Гьеб цIунизе ахIулел руго Ислам МухIамадовас
Президентасул гранталъул кумекалдалъун къватIибе бачIана «Дагестан. Туристические маршруты по особо охраняемым природным территориям» абураб Ислам МухIамадовас хъвараб тIехь. Гьелда бицунеб буго Дагъистаналъул заповедниказул, заказниказул ва парказул берцинлъиялъул хIакъалъулъ. Дагъистан ккола Россиялъул югалъулаб рахъалда бугеб республика. Туристазул киналго ресал руго тIубараб лъагIелалъго гьаниб хIухьбахъизе. Гьаниб щибаб халкъалъ цIунун руго жиндирго мацIги, гIадаталги, халкъиял махшелалги. ГIадада гурелъулха Дагъистаналда абулеб «географиялъулаб лабораторийиланги», «геологиялъулаб музейиланги», «ботаникалъулаб ахиланги», «зоопаркиланги», «мацIазул мегIериланги»…
ТIабигIаталъул памятниказ цо хасаб бакI ккола Дагъистаналда. ГьабсагIаталда республикаялда буго гьединаб 300 бакI. Гьезда гьоркьорги руго тIабигIаталъул заповедник, I2 регионалияб заказник, лъабго федералияб заказник, цо лиманно-плавневияб комплекс, регионалъул бербалагьиялда гъоркь бугеб 28 памятник, бакIалъулал администрациязул бербалагьиялда гъоркь бугеб лъабго памятник.
ТIабигIат ккола нилъер гIаммаб рукъ. Гьеб киназго цадахъ лъугьун цIунизеги ккола. Нилъеца хадусел наслабазе тезе ккола бацIцIадаб тIабигIат.
ТIехьалдаса пайда босизе бегьула туристаз, цIалдохъабаз, студентаз ва цогидазги.
Ислам МухIамадов,
Дагъистаналъул гIелмиябгун гIагараб ракь лъазабиялъул централъул председатель.