Кин йигей, магIарулай?

Нижер хIикматай ГIазра

 

Гьадинал гIадамазул рухIияб берцинлъиялъ хвасар гьабила дунял…

1 октябралда 60 сон бала нижер кIудияй яц, лъикIай гьалмагъ, 25 соналъ «ХIакъикъат» газеталъул редакциялда кассирлъун хIалтIулей йигей ГIазра ХIамзатовалъ. Газеталъул коллективалъул рахъалдасан ракI-ракIалъ баркулеб буго гьелда гьайбатаб юбилей. ХIурматияй Аза! (нижеца гьедин абула ГIазрада). Гьарула дуе халатал саназул сахаватаб гIумру. ГIумруялда гIаданлъиялъулги намусалъулги месед бекьараллъун ратаги дуе къисматалъул хадусел свералабиги. Рарал санал — гьел ккола нилъер щивасул гIумруялъул матIулъун. Биччанте дур матIу кидаго гвангъараб, жинда цониги ланг гьечIеб букIине. Гьеле гьеб ккола дур къисматалъул борхалъиги. Чанги захIмалъаби-къварилъабиги нахъа тун ратила дуца, гьеб борхалъиялде яхунаго. Жакъа мун йиго гьеб борхалъиялъул тIогьий, араб гIумруялъул хивалазда… Нух битIаги дуе, нижер хIикматай Аза, гIумруялъул хадусел рорхалъабазде.

РухIияб берцинлъиялъ хвасар
гьабулеб батила дуниял

КигIан бокьаниги руго дунялалда лъикIал гIадамал. Ралагьея сверухъе. Унго-унгоги ракI бохуларищ, гьезда берчIвайдал? Гьезул баракатцин гуребдай щибаб къоялъ нилъее гьимулеб бакъги бакъул чIоралгун цадахъ нилъехъе талихI рещтIинги. Рогьалил щубилъан гIурччинаб гIидраги гьимула нилъее. ГIидраялда рижарал кьер-кьерал тIугьдузги салам кьола, рекIелъ рещтIараб савуги биун уна, лъикIал гIадамал рихьидал. ТIубараб къоялъ, кигIан хIалтIаниги, свакги лъаларо, къварилъабиги кIочона, гьезул гьурмада гьими бихьидал. Гьеле гьединал гIадамазул сабруялъги, хIеренлъиялъги, недегьлъиялъги, цоцаздехун бугеб тIалаб-агъазалъги баччун буго дунял. Гьез нилъеда аскIоса хъамула пашманал пикраби, къварилъиги кIочон тола, гьелгун ругебгIан мехалда.

Дир гIумруялъулъги хасаб бакI
ккола ГIазраца

ГIумруялъ дие гьабураб сайгъат­лъун рикIкIуна дица ГIазралгун лъай-хъвай ккей. Гьеб букIана ункъо соналъ цебе. Дун хIалтIизе лъугьана «ХIакъикъат» газеталъул мухбирлъун.
РакIалда буго, мунищ нижер цIияй хIалтIухъаниланги абун, гьей дир кабинеталде яккун ячIараб къо. ГIажаибаб, рекIелъе бортулеб гьимиялъ цо хIикматаб гогьарги рещтIинабун букIана гьелъул гьурмада. Гьеб къоялъ гIемераб хабар бицана нижеца. РукIуна гIадамал, нилъерго ругониги, чияр ругеланищан ккарал, рукIуна, чияр ругониги, нилъерго ругеланищан ккаралги.
Гьеле гьединай гIагарайлъун лъугьана диеги ГIазра. Умумузул гIакъиллъиялдаса ккола гьаб ирсги — рукIуна гIадамал, жал дандчIвани, цогидазе нухбитIи кьолел, цо-цо чийин абуни, берчIван вихьизегицин вокьуларев. Гьелда дун божула. Радалго ГIазрада берчIвани, къоялъго битIула дие нух, пашманлъиялдаги ракIалдецин кколаро аскIобегIан къазе, гьелъул гьимиялъ салам кьедал. Анкькьераб нургицин рещтIун батилин гьелъухъилан кколеб асар гьабула рекIее.
Сундулго агъазалда йикIуна гьей. Масала, дир кабинеталда ругел лъалъачIого хутIарал тIугьдулги рихьула гьелда. Къечарал гьезие лъимги босун, тIаде щола ГIазра, дие бадирчIваялги гьарулаго. Ракъарал хIанчIазул чIирчIириги, катитIанчIазул мимидиги, лъехъ гIашикъал макказул гъургъургицин рагIула гьелда.
Цо къоялъ хIалтIуде кватIун ячIарай гьелъ абуна, рукъ сверун къараб чали тун, къватIибехун сардилъ жиндаго мимиди рагIараб катитIинчI хвасар гьабулей йикIанилан. Щибаб къоялъ къалъул гIужалда, къаде кваназе щведал, ГIазра сверун ккола кутузги хIанчIазги. Гьелъухъа кидаго камуларо жиндир цIобалде ккарал гьезие босараб квенги. ХIикмалъи гьечIищха, ГIазра гьечIел къояз, гьелъул «гьудулзаби» гьенире рачIунаро, нижеца кьураб квенги сан гьабуларо.
Гьединал ишазухъ гьелъие, гьай-гьай, кьеларо пачалихъияб премияги цогидал шапакъаталги. Конкурсалда бергьанин абурал дипломал-грамотабиги щвеларо гьелъие.
Амма нижер Азал буго кIудияб, сахаватаб ракI. Гьеб гIола сверухъ гIумру тIегьазеги, ракьалда толел ругел лъалкIал гвангъизеги, цогидазе талихIалъул къатIраби рикьизеги.

