Миллаталда кьаву рекIунеб буго МацIазул къаданиб зани щай чIвалеб?! РекIел чIвабзаз рачунел талихIкъосарал бакънал Зама-заманалдаса магIарухъе щолелъул, ракIалде кколаан лъидайин кIолеб нилъехъа гьаб берцинлъи бахъизейилан. Амма гьеб къуват букIун буго нилъехъго, дагъистаниязухъ. Миллаталги мацIалги гIемерлъиялъ берцин гьабун букIана Дагъистан, хIатта Россиягицин кIудияб букIана мацIазул бечелъиялъ. МацIал батIиял, амма хьулалги анищалги цо ругел гIадамаз гIажаибаб...

