БагIараб жакки: витаминазул гъамас
Бидул тIадецуй цIикIкIунел чагIазе пайдаяб нигIмат
ЧIарада районалдаса Мусаев ХIамидица редакциялде битIун бачIараб кагътида хъвалеб буго: «МашаАллагь, исана магIарухъ бижун бугебщинаб жакки (тIогьи). Нижер гIадамаз гьеб къанагIатги хIалтIизабуларо. Амма абула гьеб цIакъ даруяб пихъ бугилан. Гьелъул пайдаялъул хIакъалъулъ «ХIакъикъаталда» хъвани, гIемерав чиясе кумек букIинаан»,-илан.
Жаккиялъул бугеб пайдаялъул хIакъалъулъ бицана тохтур, чIахI-хералъул кумекалдалъун унтарал сахгьарулев Идрисов ГIумарица.
БагIараб жаккидул пихъ витаминазул гъамаслъун рикIкIуна. ГIинтIиялъулъ, гъацIиялъулъ ва чIегIергорцIоялъулъго гIадин, жаккиялъул пихъилъги рукIуна гIемерал витаминал. Жаккиялъул пихъил нусго грамм квани, инсанасе щола къоялъ гIурал А ва С, гьединго 5-7 къоялъ гIураб Р витаминал. Жаккиялъул пихъ квине бегьула гъотIодасаго бетIунги бакъвазабунги, гьелъул гьабула квасгун сокги.
ГIемераб мехалъ нахъе цIуниялъул мурадалда пихъ бетIизе ккола аскIоб бугеб тIамахгун цадахъ ва цIунула цо градусалъул цIорой бугеб бакIалда.
Жаккиялъул пихъ барщула сентябралда, амма, кьогIлъи иналъул мурадалда, гъотIодаса гьеб бетIула хаслихълъиялъул тIоцебесеб цIорой рехидал. Пихъилъ рукIуна гIемерал витаминал гурелги черхалъе пайдаял жалги. ЦIакъго гIемер буго витамин С (70 мг), ай лимоналъулъ ва чIегIераб смородинаялъулъ бугелдаса цIикIкIун. Руго Е, К, Р, РР витаминал. Витамин А (каротин) ламадуралъулъ бугелдаса гIемерго цIикIкIун буго. Гьединго сахлъиялъе пайдаяб магний (331 мг), калий (230 мг), фосфор (17 мг), натрий ва кальцийги буго гьелъулъ. Пихъил кьогIаб тIагIам букIиналъе гIилла ккола гьелъулъ сорбиновая къанцIа букIин. Гьеб ккола тIабигIаталъул консервант ва микробазул тушман.
Сахгьариялъе хIалтIизарула жаккиялъул пихъ гуребги тIанхалги, тIегьги, хьонги макъарги. Жакки хIалтIизабула чорхол иммунитет цIикIкIинабиялъеги витаминаздалъун хьезабиялъеги. Гьелъулъ бугеб А витаминалъ херлъи рикIкIалъизабула ва рак унтудаса цIунула, бидул тIадецуй, холестерин гIодобе ккезабула. Гьелъ кумек гьабула би чIезабиялъе, кIващул масъала тIубаялъе, бидурихьал щула гьариялъе. Пихъил гIиналъ квербакъула щитовидалъулаб железаялъул хIалтIи рукIалиде ккезабиялъе. Халкъияб медицинаялда бищунго гIемер хIалтIизабула жаккиялъул тIанхазул, тIугьдузул ва макъаралъул гьагIу. Макъаралъул гьагIу хIалтIизабула бидул тIадецуялде данде, тIугьдузул гьагIу — чехь-бакьазул, тIулал ва ургьисалабазул унтабазда данде. Жаккиялъул пихъил мурапаялъ хасало рукIунел «къватIул» унтабаздаса цIунула. Щибаб къоялъ цо чайдул гъуд мурапаялъул квани, рекIел ва бидурихьазул сахлъи рукIалиде ккола.
Бакъвазабураб жаккиялъул пихъилъ цIунун хутIула киналго витаминал. Гьеб гуребги, бакъвазабулаго, гьелъулъ цIикIкIуна микроэлементазул, чакаралъул къадар. Бакъвазабураб пихъил хIадуризе бегьула гьагIу ва компот. Пихъ бакъвазабула кагътида яги ххамида тIад, цо гъат гьабун. Гьеб бакъвазабизе бегьула рагIдукьги лъун, зама-заманалдасан багъа-бачаризабулаго. Бакъвазабураб пихъ лъикIаб буго цIорол банкабахъ цIунизе.
Жакки хIалтIизабулеб бугони, лъикIлъула бидурихьазул хIал, дагьлъула инфаркт, инсульт ва бидул тIадецуй ккеялда бугеб хIинкъи. Жаккиялъул гьагIуялъ кумек гьабула простатиталдаса цIуниялъеги. Щибаб къойил 30 грамм пихъил кунеб бугони, рукIалиде бачуна тIулал ва чехь-бакьалъул хIалтIи, квербакъула чорхол цIайи гIодобе ккезабиялъе.
Цебе руччабаз багIараб жакки хIалтIизабулаан лъимер ккеялдаса цIуниялъе.
НекIо заманалдаса нахъего ясаз жалго берцин гьариялъе жаккиялдаса пайда босулаан. Гьелъул сокалъул яги чухIараб пихъил лосьоназ ва маскабаз дандекъазарула тIомол гIисинал картIал (поры), инарула рукIкIалаби.
Жаккиялъул пихъ хIалтIизабизе бегьуларо: чорхолъ би хьвадиялъул гIунгутIи бугез, би бетулез (гемофилия, тромбофлебит), инсульт яги инфаркт ккун букIараз. Дагьаб гурони пихъ хIалтIизабизе бегьуларо чехь-бакьалъул унтаби ругезги. Бидул тIадецуй дагьал чагIазда лъазе ккола жаккиялъ гьеб жеги гIодобе ккезабулеблъи.
БагIараб жаккиялъул пихъ рикIкIуна инсанасе пайдаяблъун, амма лъикIаб букIина тохтурасда дандбан хIалтIизабизе.
Нури Нуриев