Узун-ХIажил имараталъул гIарац

Кагътил гурелги, пахьул ва гIарцул гъуршалги риччалел рукIана имараталъул «гIарцул азбаралда»

 

1919 соналъул байбихьуда генерал Александр Деникинил нухмалъиялда гъоркь букIараб Добровольцазул армиялъ Северияб Кавказалда гьарурал гьужумазул хIасилалда тIагIинабуна МугIрузулаб Респуб-ликаги цогидал миллиял пачали-хъалги ва «Цогояб ва цоцадаса бикьи гьечIеб Россия» абураб ахIиялда гъоркь чIезабуна жиндирго хIукумат. Гьелъие жаваб хIисабалда къватIисан рачIаразул нухмалъиялде данде къеркьезе рахъана бакIалъул халкъал.

Кавказалъул имарат гIуцIи

1919 соналъул байбихьуда Кавказалде рачIарал деникинилазде данде къуркьи гьечIеб рагъ гьабизе бугин лъазабурав СалтIаса Узун-ХIажил
къадру жеги цIикIкIана дагъистанияздаги чачаназдаги гьоркьоб. Шайихас байбихьана Северияб Кавказалъул тIолалго бусурбаби цолъизарулеб пачалихъ гIуцIиялъе нухал ралагьизе. Гьеб цIияб пачалихъалъе, имараталъе бетIерлъи гьабуна амир Узун-ХIажи Хайир-Ханица. ГIуцIана батIи-батIиял министерстваби гъорлъ ругеб хIукуматги. Премьер-министрлъунги, къватIисел ишазулгун ралъдал, вакъпуялъулгун диниял, мулкалъулгун халкъияб лъайкьеялъул министерствабазул министрлъунги тIамун вукIана чачанав Дишниса Иналук; ханасул администрациялъул министрлъун (министр двора) – генерал-майор Каим-ХIажи, кванил нигIматазулги, дармилги ва промышленносталъулги министрлъун – МухIамад Хамхиев; ракьулги пачалихъияб мулкалъулги министрлъун – Билал Шамилов; рагъулав министрлъун – генерал-майор М. Истамулов; бухьеналъул, нухазулгун почалъул ва телеграфалъул министрлъун – Куси Байгириев; жанисел ишазул министрлъун – генерал-майор Хабала Бесланеев; финансазул министрлъун – ГIабдула ГIазим ГIабдулаев.

Веденоялда «ГIарцул азбар»

1918 соналъул ахиралдаго Узун ХIажида ракIалда букIана Терская Республикаялда билълъанхъараб гIарац хисизе. Амма, гьеб гIарцул бакIалда цIияб биччазе ресги санагIатги букIинчIого, гьес лъазабун букIана, жиндие мутIигIал бакIазда хIалтIизабизе бегьулин, жиндир «канцеляриялъул» мугьру тIад чIвараб Терская Республикаялъул гIарац. Хадубккун гьес гьабуна жиндирго мугьру: тIад бахъун букIана бащдаб моцIрол суратги лъабго хъахIаб цIваги. Гьеб мугьру тIад чIвалеб букIана Терская Республикаялъул 10, 50 ва 100 гъуршазда тIад.
Имарат гIуцIараб мехалда, Узун ХIажица хIукму гьабуна цIияб гIарац биччазе. Имараталъул тахшагьар Веденоялда рагьана «гIарцул азбар», гьенир кьабулел рукIана кагътил гъуршал ва гьезда абулаан «кредиталъул билеталин». Гьел белтазул кIудияб кIвар буго тарихияб, финансазулаб ва художествияб рахъаз. Масала, 500 гъуршидаги 25 гъуршил цо тайпаялдаги тIад бахъун буго ралъдахъан къватIибе бахъунеб бакъул сурат. Гьеб букIун батила имараталъул цебетIеялде хьулалъул игIланлъун. ХутIарал билетазда тIад бахъун буго Узун ХIажил герб тIад бугеб амирасул байрахъ.
Киналго белтазда тIад хъван буго гIарац къватIибе биччараб сон – 1919 ва гьижрияб къагIидаялдаги – 1338. Гьезда тIад хъван буго, гъуршида цадахъго, гIараб къагIидаялъ туманин абунги (цо тумен бащалъула 10 гъуршида). 500 гъуршил гьумералда буго цIадирабазулги, тункIилги, байрахъалъулги, тажалъулги композиция. Гьелда тIасан гIарабалъ хъван буго «Кавказалъул севералда ругел бусурбабазул амир ХIажи Узун Хайир» абун. Гьелдаги гъоркь хъван буго «Финансазул управляющий ГIабдал ГIазим ГIабдаллагь» абун. Гьелъул нахъисеб рахъалда буго гьадинаб хъвай-хъвагIай: «Гьадинал гIаламатал басмаялда кьабизе гьукъун руго, хIукуматалъул бетIерасул изну гьечIого. ХIалтIизабула Веденоялда басмаялда рахъулел цогидал гIарцул гIаламатазда цадахъ. Гьесул къуват цIикIкIаги», — ян.
Цогидал купюраздаги руго гьелдаго релълъарал хъвай-хъвагIаял. Киналго гIарцул гIаламатазда гIурусалъ хъван буго, балъго гIарац басмаялда кьабиялъухъ законалда рекъонкколеб тамихI гьабулин абун. Руго, Россиялъул пачалихъияб казначействоялъул билетаздаго гIадин, паранг мацIалда гьарурал хъвай-хъвагIаялги, амма гьезулъ руго гъалатIал риччан. Масала, 500 гъуршил (50 туман) купюраялда “roubles” абураб хъвай-хъвагIаялъул бакIалда хъван буго “rubles” абун. Кагътил гIарац биччазе хIажатал полиграфиялъул сурсатал гьечIолъиялда бан, Узун ХIажил гIарцул купюраби кьабун руго литографиялъул ганчIида чIинтIараб басмаялдалъун. Полиграфиялъул рахъалъ щвалде щваралги гьечIо гьел: релъеналъул кьерал данде кколаро, цогоял купюразда тIад рахъарал тарихалъул ва хIарпалъул роценал батIи-батIиял руго, цебе ккараб хIалалда хъван руго гIарцул сериялъул номералги.

Купюрабиги монеталги

500 гъуршил цо дагьабго къадар кьабун буго лъел ишараби ругеб хасаб кагътида. ГIемерисеб гIарацин абуни, бищун хашаб кагътил гьабураб букIунаан, ратула цIалдохъанасул мухъал ругеб тетрадалъул тIанчазул гьарурал купюрабиги.
Кагътил гурелги, пахьул ва гIарцул гъуршалги риччалел рукIана имараталъул «гIарцул азбаралда». Гьел рукIана 2,5 тумен, щуго тумен ва 10 тумен. Гьелги гьарулаан гIурус монеталда тIад имараталъул гIарцул багьа хъварал. ГIемерисеб мехалда тIад хъвараб тарихалда гъоркьан якъинго бихьулаан цебеккун букIараб хъвай-хъвагIайги.
Имараталъул гIарац гIемер биччачIо ва гьеб хIалтIана лъагIелгIан заманалъ Чачаналъулги Дагъистаналъулги мугIрузулаб рахъалда. Кин бугониги, гьеб буго махщелчагIазе кIвар бугеб иш.
ХIажимурад Доногъо