ЛъикIлъи бекьани, лъикIлъи бижула

Ингушасул баркалаялъулаб каламалъ рижизарурал пикраби

 

«Татарстаналдаса Ингушетиялде вачIунев вукIана дун. Калмыказул Элиста шагьаралде щвелалде, ай калмыказул салул авлахъалда машинаги хун хутIана. Гьеб букIана цIакъ багIарараб къоги. Къечонги вакъунги вугониги, ине бакIги букIинчIо. Сверухълъиялда букIинчIо цониги росу-къедго. Цо заманалда дида аскIоб лъалхъана ГАЗель машина ва, саламги кьун, гьелъул шоферас дида абуна щиб кумек хIажат бугебилан. Гьев вукIана дагъистанияв. Амма гьесда дун ингушав вукIин лъазе ресго букIинчIо, щайгурелъул дир машинаялъул номер букIана Россиялъул цогидаб регионалда хъвай-хъвагIай гьабураб. Гьединлъидал гьев лъалхъана дие, ай хас гьабун кавказалъуласе яги бусурбанчиясе кумек гьабизе гурев, кумекалде хIажатасе кумек гьабизелъун. Дица гьесие баркала кьуна ва абуна машина тIад лъезе эвакуатор ахIун бугин, дуе, бихьинчи, нух битIагийин.
Бащдаб сагIат ун букIун батиларо, дида аскIоб лъалхъана «Рено» маркаялъул машина. Рулалда нахъа йигоан чIужугIадан ва машинаялъур – гIисинал лъимал. ГьалъгIаги дие щиб кумек гьабизе бугебилан пикруги гьабулаго, дун гьелда аскIове ана. Гьей ятана калмыкай, Виктория. Гьелъ дихъе бегьана нигIматазул цIураб къвачIа ва абуна пуланаб ГАЗелалъул шоферас духъе кьейин битIанин гьабилан. КъвачIинибин абуни бугоан кванил нигIматалги цIорораб лъел шушбиги. Гьеб лахIзаталда жаниб дида кIочана дунго вугеб бакI, хвараб машина. Дир бадиб хулана магIу. Бихьулищха цо чиясул гIаданлъи, сахаватлъийилан ккана ракIалде.
ХIурматияв вац, дагъистанияв, гьаб дица хъвараб жо киб бугониги дуца цIалани, дуда лъай, дур вац ингушас Аллагьасда гьарулеб букIин дуе талихIаб гIумру. Дуца гьабураб лъикIлъи, гIаданлъи киданиги кIочон теларо ва гьедин гьабизе дицагоги хIаракат бахъила. Дуца дихъе кьураб лъикIлъиялъул цIураб эстафетаялъул гьаб тIилги цогидазухъе кьезе дица тIадеги босула. Гьебгиха, я миллата­лъухъ, я диналъухъ, я куцалъухъ балагьичIого.
Аллагьас алжаналъуб цIорораб лъедалъун къеч буссинабеги дур.
МухIамад Булгучев, Ингушетия».

Социалиял гьиназдаса тIибитIизабураб гьаб лъугьа-бахъин цIалидал, рекIее асар гьабичIев чи къанагIатги хутIун ватиларо. Цо дагъистанияс гьабураб гьитIинабго гIаданлъиялъ, хIакъикъаталдаги, жеги-жеги чIухIизабуна Дагъистанго. РакI бохана нилъ-дагъистаниял гьединал, иманги ияхIги чорхолъа лъугIичIел рукIиналдаса. Россиялъул телевидениялдаса кьолеб цо передачаялдаги, рикIкIа-рикIкIаде хьвадулел юк баччулел машинабазул шоферзабаз, гьебгиха гIурус миллаталъулаз абулеб букIана, нухда къварилъи ккун чIани, дагъистанияз гурони машина лъалхъизабуларин, 05 регионалъулас гурони кумекалъулаб квер бегьуларин. Гьеле гьединал руго нилъ. Нилъеда лъала гьабураб лъикIлъи кида-къадги тIадбуссун бачIунеблъи. Нилъеда лъала лъикIлъи гьабулел Аллагьасда кIочон толареллъи. Гьеле гьеб лъай буго чиясул унго-унгояб талихIги. ЛъикIаб иш гьабиялдалъун инсанас жин­диего гуребги, жамгIияталъеги пайда гьа­буле­лъулха.
Нилъеда гьоркьор гIезегIан руго ракьалда лъикIлъи бекьулел гIадамал. Амма гьединал рихьуларо, рихьизелъун, цIар рагIизелъун яги жидеего цо щиб бугониги щвезелъун гьединаз хIалтIиги гьабуларо. Гьез лъикIлъи бекьула Аллагьасе гIоло, гьединазул лъалкIги ракьалдаса киданиги тIагIунаро. Цо гIакъилав чияс хъвалеб буго дуде тIаде бегараб ургъел батани, мун пашманго ватани, хIалбихьейин къварилъиялда вугесе кумек гьабизе, вакъарасе тIагIам кьезе. Духъаго бажарулебщинаб гьабейила ва дуда бихьилила рекIее лъугьунеб бигьалъи. ХIакъикъат гьединаб буго, гьедин гьабуразда гурони гьелъул тIагIамги лъаларо. Мунагьазул бакIаб гьиргун ахираталде арай пуланай гIадан алжаналде арайила къечалъ холеб букIараб гьведуе лъим кьуралъухъ. Аллагьасе гIоло лъикIлъи гьабурав Аллагьасдаги кIочон толаро. Къуръаналда бугелъулха, БетIергьанасе лъикIлъи гьабулел рокьулин абун. ХIакъаб жо, захIмалъи-къварилъиялда хадуб гIатIилъи-бигьалъиги бачIуна. КигIанго цIакъ сордо халалъаниги, дунял рогьинчIогоги чIоларо. Рухьен къарабгIан гьеб тIечIогоги хутIуларо. МагIу хисула гьимиялъ, пашманлъи – рохалица. Гьаб буго тирулеб, хисулеб дунял. Кида-къадги щибаб жо рукIалиде ккечIого хутIуларо, къваригIунеб жо буго, Аллагьасде мугъчIвайги гьабун, гIицIго сабуралда рукIин. Сабуралъул тIиналдайин батулеб тIогьол майдан.
Щивав чияс хIаракат бахъизе ккола, сундухъго балагьичIого ракьалда лъикIлъиялъул мугьал рекьизе. Гьеб расги бигьаяб масъала гуро. Амма, лъица бугониги лимон кьуни, чакарги бан тIаде лъим тIуни, гьелъул лъугьуна гьекъезе гъира балеб гьайбатаб лъамалъи. Гьелъухъего, хIаракат бахъизе ккола, гIакълуялда квелъги бан, сабуралдаги чIун, тавакалалъул чодаги рекIун квешлъигицин лъикIлъиялде буссинабизе. Роза тIегьалъул хIобода рукIуна зазал. Амма гьелъул тIарада батула ракI тIаде цIалеб берцинаб тIегь. ТIадегIанав Аллагьасул Каламалдаги бугелъул­ха (магIна): «Цо щиб бугониги батизе рес буго нужер ракIкъалеб, амма гьеб буго нужее пайдаяб ва лъикIаб», — абун (2:216).
ХIабиб МахIатIов