Новость на родном

Умумузул рукIа-рахъин цIунараб некIсияб мина

Миллияб регионалияб туризмалъул рейтингалда рекъон, туристал рачIиналъул рахъалъ Северияб Кавказалда тIоцебесеб бакI ккола Дагъистаналъ   Нилъер республикаялде рачIунел туристазул къадар кIиго нухалъ цIикIкIанин бицуна туризмалъул агентствабаз. Дагъистаналде рачIине туристал хIинкъулел ругин, гьединлъидал туризм цебетIезабизе захIмалъулеб бугин абулаан цебе республикаялъул нухмалъиялъги туризмалъул иш тIаде кколел идарабазги. Амма, исана республикаялде рачIунел туристазул къадар цIикIкIиндал, тIатана цоги гIунгутIи...

Новость на родном

Хасавюрталдаса байбихьараб роржен

«Хъиргъуялъул» хIалтIухъабазул аслияб ахIи — ракIбацIцIалъи   СагIидбег Даитов. Лъидаха рагIун батилареб гьев магIаруласул хIакъалъулъ. Гьесул цIар бахъидал, цебе бачIуна жиндир роржен Хасавюрталдаса байбихьараб «Хъиргъуялъе» гIумру сайгъат гьабурав магIаруласул сипат. Исана гьев гьавуралдаса тIубана 70 сон. Гьавуна СагIидбег Казбек районалъул Буртунай росулъ, 1948 соналда. КIиго сонгицин букIинчIо гьесул, эмен хвараб мехалда. КъуркьичIо гьесул эбел Умагьин...

Новость на родном

Нахъеги тIадруссун

Гьалда лъолеб цIар щиб? Полициялъулаз МуртазагIали ХIасанхIусенов ккун вукIинчIин лъазабуна республикаялъул МВДялъ «ХIакъикъаталъул» цересел номеразда нижеца бицун букIана Шамил районалъул Гьоор-Хьиндахъ росулъа васал чIваялъул ва,гьелда бан гIуцIараб уголовнияб дело рагьунгутIиялдаса разилъи гьечIолъиги загьир гьабун, гьезул эбел-эмен МахIачхъалаялъул аслияб майданалде рахъун рукIараблъиялъул. ТIоцебесеб октябралдайин абу­ни, ХIасанхIусеновазда цадахъ тахшагьаралъул аслияб майданалде рахъана дагъистаниялги. Пикеталъул хIасилалда гьезда лъазабун...

Новость на родном

Форум

Дагъистаналъги гIахьаллъи гьабуна Россиялъул Журналистазул союзалъ кIодо гьабулеб буго 100 сонилаб байрам Байрамалъул тадбирал гIуцIа­раб заманалда тIобитIулеб бу­геб журналистазул форумал­да гIахьаллъулев вуго 1200­-ялдасаги цIикIкIун чи: прессая­лъул хIал­тIухъабиги, жамгIиял хIаракат­чагIиги, власталъул вакилзабиги.Исана форум рагьиялъул тадбир тIобитIана Сочиялъул аслияб концертазулаб майданалда – Хасалил театралда. «Форумалда руго улкаялъул тIолалго регионазул вакилзаби», — ян абуна форум рагьулаго Россиялъул Журналистазул...

Новость на родном

Меседилаб хасалихълъи – 2018

ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимов: «450 азарго гIиялъажо хьихьун буго гIицIго Нугъай районалда»   ИчIабилеб октябралда «Да­гъис­тан» РИАялда журналистал­гун дандчIвана ДРялъу­л росдал магIишаталъулгун кванил нигI­матазул министрасул ишал тIуралев ГIабдулмуслим ГIаб­дул­мус­лимов. Гьес бицана республикая­лъул росдал магIишаталъул це­бетIеялъулги Москваялда выстав­каялда церелъезе ругел нигIма­та­зулги хIакъалъулъ.«Выставка-ярмаркаялда гIахьаллъизе буго 70-ялдаса цIикIкIун РФялъул субъект. Нилъее кьун буго кIиго павильон. Гьел къачIазе руго Нарин-хъалаялъул сипаталда....

