КъулгIадухъ къечон холел

Бекилалдего бетIер бухьунеб гьечIодай Роспотребнадзоралъ?

 

МахIачхъалаялда гIумру гьабун вугев пенсионер АсхIабов Камилица редакциялде битIун бачIараб кагътида хъвалеб буго: «Дун институталде цIализе вачIараб 1971 соналда тахшагьаралъул пляжалда чIвараб игIланалда хъван батана «ралъдал лъим чороклъун буго, чвердезе бегьуларо» абун. Жакъаги гьебго, ай гьединабго хъвай-хъвагIай тIад гьабураб игIлан гьебго бакIалда чIван буго. СМИяз гIемер бицунеб букIана МахIачхъалаялдаги Каспийскалдаги гьоркьоб канализациялъулаб коллектор балеб бугин, кватIичIого ралъдал лъим хъублъиялдаса бацIцIалъизеги бугин. Амма исанаги Роспотребнадзоралъ хIинкъизарулел руго ралъдалъ чвердезе бегьуларинги абун. Чвердезего бегьулареб ралъад нилъее щибизе?
КватIичIого Дагъистан туристазул Маккалъун лъугьине бугилан хIакимзабаз пулеб букIана, рачIинадай туристал хъубаб ралъдалъ чвердезе?!»
АсхIабовасул кагътида рорхулел ругел суалазул цIех-рех гьабизе нижеца байбихьана Роспот­ребнадзоралъул ДРялда бугеб управлениялдасан. Гьениб гьадин бицана: «МахIачхъала, Каспийск, Дербент, Избербаш шагьаразул ва Гъарабудагъкент района­лъул гIадамаз хIухьбахъи гьарулел пляжазда (рекреациялъулаб зона) нижер специалистаз санитариябгун гигиенаялъулаб цIех-рех гьабуна. МахIачхъалаялъул «Городской пляж», «Березка», «Прибой», «Джами», «Загородный», «Черные камни» пляжазул ралъдал лъел гьабураб цIех-рехаз бихьизабуна, гъоркьисаго гIадин, исанаги Каспий ралъдал лъелъ ругел заралиял бактериязул къадар букIине бегьулелдаса лъабго-ункъо нухалъ цIикIкIун букIин. Гьединлъидал кIудияб хIинкъи буго ралъдалъ чвердарал гIадамазде захIматал бакьазул унтаби рахиналда ва гьел тIиритIиялда.
Цересел соназде дандеккун, 2019 соналъул авалалдаса нахъе, Ма­хIачхъалаялда бакьазул унтабаз унтаразул къадар микьго проценталъ цIикIкIун буго. ТIоритIарал эпидемиологиял цIех-рехаз чIеза­буна 2018 соналъул июль-август моцIазда чехь-бакь унтаразул 60 процент ралъдалъ чвердеялдалъун ккараб букIин. Ралъдал лъим чороклъиялъе бугеб аслияб гIиллаги ккола гьоркьоса къотIичIого Каспий ралъдалъе чвахулеб бугеб канализациялъул хъублъи ва ракьалдасан чвахулеб чорокаб лъим. Щибаб къоялъ МахIачхъалаялдаса Каспий ралъдалъе чвахулеб буго 150 азарго куб. метр бацIцIад гьабичIеб, ай заралиял бактериял хвезаричIеб канализациялъул ва тIасан чвахулел хъублъаби.
МахIачхъала, Хасавюрт, Гъизилюрт, Гъизляр ва Южно-Сухокумск шагьаразул канализация­лъул хъублъаби рацIцIунел станциял чара гьечIого цIигьарун къачIазе ва гIатIид гьаризе ккола. Гьеб гуребги, пляжалъул ракь жидер жавабчилъиялда бугел шагьаразул ва районазул бутIруз, тIалабазда рекъон гьаризе кколел хIалтIабазде кьолеб кIвар буго гIей гьечIеб:
— гьечIо ралъдал лъеда ва салул даражаялда хадуб лабораторияб халкквей;
— тасдикъ гьарун гьечIо ралъдал лъедаса пайда босулел районал, низам ва магIишатиял хIалтIаби;
— рехун тун буго ралъдал лъел санитариял тIалабазда рекъон санитариябгун эпидемиологияб хIасилияб хIукму гьабиялъул хIалтIи.
ТIадехун рехсарабги хIисабалде босун, 2019 соналъул анкьабилеб июналда Роспотребнадзоралъул ДРялда бугеб управлениялъул бетIерав санитарияв тохтурас «О введении ограничительных мероприятий по запрещению купания в черте прибрежной полосы г. Махачкалы» абураб хIукмуялда гъоркь гъолбасана. Гьединго «О направлении материалов о нарушении санитарного законодательства для решения вопроса о возбуждении уголовного дела» абулеб хIукму битIана ДРялъул прокуратураялде».

