Дагьлъун руго гIолохъанал учительзаби
Дагьлъун руго гIолохъанал учительзаби
РФялъул лъайкьеялъул министр Ольга Васильева:
«ГIаммаб лъайкьеялда цебечIун буго кIиго кIудияб масъала»
1. Улкаялда гIумруялде бахъинабулеб буго «Лъайкьей» абураб миллияб проект. Гьелъул аслияб мурад ккола дунялалдаго бищун лъикIаб лъайкьей бугеблъун рикIкIунеб 10 пачалихъалъул сияхIалда гъорлъ Россияги рехсей.
2. ГIемераб хIалтIи гьабизе ккана школалъул цIалул тIахьазда рукIарал гъалатIал ритIизарулаго.
3. Лъайкьеялъул рахъалъ масъалаби тIуразарун гIоларо. Кидаго берзукь чIезабизе ккола гIолеб гIелалъе тарбия кьейги. Гьелъие квербакъулеб алат ккола адабият. Нилъер лъималазухъа бажарулеб гьечIо цIалараб тексталъул хIакъалъулъ жидерго пикру загьир гьабун. 1984 соналда нилъер улка букIана функциялъулаб цIалиялъул рахъалъ тIоцебесеб бакIалда. Щибха гьелъул магIна? Пуланаб текстги цIалун, гьелъул магIнаял бутIабазул кьучIалда тезисал хIадур гьари – гьеб иш гьанже бажаруларо школалъул выпускниказул гIемерисезухъа. Гьединлъидал хIукму гьабуна функционалияб цIалиялде кьолеб кIвар цIикIкIинабизе. Регионаздаги байбихьана «Функциональная грамотность» абураб программа хIалтIизабизе.
4. ГIолохъанал учительзабазул къадар буго цIакъго дагьлъун – цо миллионгун 280 азаралда 582 учителасда гьоркьоса 5,5 процент гурони гIолохъабазул гьечIо. Школазе хIажат руго учительзаби. Бюджетиял бакIазда цIализе педагогиял вузазде вачIуна 63 азарго выпускник, школазде хIалтIизе уна 32 азарго. Гьединаб хIал букIиналъе гIиллалъун ккола мукъсанаб харж гуребги, школалда хIалтIизе хIинкъи букIинги. ГIолохъанал учительзаби школалде рачIиналъул мурадалда 2020 соналдаса нахъе байбихьизе буго «Земский учитель» абураб программа хIалтIизабизеги. Харжалъул базовияб бутIа бахинабизе ккола 70 проценталде ва 30 проценталде – гъирабазабиялъулаб бутIа. 20-ялдаса цIикIкIун соналъ бицунеб буго, педагогиял вузазде цIализе унин цогидал бакIазда цIалун бажаричIел гIолилалин абураб хабар. Гьединаб мехалда кинаб къадру букIинеб учителасул махщалил? Гьебго заманалда нилъер улкаялда буго учительзабазул хъизамазул 700 династия. Гьелъул хIакъалъулъ бицинего бицунаро.
5. ЦIиял школал разе кколел регионал гIезегIан руго. Аслияб масъала буго лъабго сменаялда цIалиялъе ахир лъей. Росабалъ школа ккола социалиябгун культурияб центр. Гьединлъидал кинаб батаниги школа къазе биччазе бегьуларо. РакIалда буго «Тарихазул школа» абураб проект гIумруялде бахъинабизеги материалиябгун техникияб рахъалъ школал хьезаризеги. Цо-цояз бицунеб буго дида ракIалда рагIулин школал къазе, учительзаби хIалтIи гьечIого тезе, чистописаниялъул бакIалда гIисинлъимал компьютералда нахъа чIезаризе. Гьеб буго кьучI гьечIеб хабар. БукIине буго хехаб интернет. Учительзабазе рес щвезе буго, шагьаралдаса рикIкIадаб росулъ хIалтIулев вугониги, Интернеталъул кумекалдалъун машгьурал методиказдаса пайда босизеги, цIали пайдаяблъун гьабизеги.
6. ЕГЭялъул къокъаб хIасил хисизабизе бегьула. Амма тIубанго гьелдаса инкар гьабизе гьечIо.
7. ЦIалул программаби камил гьариялдаги лъайкьеялъул стандартал цIигьариялдаги цадахъго хIажат буго педагог цеветIезавиги. Гьединлъидал миллияб проекталъул бутIалъун гьабун буго «БукIинеселъул учитель» абураб федералияб проектги.
Малвина МухIамадова