Новость на родном

Хиса-басиязе нухал хутIичIо

РФялъул президентас гъолбасана пенсиялъул реформаялда бан хIадурарал законазда гъоркь   2018 соналъул 27 сентябралда Пачалихъияб Думаялъ къабул гьабуна ва лъабабилеб октябралда Федерациялъул Советалъ тасдикъ гьабуна «РФялда пенсия чIезабиялдаги гьеб кьеялдаги бан цо-цо законалъул актазда хиса-басиял гьариялъул хIакъалъулъ» абураб закон. Гьал къоязда гьеб законалда гъоркь гъолбасана улкаялъул президент Владимир Путиница. ЦIияб закон къабул гьа­бия­лъу­л хIасилалда хиса-баси­ял...

Новость на родном

Лъалищ нужеда?

Сарикумалъул заповедникалда «Сарикумалъул барханал» заповедник бихьизе гIемерал туристал рачIуна   Гьединлъидал лъикIаблъун бихьана заповедникалда рукIунел, гIада­мазул гIумруялъе заралиял хурдузулги хIайваназулги хIакъа­лъулъ бицине. ГьабсагIаталда гьенир руго щу­го батIияб тайпаялъул нусире­чал, оцхIутIазул цо тайпа ва цогидалги инсанасул гIумруялъе ва сахлъиялъе хIинкъи бугел рухI­чIаголъаби. Бищунго хIинкъи бу­геблъун ккола каракурт яги «чIе­гIераб къорола» нусиреч. Гьеб бах­чун букIуна ганчIазда яги хур­дузда...

Новость на родном

Кин гIуцIараб Дагъистан Республика?

Россиялда революция. Дагъистаналъе автономия кьей   ЛъебергогIан соналъ халатбахъараб Кавказалъул рагъ лъугIун хадуб, 1860 соналъул 5 апрелалда Россиялъул пачаясул Кавказалда вукIарав сардарас тасдикъ гьабуна Дагъистан областалда ва Закатала округалда нухмалъи гьабиялъул положение, низам. Областлъунги лъазабун букIана гьеб тарихалда тIоцебе Дагъистаналъул ракь цолъизабураб гIуцIи. Областалъул гIатIилъи бащалъулаан 29,8 азарго квадратияб километралда. Дагъистаналъул ракьалда рукIарал ханлъабиги цогидал...

Новость на родном

Жакъасеб къоялъул хIакъикъат

Лъимал  чияраллъун рукIунаро Гьабураб лъимер рехун тезе ккани, кинаб ракI букIине кколеб? КьогIаб хIакъикъат МахIачхъалаялъул ГIахъу­шия­сул къотIноб бугеб № 34 минаялда аскIоб, кьишни жанибе базе лъураб къолода гIагарлъухъ, къаси сагIат 11 тIубараб заманалда, ХIусенова Хадижатида батун буго, чIартилъ жемараб, гьанжего гьанже гьабураб лъимер. Лъимадул гIодулеб гьаракь рагIун тIаде ккун йиго Хадижат. «Хехаб кумекги» ахIун, лъимер...

Новость на родном

Бикъарас бецIила

Дагъистаналъул бетIерас тIобитIараб данделъиялда бицана 2013-2017 соназда жагъалал минабаздаса гIадамал гочинариялъул хIакъалъулъ республикаялъулаб программа гIумруялде бахъинабиялъул хIакъалъулъ   Данделъиялда кIалъалаго, ДРя­лъул ралел бакIазул ва ЖКХя­лъул министр Малик Баглиевас абуна: «Рехсараб программаялда рекъон, 2013-2017 соназда республикаялда бан буго 116 гIемертIалаяб мина (10125 чи гочинавизе 3275 рукъ). Жагъалаблъун рикIкIун буго гIаммаб къагIидаялда 135 азарго квадратияб метр бугеб...