Новость на родном

Ихтиярал цiуни

РакIбацIцIадаб дармие гIоло ТIолгороссиялъул Халкъияб фронталъ (ОНФ) халгьабуна АЗСазухъ ОНФалъул Дагъистаналъул отделениялде рачIарал гIарзазда бицунеб букIана машинабазе бензин тIолелъул, автозаправкаялъул (АЗС) хIалтIухъабаз жидер ихтиярал хвезарулел ругин абун. Гьелда бан, «РакIбацIцIадаб дармие гIоло» абураб проекталда рекъон, ОНФалъ халгьабуна республикаялъул шагьараздагун районазда бугеб 50-ялдаса цIикIкIун заправкаялъухъ. Халгьабуна МахIачхъалаялда, Дербенталда, Хасавюрталда, Гъизилюрталда, гьединго, Хасавюрт, ЦIияб Лак, Казбек, Гъизилюрт,...

Новость на родном

Диктант — 2018

 Щибаб хъизамалда — рахьдал мацI   Диктант хъвараб къоялъ Дагъистаналъул филологиялъул факультеталда дандчIвана батIи-батIиял гIадамалгун. Гьез загьир гьаруна гьеб тадбиралда тIасан батIи-батIиял пикраби Дица хъвазе гьечIо Хъумторхъала районалъул газеталъул бетIерав редактор Жавад Закавовас абуна, жинца диктантги гьениб гIуцIараб диктанталъул хIакъалъулъ макъалаги хъвазеги гьечIин, жинда бичIчIуларин гьениве жив ахIиялъул мурадги магIнагиян. «Дун вуго гьаниб лъугьа-бахъунеб жоялъул...

Новость на родном

Мажлис

Лъайги тарбияги щолеб къебелъи 13 октябралда Шамил районалъул Гьандихъ росулъ рагьана мадраса «ЖамагIаталъул газа кьурдаги рекIуна» абураб умумузул аби цоги нухалда ритIухъ гьабуна гьанхъадерил жамагIаталъ. Гьез къокъабго болжалалда росурагIалда, ай «ГIарукь» абураб бакIалда бана, Дагъистаналда цоги кибго гьечIеб гIадаб, цIакъ берцинаб кIудияб мадраса. Цо-цо чагIазул кумек щваниги, аслияб куцалда мадраса бана жамагIаталъ. Гьеб баялъе кIудияб...

Новость на родном

ФГОСал

Цо-цо дарсал кьечIониги бегьилаан Школалъул программа тIубанго хисизабуна, федералиял пачалихъиял стандартилан цIарги чIван, къабул гьабураб документалъ ЦIалдохъабаз гъираялда нахъе рехилаан цо-цо дарсал расписаниялдаса. Учительзабазги гьел хисилаан цогидал дарсаздалъун. ЦIалдохъабазул эбел-инсуеги бокьилаан рокъобе кьолеб тIадкъаялъул къадар дагьлъизабизе. Нижеца, Инстаграмалъул кумекалдалъун, цIех-рех тIобитIана «Кинал дарсал школалда малъичIого тезе бегьулел?» абураб суалалда тIасан. Дун школалда цIалулеб заманалда, нижеда, ай ясазда малъулаан...

Новость на родном

Премьера

Спектаклялдаса разиго хутIана МагIарул театралъ бихьизабуна «Цо ясалъул ункъо бахIарав» абураб комедия Араб гIасруялъул 70-абилел соназго магIарулазухъ гьоболлъухъ рещтIараб татаразул драматург ТIупан Миннулинил гьеб комедия цIидасанги такрарлъана МагIарул театралъул сценаялда. Спектакль цIигьабун къачIан, сценаялда лъуна Дагъистаналъул халкъияй артистка Наира ХIабибулаевалъ. Спектаклялъул тIоцебесеб цебебоси букIана 18 сентябралда. ГIадамаз гъираялда къабул гьабуна спектакль ва, гьезул гьариялда рекъон,...

