

Новость на родном

ЗаргIанасеб нахги тIагIамаб цIибилги

ХIалтIулев чи чед камун кидаго хутIуларо   Гьал къоязда Шамил районалъул ГIурада росулъе щварал нижер заман гIечIо росдалгун лъай-хъвай гьабизе. Амма рес ккана гьениса ункъо километралъ рикIкIад, лъарал мухъда бугеб, МухIа­мад МагIангаловасул магIишаталде щвезе. ЦIикIкIун кIудияб гьечIониги, магIишат буго хIажатал шартIаз хьезабураб, мухIканго гIуцIараб. Гьениб ккана нижер МухIамадилгун гьадинаб гара-чIвариги.— МухIамад, щиб магIишатха дур бугеб?—...

Новость на родном

ТIабигIаталъ кьураб бечелъи

ЧIахI-хералъул ва рухIчIаголъабазул къадаралъул гьарзалъиялъул рахъалъ Кавказалдаго бищун бечедаб бакI ккола Дагъистан Россиялъул къанагIатабги регион­цин гьечIин абизе бегьула Дагъистан гIадаб чIахI-хералдалъун ва рухI­чIаголъабаздалъун бечедаб, тIа­би­гIаталъул гьава-бакъ рекъараб бакI. Са­мур гIоралъул ахада — субтропика­лъул рохьал, республикаялъул северияб рахъалда — салул авлахъал, рорхатал мугIрул, даим гIаздаца рацарал цIорол тIогьал — гьарзаго кьун буго БетIергьанас тIабигIаталъул суратал. Гьеб...