Новость на родном

Подписка — 2018

Кидаго гуро почалъул  хIалтIухъанасдаги гIайиб букIунеб Газета кватIизабуни, цIалдолезул къадар дагьлъула «ХIакъикъат» газета цIалулезул гIарзал рукIуна гьеб жиндир заманалда щоларин абун. Хасго гьединал гIарзал гIемер рачIуна мугIрузул районазул росабалъа. Амма камулел гьечIо почтальонасде тIубанго гIайиб рехизе рекъечIел гIарзалги. Гьелъие нугIлъи гьабулеб цо мисалги бачина. Шамил районалъул МачIада росулъа ХIажиев МухIамадицаги тарихалъул учитель ШехмухIамадов ХIажицаги гIарз гьабуна...

Новость на родном

«Тарки-Тау — 2018»

ТIахьаз данде гьаруна   Исана анкьабилеб нухалда тIобитIулеб буго Дагъистаналда тIахьазул выставка-ярмарка 20 сентябралда, Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб библиотекаялда тIобитIулеб буго «Тарки-Тау — 2018» абураб цIаралда гъоркь тIахьазул выставка-ярмарка. Исана гьеб тIобитIулеб буго анкьабилеб нухалда. Выставка-ярмаркаялъул ва гьенир тIоритIизе ругел батIи-батIиял тадбиразул хIакъалъулъ бицана «Тарки-Тау — 2018» проекталъул нухмалъулел Марат ХIажиевас ва Саид Ниналаловас. ТIахьазул...

Новость на родном

Кумек хIажат буго

ГьитIинав Айдемирил гьари   Акопов Айдемирил буго 4 сон. Гьев вуго хехго бицараб жо бичIчIулев, махсара-хочI бокьулев, тарбия щварав вас. Гьесухъе гьоболлъухъе унаго, дица гьесие босана торгIо. Сайгъаталдаса гьев вохана, амма нечадго бадибчIвайги гьабуна – дуца дие таманчаго босун букIарабани, торгIо дихъа лъималаз бахъула, гьезда хадув векерун дихъаги бажаруларо.  Айдемир унтун вуго ДЦПялъ. ЛъагIел байдай,...

Новость на родном

Расул ХIамзатов гьавуралдаса 95 сон тIубаялде

ХъахIал къункърабазул 32-абилеб роржен Дида бихьула цIа дир инсул гъасда ХIамзатил Расул. Гьадин гIадатго хъван буго шагIирасул зонода. Гьал къоязги къваридго ватила гьев. Гьесухъе, Таргъуялде, 14-абилеб нухалдаги роржун рачIунел руго хъахIал къункъраби, жидерго даимаб кечIги цадахъ босун. Цинги шагIиргун цадахъ гьез сапар бухьуна Хунзахъеги, Гъунибеги, Дербенталдеги… — киса-кибего.Щайдай къварид вугев къарнудал шагIир? Гьесул къункърабазул къваридаб...

Новость на родном

Пенсиялъул реформа

Щаклъизе тIамуна Хехго пенсиялде ине ихтияр щвезе ккани, чан соналъ хIалтIизе кколел? 15-20 соналъ хIалтIарав чиясул анищ букIуна, херлъиялда бан кьолеб пенсиялъухъ балагьун чIечIого, мустахIикъаб хIухьбахъиялде ине. Гьединаб ихтияр букIуна №400 федералияб законалъул №6 бетIералда рекъон. Цебеккунго пенсиялъул страховияб бутIа щола: захIматалъул стажа­лъухъ балагьун (аскариязе, педагогазе, спасателазе, шахтеразе ва гь.ц.) ва социалиял шартIазухъ балагьун (РикIкIадаб...

Новость на родном

Ракьалда лъалкIал

ЛъикIал тIабигIатазул ахикь Муридзабазул ракIазулъ нурлъунги рещтIарав, чирахълъунги гвангъарав «Дица нуж киналго ахIула тавбуялде, вацлъи цIуниялде, цоцазде адабалдалъун ралагьизе, цоцазда тIасалъугьине. Гьеб кинабго гьабизе нилъее квалквал гьабула напсалъ. Амма нилъер бахIарчилъиги, къуватги, иманалъул къвакIиги гIезе ккола гьеб къезабизе. РачIа, цадахъ рекъон хIалтIизе, гIумру гьабизе, цо хъизамалъул чагIи гIадин рукIине. Нилъеца нилъерго мисалалдалъун бихьизабизе ккола исламалъул...

Новость на родном

Балъхъадерил хъаладухъ ккараб балагь

1920-1921 соназда советияб хIукуматалде данде рахъиналъул тарихалдаса   1920-1921 соназда советазде данде гьабураб восстание къинабиялъул мурадалда гьарурал аслиял гьужумазулъ гIахьаллъулеб аслияб къуватлъун букIана ХI армиялъул 32-абилеб кьвагьдохъабазул дивизия. Гьеб Бакуялдаса Дагъистаналде рехана 1920 соналъул лъабабилеб ноябралда. Дивизиялъе нухмалъи гьабулеб букIана Александр Тодорскияс. «Дивизиялда гъорлъе унаан рекIаразулгун мугIрузул батареягун цадахъ рекIаразул бригадаги, 282-абилеб ва 285-абилеб кьвагьдохъабазул...

Новость на родном

Балъхъадерил хъаладухъ ккараб балагь

1920-1921 соназда советияб хIукуматалде данде рахъиналъул тарихалдаса  1920-1921 соназда советазде данде гьабураб восстание къинабиялъул мурадалда гьарурал аслиял гьужумазулъ гIахьаллъулеб аслияб къуватлъун букIана ХI армиялъул 32-абилеб кьвагьдохъабазул дивизия. Гьеб Бакуялдаса Дагъистаналде рехана 1920 соналъул лъабабилеб ноябралда. Дивизиялъе нухмалъи гьабулеб букIана Александр Тодорскияс. «Дивизиялда гъорлъе унаан рекIаразулгун мугIрузул батареягун цадахъ рекIаразул бригадаги, 282-абилеб ва 285-абилеб кьвагьдохъабазул полкалги....

Новость на родном

Балъго ислам цIунарал

Балъго ислам цIунарал   Доб мехалда дун вукIана гьитIинав чи, дида бичIчIулароан нижер хъизамалда жаниб лъугьунеб букIараб жо, амма зама-заманалда бихьулеб букIана, щибаб нухалда дун школалдаса тIадвуссараб мехалда, эмен рахIатхун лъугьунев ва гьурмалъ хисулев вукIараб куц. Кидаго, дица гьесие дарс бицунеб ва Инжилалдаса лъазабураб жо цIалараб мехалда, испан мацIалдасан щварал лъикIал къиматал рихьизарулаго, гьев пашманлъун...

Новость на родном

Районаздаса харбал

Сугъралъ росулъа анцIго сон барав ХIажи БагIачевас хвасар гьавуна лъабго сон барав вас.   Росулъ бугеб лъимал чвердолеб хIориниве МухIамад вортулев вихьидал, ХIажи виххичIого ва хIинкъичIого лъелъе кIанцIана гьитIич хвасар гьавизе. ХIажи БагIачевги, лъабго сон барав МухIамадги, гьесул кIудияв вацги гурони доб къоялъ хIорихъ рукIинчIо. Вас лъелъа къватIивеги вахъун, тIоцебесеб медицинаялъулаб кумекги гьабун бажарун буго...