Новость на родном

Гьудуллъиялъул кьо

Учителасул къоги Къарахъа гьалбалги Ругъелда ва Гьочоб росабазул школаз гьудуллъиялъулал бухьенал тIезе толаро Гьеб кIиябго росу ккола цо мегIералъ батIа гьарурал, мадугьалихъ ругел росаби. ЦIул къанагIатаб бакI букIиналъ, цIул-кан Къарахъе баччулаан Къелеса. ГIи-боцIиялъ бечедал рукIиналъ, Къелебе хIажалъулаан квас-гьан. Амма, гьоркьоб заман индал, цоцахъе щвей дагьлъана. Гьелде кIварбуссинабуна Гьочоб росдал школалъул завуч ПатIимат Сурхаевалъ. Гьелъ Ругъелде...

Новость на родном

Ракь сабаблъун

Ингушетиялда бугеб ахIвал-хIал киндай роцIинабилеб?   Тунка-гIусиялъе гIиллаби Чачаналдаги Ингушетиялдаги гьоркьоб гIорхъи чIезабизе байбихьана 1992 соналда, ай Грозныялъ жибго жиндаго чIараблъун лъазабураб мехалда. 1993 соналда Жовгьар Дудаевасги Руслан Аушевасги гъолбасараб къотIиялда рекъон, тIолабго Сунжа район тана Ингушетиялъе ва Чачаналъе тана, гьенир цIикIкIарасел ингушал ругониги, Серноводскги Ассиновскаяги росаби.ГIорхъаби сабаблъун дагIба цIилъана 1997 соналда – Грозныялъ Ингушетиялъул...

Новость на родном

«Меседилаб хасалихълъи» — 2018

Церехъабазул кьерда   Къоабилеб нухалда Москваялда тIобитIана «Меседилаб хасалихълъи»абураб росдал магIишаталъул нигIматазул выставка ВДНХялда гIуцIараб гьеб выставка тIобитIана «ГIорхъи гьечIел ресал» абураб ахIиялда гъоркь. Гьениб цебелъун букIана Россиялъул тIолалго регионазулги къватIисел улкабазулги агропромышленияб комплексалъул киналго бутIаби. Масала, росдал магIишаталъе хIажатаб техникаги, хурухъабазулгун ахихъабазул, гIи-боцIухъанлъиялъулгун пихъ ва овощал хIалтIизарулел заводазул нигIматал. Выставкаялда гIахьаллъи гьабураб щибаб регионалъ...

Новость на родном

Форумалъул хIасилал

Аслияб мурад – гьудуллъи щула гьаби   15 октябралда «Дагъистан» РИАялда данделъун рукIана Дагъистаналда тIобитIараб халкъазда гьоркьосеб гIолилазул динияб форумалъул хIасилазул хIакъалъулъ бицине.Гьенир гIахьаллъана диниял ишазул рахъалъ комитеталъул председателасул ишал тIуралев МухIамад ГIабдурахIманов, ДРялъул муфтиясул кумекчи МухIамад МухIамадов ва цогидалги. МухIамад ГIабдурахIмановас цоги нухалда ракIалдещвезабуна форумалъул программа. Тадбиралъул гIахьалчагIи щвана Дербенталде, АхIулгохIде, гIолилал дандчIвана батIи-батIиял диназул...

Новость на родном

Газалъул магIишат

Налъи бецIизе буго дагь-дагьккун   «Газпром газораспределение Дагестан» ОООялъ кьезе бугеб гIарцул бицун данделъи тIобитIана хIукуматалъул председатель Артем Здуновас. 2018 соналъул тIоцебесеб июлалдаса 2019 соналъул 31 июлалде щвезегIан «Газпром газораспределение Дагестан» ОООялда хадуб бугеб 550 миллион гъуршил налъи бецIун бахъинабизе заман кьуна. Гьеб бецIизе буго бутIа-бутIаккун.Газалъул мухъазул хIисабсуал гьабизе бугинги лъазабуна данделъиялда. Гьезул бащдазул вуго...