Новость на родном

Миллионги кьела, рачIа хIалтIизе

ХIалтIизе байбихьана «Росдал (земский) учитель» абураб проект ДРялъул Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялда къабул гьарулел руго проекталда гIахьаллъизе гъирабарал учительзабазул хитIабал. Проекталъул аслияб мурад буго гIолохъанал учительзабазулъ гъирабазаби росабазул школазде хIалтIизе ине. Рехсараб проект гIумруялде бахъинабиялъул рахъалъ Дагъистан буго церехъабазул кьерда. ГьабсагIаталда республикаялъул росабазул школазе камун вуго 249 учитель.Проекталда рекъон, росдал школалда хIалтIизе унев гIолохъанав учителасе...

Новость на родном

Театралъул ватIаналда

Хунзахъ районалда бихьизабуна «АхIун бахъинчIеб кечI» абураб спектакль РФялъул президентас 2019 сон лъазабуна Театралъул лъагIеллъун. Гьелда бан гьарулел тадбиразул цояблъун лъугьана МагIарул театралъул актеразул къокъаялъ Хунзахъ районалде гьабураб сапарги.Артистал Хунзахъе иналъул букIана цогидаб мурадги – исана 110 сон тIубалаан МагIарул театралъе кьучI лъурав гьелъул тIоцевесев директорлъунги вукIарав ГIабдурахIман Магаевас. Байрамалъул лъагIеллъун ккола гьеб Басир Инусиловасулги...

Новость на родном

ГIолилазул къо

Жеги малърал къвакIичIел ватIаналъул хIанчIи Санайил 27 июналда Россиялда кIодо гьабула ГIолилазул къо Гьале жакъаги гьимулеб буго нужее ватIаналъул бакъ. РагIулищ гьелъул рекIел кIутIи?! Гьеб хIалуцун буго, нужер ургъелал гьарун. Жакъа гьелъул бидури-хьалъанцин тIинкIулеб буго магIу.ВатIаналъул магIуги, рохелги, гьимиги, релъиги – гьеб киналъулго хважаинзаби руго нуж.Жакъасел гIолилал, Дагъистаналъул талихIалъул куркьбаллъун ругел нужехъ буго гьелъул метерисеб,...

Новость на родном

АхIи базе ккараб хIал

Лъалищ дуда рахьдал мацI? ГIалимзабазул цIех-рехалъ бихьизабулеб буго магIарул мацI лъугIулеб букIин Кавказалъул халкъазул къадар гIодобе кколеб гьечIо, амма рахьдал мацIал лъалезул къадар къо бахъанагIан цIакъго дагьлъулеб буго. Переписалъ кьураб хIисаб – гьеб буго тIаса-масаго гьабураб цIех-рех. МацIалъул ва гьеб мацIалда кIалъалезул мухIканаб хIакъикъат лъазе ккани, гьабизе ккола гIатIидаб цIех-рех. ХIакъикъаталдайин абуни рахьдал мацIалда эркенго...

Новость на родном

ГIалимчиясул хIурматалда

ГIумрудул борхатаб си   Хашаев ХIажимурад гьавуралдаса 110 сон тIубай кIодо гьабуна Шамил райадминистрациялда тIобитIараб данделъиялда гIахьаллъана районалъул нухмалъулелги, росабазул бегавулзабиги, школазул директорзабиги, ХIажимурдил ракьцоялги. Тарихиял гIелмабазул доктор, профессор, юстициялъул генерал Хашаевасул гIумруялъул хIакъалъулъ гьадин бицана райадминистрациялъул бетIерасул тIоцевесев заместитель МахIач МахIачевас: «10 сон бан букIана ХIажимурадица, Чачаналде хIалтIизе араб мехалда. Гьенив вукIаго гьалмагъас, лъачIого...

Новость на родном

ЦIияб тIехьалъул хIакъалъулъ

Дир меседил кини, чиллайдул гьулак…   ЦIумазул тарихалъ куцана дир рухI… Дун тIад кIибикIараб меседил кини,Керен цIун буго дир дур берцинлъиялъ.Лъимерлъи гьелчараб чиллайдул гьулак,Чорхолъ буго жеги дуца лъураб жан.Залму Батирова Гьале жакъаги бегулеб халкъияй шагIиралъул иргадулаб тIохьол иргадулал тIанчал. ЦIаланагIан цIализе рокьулел гьелъул шигIрабаздаса чIвалеб буго росдал махI — киниги, кечIги, росуги, мугIрулги, магIаруллъиги…«Асарал» абураб...

Новость на родном

Районаздаса харбал

Багьадурзаби   Муслимица живго бахIарчилъун рикIкIунев гьечIо Нилъер жакъасеб гIумруялдаги руго бахIарчиял ишалги гьединалго гIадамалги. РекIее кIудияб асар гьа­була лъималаз гьединал ишал гьарунин рагIидалги. Хадуб кколелъул пикруги гьабичIого, цогидал хвасар гьарурал лъималаз гьеб жидеда тIадаб ишлъун рикIкIунеб буго.Гьедин абулеб буго макъалаялда бицен гьабулев вугев гьитIинав Муслимицаги – гьес жинцаго гьабураб иш тIадаблъун рикIкIунеб буго, ай...

Новость на родном

Бергьенлъи

Дагъистанияз чIел босана   Менталияб арифметикаялъул чемпионал 26 июналда «Дагправда» газеталъул редакциялда журналистал дандчIвана менталияб арифметикаялъул рахъалъ дунялалъул кIицIул чемпион, 12 сон барав МухIамад Къагьировгун. 22-23 июналда Турциялъул Анталья шагьаралда тIобитIараб менталияб арифметикаялъул рахъалъ тIолгодунялалъулго олимпиадаялда суперчемпионлъун вахъана МухIамад. Гьел къецазда гIахьаллъана 16 улкаялдаса 600 лъимер. Гъоркьиса декабрь моцIалда Малайзиялда тIоритIарал тIолгодунялалъулго къецаздаги гьес, 80...

Новость на родном

ЖамагIаталъул газа

Суалазе жавабал кьезеги масъалаби тIуразеги тарал чагIи рукIуна хIакимзаби   Суалазе жавабал кьезеги масъалаби тIуразеги тарал чагIи рукIуна хIакимзаби Республикаялъул бе­тIе­расда цебе гIуцIараб жамгIият цебетIеялъул ва инсанасул ихтиярал цIу­ниялъул советалъул председатель З. Илясовас, 17 июналда советалъул членал Х. Валиевагун, Т. Рассохинагун, Ф. Карибовгун ва советалъул жавабияв секретарь Ш. Дайит­мирзаевгун цадахъ Избербаш шагьаралда гIадамал тIаде къабул...

Новость на родном

АхIи бахъараб иш

Черновикалъул» журналистасул рахъалъ рагьана уголовияб дело   2019 соналъул 14 июналда «Черновик» газеталъул отделалъул редактор ГIабдулмумин ХIажиевасул рокъоб чIухь бана РФялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул ДРялда бугеб ЦIех-рехалъул управлениялъулги МВДялъулгун ФСБялъулги хIалтIухъабаз. ХIажиевасул хъизаналъ бицана гьез рокъоса росун анин смартфоналги, ноутбукалги, лъималазул планшеталгицин. ГIабдулмумин ХIажиев щвезавун вуго ЦIех-рехалъул управлениялде. Гьесухъе гьеб параялъго виччан гьечIо адвокат Арсен Шабанов....