Роспотребнадзоралъул управлениялъ хадубккунги кьварун халкквезе буго ралъдал лъеда, гьединго республикаялъул рекреациялъул зонабазул санитариябгун гигиенаялъулаб даражаялда хадуб. Низам хвезабурав чи, РФялъул законалда рекъон, тамихIалдеги цIазе вуго. 

Гьеб масъалаялъе гьадинаб баян кьуна тахшагьаралъул «Городской пляж» АОялъул директор МухIамадов Арсеница: «Ункъо-щуго соналъ цебе лъелъе чвахулаан канализациялъул рацIцIад гьаричIел хъублъаби. МахIачхъалаялъул бетIерлъун вукIарав Муса Мусаевасул буюру­хъалда рекъон, хъублъи цоги рахъалде буссинабуна, ай шагьаралъул канализациялде чвахизабуна. Жакъа нижер пляжалъул ралъдал лъимги салиги гIадамазул сахлъиялъе щибго хIинкъи гьечIеб хIалалда бацIцIадго чIезабун буго, хIухьбахъулелги гьелдаса рази руго. Я гъоркьиса, я исана чвердолезул чехь унтанилан цониги гIарз рагIичIо. Дунгоги щибаб къоялъ кIиго-лъабго нухалъ ралъдалъ чвердола».
Гьеб суалалда тIасан нижеца гара-чIвари гьабуна цо-цо хIухь­ба­хъулезулгунги. Масала, пенсионер ГIабдулаев ГIисаца бицана:
— Щуго-анлъго соналъ цебеги ралъдал лъим чвердезе гъира балареб куцалда чороклъун букIана, жибго пляжги кьишниялъул цIун букIунаан. Жакъа гьаниб гьеб ра­хъалъ лъалеб мадар лъугьун буго. Дун гьанив аскIовго гIумру гьабун вуго, гьединлъидал щибаб къойил радалги къасиги чвердезе ва физзарядка гьабизе гьаниве щола. Исана дида рагIичIо ралъад чорокаб бугин гIарз гьабулев чиги.
Южно-Сухокумскалдаса АхIма­дов МухIамадица бицана:
— Дица васасе рагIи кьун букIана лъикIал къиматазда цIалул сон лъугIизабуни, ралъад бихьизе вачине. Гьесие лъелъа къватIиве вахъинего бокьулеб гьечIо. ТIаде балагьун щибха лъалеб, амма ралъдал лъеда чIвазе гIайиб дида лъаларо. РакIалда буго бачIунеб анкьги ралъдахъ тIамизе.
Сургуталдаса ячIарай пенсионерка Нина Ивановалъ бицана:
— Астмаялъ гIакъубаялда унеб буго дир гIумру. Ралъдал гьаваялъ кумек гьабулин абун, тохтурасги малъун, ячIана дун гьание. Гьанив дида лъалев чиги гьечIо, гьелъ чадирги чIван, дун пляжалда гIумру гьабун йиго. Хинаб ралъдал цIамул махI бугеб бацIцIадаб гьаваялъги, тамахаб салиялъги, гвангъарал ба­къул къоязги дир унтиялъе лъалеб мадар лъугьунеб буго. Ралъдал лъим чорокаб бугилан нужеца бицунеб жо дида бичIчIуларо.
«Азия» турфирмаялъул директор МухIамад Жамаловас бицана:
— Дун вуго гIумруялъго туризмалда хIалтIулев чи. КъватIиса рачIарал туристаз тIоцебе ралъад цIехола, гьел рачIинахъе пляжалде гIедегIула. ХIакимзабаз, кIалдиб лъимккун, бицуна Дагъистаналда туристазе экскурсиязе гьадинал-додинал цIакъал бакIал ругилан. Гьеб буго гьадингосеб чун-чун харбал. Чорокаб ралъдахъе туристал рачIунаро. МахIачхъалаялда балеб канализациялъул коллекторги хIалтIилин, ралъдал лъимги бацIцIалъилин абураб божилъи букIана. Пайда щиб, гьеб анищ хIорго хутIана. «Исана Дагъистаналде рачIунел туристазул къадар цIикIкIана» абун СМИяздасан тIалъиялъ рицунел гьерсаздаса жалго хIакимзаби нечезе ккела.
Росприроднадзоралъул официалиял баяназда рекъон, щибаб соналда Каспий ралъдалъе рехулеб буго хъубал лъиназул 900 млн, МахIачхъалаялдаса — 250 азарго куб. метр чорокаб лъел. Гьединаб ралъдалъ чвердезе щив вачIинев, кинаб туризмалъул нилъеца бицунеб бугеб?
Жакъа МахIачхъалаялъул канализациялъул коллектор баялда унел ругел хIалтIабазул хIакъалъулъ гьадин бицана ДРялъул бакIал раялъул ва ЖКХялъул министерствоялъул коммуналиял инфраструктурабазул управлениялъул начальникасул заместитель Суфи-ГIумар Арслановас:
— 2006 соналда байбихьана гьеб коллектор базе. Гьеб базе биччан букIана ва хвезабуна 5063,39 млн гъуруш, гьелдасан 3015,61 млн гъуруш букIана федералияб бюджеталдаса биччараб.
Гьел сурсаталги хвезарун, 9,7 километр халалъиялъул тоннелалъулаб коллектор бана, ай тIуразаруна гьаризе кколел хIалтIабазул 65,5 процент. 2016 соналдаса нахъе гьеб объект базе биччалеб гIарац къотIизабуна. Федералияб программаялда гьоркьобе гьеб объект бачиналъул мурадалда тIоритIана коллекторалъул бан бахъараб бутIаялъул инструменталияб цIех-рех гьаби, гьелъул хIасилалда гьабун буго хадур тIоритIизе кколел хIалтIабазул сияхI ва тIубазабуна техникиябгун экономикияб хIужаби рачин.
«Институт «Ростовский водоканалпроект» АОялъул специалистаз халгьабуна коллекторалъул гьарун рагIалде рахъарал хIалтIабазул даражаялъухъ. Коллекторалъул базе хутIун буго жеги 5,1 км, гьеб хIалтIи рагIалде бахъинабиялъе къваригIуна 16 млрд гъуруш. Тоннелалъул щибаб 100 метралъул багьа гIага-шагарго 40 млн гъуршиде бахуна. Москваялъ халгьабулеб буго коллекторалъул документациялъухъ, хIадур гьабизе буго гьелъул проекталъулабгун сметаялъул документация. ХIалтIуде байбихьизе буго тIадеялъул, коллектор баялъул хIалтIи лъабго соналдасан лъугIизе ккола. Аслияб къагIидаялда гьеб коллекторалъ бацIцIине буго МахIачхъалаялъул Ленинский ва Советский районазул, гьединго Кировский районалъул цо гьитIинабго бутIаялъул канализациялъул чороклъаби. Гьеб районалъул хутIараб бутIаялъул канализация­лъулаб хъублъаби рацIцIиналъе базе ракIалда буго канализациялъул северияб коллектор.
Нури Нуриев