Къисматалъул свералабазда

Гьаюна ГIазра ЦIумада района­лъул Хуштада росулъ 1958 соналъул 1 октябралда. ГIагараб росулъ школаги лъугIизабун, гьей цIализе лъугьана МахIачхъалаялда бухгалтеразул курсазде.
Гьелдаса хадуй 15 соналъ хIалтIана ГОСснабалда. 1993 соналдаса нахъе хIалтIулей йиго «ХIакъикъат» газеталъул бухгалтериялъул кассаялда. Рос Гъазиявгун цадахъ гьелъ гIезабуна ункъо лъимер-лъабго ясги цо васги. Вас Шамилица лъугIизабуна Дагъистаналъул техникияб университет. ХIалтIулев вуго «Дагъистаналъул гIолилал» газеталда. Гьесул руго кIудадал Гъазил цIар лъурав васги яс ПатIиматги.
ЦIикIкIарай яс ГIайшатица лъугIизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб педуниверситет. ХIалтIулей йиго гIагараб росдал хъутаналъул школалда учительлъун. Гьелъул рос Закариги хIалтIулев вуго гьебго школалда математикаялъул учительлъун. Гьез гIезарулел руго яс Фатимаги вас ЗайнулгIабидги. Яс Зулфияги ккола географиялъул учитель. Рос Шамилгун цадахъ гIезабулеб буго кIиго лъимер — вас ХIажи, яс Хатидже.
Цоцазе гьара-рахьи гьабулелъул, нилъеца бищун цебе абула лъималазул бадисан гьимаги талихIилан, гьезул рухIел бихьугегийилан.
Гьекъезе ккана Азацаги къисматалъул кьогIаб лълъар. БитIун гIумруялъул гIидраялда тIегь балеб гIужалда, гьелъулгун къо-лъикI гьабуна Азал яс ПатIиматица — авариялъул хIасилалда гIумруялдаса ратIалъана гьейги гьелъул росги. Бакъвана ГIазрал рекIелъ тIегьан букIараб ункъо тIогьол цояб. Амма гьей къуркьичIо къисматалъе. КIвар кьезе кколаан ясалъ нахъе та­раб хазинаялде — гIумруялде тIо­витIизе кколаан гьелъул вас Аса­дулагь. ГIуна гьевги кIудияв. ЦIа­лулев вуго микьабилеб классалда.
ТалихIаб хъизамалъул бетIер, Азал гIумруялъул гьудул Гъазиги ккола учитель. Гьев хIалтIулев вуго МахIачхъалаялъул № 29 школалда.

Ракьалда толел ругел лъалкIал

ЦIалдолел хIикмалъизе бегьула макъалаялда бицен гьабулей Аза гIадатал гIадамазда гьоркьоса йикIиналда. Аслияб къагIидаялда газетал-журналаздасан бицунелъул кIудиял хъулухъазда ругел машгьурал гIадамазул хIакъалъулъ. Амма нилъер, магIарулазул, газеталъ гьеб низам некIого хвезабуна. ГIемер хъвала нижеца гIадатиял гIадамазул хIакъалъулъ. Гьединазул цояй ккола нижер Азаги.
Аза гIадазул рухIияб дунялалъ кIигъеж гьабун раччун рукIуна гIумруялъул захIмалъабиги къварилъабиги.
Гьале гьадинал гIадамазул ру­хIияб берцинлъиялъул хIакъалъулъ абун батила гIурусазул машгьурав хъвадарухъан Ф. М. Достоевскияс:
— Берцинлъиялъ хвасар гьабила дунял,- илан.

Шамай Хъазанбиева