20 тонна рощнол бакIарана 15 апрелалда «Дагъистан» РИАялда тIобитIараб данделъиялда «РацIцIадал хIаял» абураб федералияб проект нухда бачунев ГIиса Рамазановас бицана республикаялда рищни батIа гьабун бакIариялъул къагIидаялде гIолилал ругьун гьариялъул хIакъалъулъ.«Проекталъул магIна ккола хIаязул кумекалдалъун экологияб акция тIобитIи. Гьелда рекъон, бищунго хехго ва бищунго цIикIкIун рищни бакIарараб къокъа бергьуна. Субботникалда рищни бакIаризе гIадамал хIалица гьарун...

