Пайда босичIого тараб бечелъи МагIарухъ гIезегIан руго даруялги минералиялги иццал Кавказалда цониги гьечIо Дагъистан гIадинаб гьава-бакъги рекъараб, чIахI-хералдалъунги рухIчIаголъабаздалъунги гьарзаяб, бечедаб ва беричаб тIабигIаталъул бакI. Субтропиказдаса байбихьун, даим гIаздаца рацарал цIорол мугIрузде щвезегIан тIабигIаталъул хаслъаби, устарас накъиш угьун гIуцIарал гIадал мугIрул-щобал, гIедерал лъаралгин гIорал, рикIкIен гIемерал хIорал — сахаватго кьун руго БетIергьанас Дагъистаналъул ракьалъе....

